Бигьаяб къагIида

 

  Банкалъул карточкаялъул кумекалдалъун гIарац кьолеб къагIида гьабизе ракIалда буго лъагIалил ахиралде 500 маршруткаялъуб. ГьабсагIаталда гьединал аппаратал рекъезарун руго 103 маршруткаялда жаниб. Гьелъул кIудияб квегIенлъи букIине бугин пассажиразеян бицана республикаялъул Транспорталъул министерствоялда.