ВатIаналъул гъотIол гьитIинаб гIаркьел

ГIажаибаб жо буго гIумру. Нилъеца кидаго гуро хIисаб гьабулеб гIумруялъул сухъмахъазда кколел лъугьа-бахъиназул байбихьиялъул ва гьезул бухьеналъул. Лъимерлъиялда рукIарал цо-цо лъугьа-бахъинал, кIудиял гIедалги такрарлъула, загьирлъула…

Жакъа гьаб макъала хъвалаго, дунги тIадвуссунев вуго дирго лъимерлъиялде.

2011 соналъул сентябрь моцI. Щуабилеб классалдеги рахъун, гьанже кIудиял гIунин абураб пикруялъ куркьбал гъурал ниж. РакIалда буго тIоцебесеб классалъул сагIат (классный час). Нижер классалъул нухмалъулей Лаюза ХIусеновналъ, нижергун лъай-хъвайги гьабун, щивасда гьикъана, кIудиял гIедал, кинаб махщел тIаса бищизе къасд бугебилан. Гьеб параялъ щивас цеве чIезавулев вукIана живго тохтурлъун, учительлъун, инженерлъун… БитIун бицани, доб мехалъ, жакъа гIадин, гIемер гIарац щолел хъулухъазул пикруго гьабулароан лъималаз. Цебесан киназдаго гьикъулаго, ирга щвана классцояв Камилиде.

— Лаюза ХIусеновна, дир кIудияб анищ буго тохтурлъун вахъине. Дица цевечIезавулев вуго дунго — хъахIаб халгIатги ретIун, унтарасе дару-сабаб гьабулев. Унго, тохтурасухъа гIадамасе гьабун бажарулеб лъикIлъи. Гьесул хIеренаб каламалъгицин унтарасул бокьараб ругъун сахлъулеб батила. Дие цIакъ бокьун буго гIадамазе пайдаявлъун вукIине. Цощина щиб букIаниги унтани, нужги бищун цере дихъе, тохтур ХIажидадаевасухъе рачIинарищха, — ян махсараги гьабуна гьес.

Киназго жидерго анищал, хьулал гьурщун рахъиндал, Лаюза ХIусеновналъ гьабураб хитIабги кIочонаро:

— Дир хириял лъимал! ТIаса бищулеб махщел букIине ккола бищун цебе нужеего бокьулеблъун. Нужерго хIалтIулъ бищун аслияб масъалалъун букIине ккола нужерго хIалтIудалъун гIадамазе бажарараб пайда гьаби. Гьеб мехалъ нужер хIалтIиги цебе уна, гIадамазда гьоркьоб къадруги букIуна, — ян абуна гьелъ.

Гьелдаса хадуб чанго моцI ун букIана. Авар мацIалъул ва адабияталъул мугIалим Сидрат Гъазиевналъ абуна, ЦIадаса ХIамзатил юбилеялъе сайгъат гьабураб рагьараб дарс тIобитIизе ракIалда бугин ва гьенир гьесул асараздасан батIи-батIиял сценкаби лъезе ругин абун. Ролал рикьа-къотIулелъул, гIемерисез (бищун цебе дицаги) рищана кополал героязул рагIаби. Гьоркьосаго Камилица абуна, жиндие бокьилин ХIамзатил «Эменги васги – рухIги ВатIанги» асаралда рагъде унев васасул роль хIазе.

— Цониги тохтур гъорлъ вугеб асарги гьечIо аниб, гьединлъидал, дида берцин бихьула ВатIан цIунизе унев васасул роль. ВатIан цIунизе щвей – гьеб кIудияб даража буго, — ян тIадеги жубана гьес.

