ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев, жиндирго кIиго заместительгун, 12 министргун ва РФялъул Пачалихъияб Думаялъул лъабго депутатгун цадахъ щвана Казбек районалде. 13 маялда рехсараб районалда хIукуматалъул бетIер ГI. ГIабдулмуслимовас тIобитIараб данделъиялда гьоркьор лъуна Бур- тунай, Алмахъ, Дилим, Гуни, Гъостала, Инчха росабалъе лъим бачиналъул, районалда туризм цебетIезабиялъул, бакIал раялъул, нухал гьариялъул, хасаб тIагIамалъул цIибил бижулеб «Инчхаялъул авлахъалда»...
