Жакъа цебе чIезабизецин захIмат буго ток гьечIеб гIумру. Цебейин абуни къаси мехалда росаби рукIунаан бецIлъиялъ ханлъи гьабун, бадиб жо тунканиги, щибго бихьулареб куцалда. КIудияб къваригIел ккани гурони, руччаби къватIире рахъунароан, рахъине ккани, канлъи бихьиялъе гьезухъ букIунаан я бакараб кан яги тIилада бухьараб туртида бакараб цIа. ЦIер къачIел нартил чирахъазул загIипаб канлъуца тIуран мадугьалихъ ругел росабазул...