Рагьараб дарсиде гIезегIанго гьалбалги рачIун рукIана. Нижеца ролал хIалеб куц бихьун гьел цин релъулел рукIана, цинги гъваридго ургъалилъе кколаан. Амма «Эменги васги – рухIги ВатIанги» абураб сценкаялъ бадиб магIу ххулизабичIев чи гьеб къоялъ хутIун ватиларо. Гьелдаса хадуб КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазулгун букIараб дандчIваялдаги бихьизабун букIана гьеб сценка. Дида ракIалда руго, жакъа чIаго гьечIел ветераназ доб мехалъ нижеда абурал рагIаби:

«Рагъул темаялда хурхараб кинаб букIаниги асар цIалидал яги гьелдасан лъураб сценка бихьидал, нижер пикрабалъ паркъола дол кьогIал рагъул сонал. Нижер щибго щаклъи гьечIо, кIудиял гIедал, къо ккани нужги ВатIаналъул парахалъи цIуниялъул мурадалда борчун ярагъгун къватIире рахъиналда. Амма тIокIалъ киданиги, кибениги тIадбуссунгеги рагъул махI. БетIергьанас нуж, гIун бачIунеб гIел цIунаги гьелдаса», — ян.

Ралъдахъе гIедегIараб гIор кинниги роржун ана сонал. Нижецаги нижерго анищазухъе гьабуна роржен. ГIумруялда кинабго нилъее бокьухъе кколарелъул, нижерги киназулго гуро доб мехалъ анищалъ ургъун букIанщинаб гIумруялде бахъараб. Тохтурлъун вахъине анищ букIарав Камилги гIумруялъ батIияб нухде ккезавуна. Гьес лъугIизабуна ДГТУялда цебе бугеб колледж. ГIемераб мех балалдего ана тIадаб борч тIубазе – армиялде.
Цо къоялъ гьес бицана, жинца СВОялде ине рапорт хъванин.


«Жакъа дир гIемерисел гьудулзаби гьенир ругеб мехалъ, гьанив чIезе ракIалъе къабуллъулеб гьечIо. Дун ракIалъ гьениве ахIулев вуго. Бокьун буго ВатIан цIуниялъулъ диргоги цо бутIа лъезе», — ян абуна Камилица.
РакIалде щвана доб заман: гIадамазе пайдаявлъун вукIине гьесул букIараб къасд, «Инсулгун гара-чIвариялда» доб мехалъгицин гьесулъ букIараб таваккал.

ВатIан буго, эмен, улкаялъул рухI,

Нилъго кьойид гьарун, кьезе рекъелищ?
Кьалда хвечIони, чи хола бусада, —
Халкъалъул ракI регьун чIезе бегьилищ?..

Гьениб гьес бана ичIго моцI. Ва цо нухалъ гьес дида абуна:
«РикIкIада ругеб мехалъ, цIакъго къимат лъалеб букIун буго нилъерго гьитIинаб ВатIаналъул. Дир ракI щун буго гIазул тIагъур лъураб ГIакаро-мегIералдеги, кьабураб цIалалъ, «боржун» унеб чу гIадин чвахулеб Тоботалдеги. Бокьилаан цIидасан школалдеги тIадвуссун, нилъер учительзабазул дарсазухъ гIенеккизеги. Дида гIемерха ракIалде щолел гьезул малъа-хъваял», — ан.

ВатIаналде ракIги лъун вугев гьудуласе дица битIана миллияб байрахъги мугIрулги тIад рахъараб футболка. Гьенир хъван рукIана гьадинал рагIаби:

«ТIингъилъеги къулун херав инсуца
Гьав ахIмакъ кисаян цIехезе чIоге», — ян.

Гьеб тIад ретIараб мехалъ, рокъове тIадвуссанин кколеб бугин жиндаян абуна гьес. Ва гьале – дагьалъ цебе гьев мустахIикълъана «За отвагу» медалалъеги. Медаль каранда барав Камилил сурат битIидал, классалъул нухмалъулей Лаюза ХIусеновна дихъе кIалъан ячIана.
«Цереса ун чан сон баниги, нужер, анкьго соналъ дида цере рукIарал лъималазул ургъел камун йикIунаро дун. Жакъаги дуца гьеб сурат рехун бачIиндал, дир
бадиса магIил гарал гирун рачIана. Гьеб буго чIухIиялъул, йохиялъул асар. Дида, щаялиго, бищун цебе ракIалде щвана доб «Эменги васги – рухIги ВатIанги», — ян абуна гьелъ.
Лъидаха доб мехалъ ракIалде ккун букIараб доб асаралъ Камилил гIумруялдаги лъалкI телин абун.

МухIамад МАНАПОВ