Хунзахъе сапар

 

    27 июлалда ДРялъул ХIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас са- пар бухьана Хунзахъ районалде. ТIадеялъул Расул ХIамзатовас 100 тIубаялъул тадбиралде хунз кин хIадурлъулел ругелали халгьабизе, республикаялъул нухмалъулев Сергей Мелико- васул тIадкъай тIубазе вачIун вукIана гьев тIалъиялде.

 

  ГI. ГIабдулмуслимов щвана ЦIада росдада цебе бугеб «ХъахIал къункъраби» абураб мемориалияб комплексалде. Гьениб хал-шалги гьабун, юбилеялъул соналде хIалтIаби гьарун лъугIизе кколин лъазабуна премьерас. ТIаде рачIарал гьалбадерица лъикIаб къимат кьолеб хIалалда къачIан букIине кколин комплексилан абуна гьес.

   Цинги хIукуматалъул нухмалъулев щвана ЦIадаса ХIамзатил букIараб минаялъуве. 1960-абилел соназдаго гьелъие кьуна музеялъул статус. Машгьурав шагIирасул лъимерлъи жаниб араб минаялъ кIудияб асар гьабуна ГIабдулмуслимовасе. Минаялъул гъоркьарокъор цIунун руго ЦIадаса ХIамзатил рукIарал хIалтIул тIагIел-алатал – тIимугъ, буртина, цIулал манги, сандукI, пуруц-рукь, чода нахъа балеб гьоко ва гьеб гуреб цогидабги буго гьениб.

   ТIасияб тIалаялде рахиндал, рагъи цIун руго батIи-батIиял соназда рахъарал Расулил ва гье- сул гIага-божаразул суратал. Къеда чIван руго КIудияб ВатIанияб рагъдаса руссинчIел Расу- лил кIудиял вацал МухIамадил ва Ахилчил суратал. ЦIорол рамкаялда жанир цIунун руго рагъдаса гьез ритIун рачIарал кагътал.

  Гьеб киналъго асар гьабурав ГI. ГIабдулмуслимовас абуна Расул ХIамзатовасул юбилей нилъеца кIодо гьабизе кколин цогидаз мисал босулеб куцалдайилан.

  Гьебго къоялъ республикаялъул премьер щвана чанго къоялъ цебе Оренбургалдаса туристазул машина гъоркье араб ЦIолбокь рагIалдеги.

  Гьелъул гIайиб нужедаги бугин абуна ГIабдулмуслимовас районалъул нухмалъиялъе бадибчIвайги гьабулаго. Жиндир заманалда кьурул рагIалда галан ялъуни къед гьабун букIарабани гьединал ишал ккечIого хутIизе бегьилаан. Туристазе шартIал чIезаризе кколеблъиялъулги бицана гьениб.

  Украинаялда тIобитIулеб хасаб операциялда гIахьаллъулаго къадаралде щварал Хунзахъ районалъул рагъухъабиги ракIалде щвезаруна ахиралда.