ЦIумазе бокьула зодил борхалъи…

 

Дунги, гIолохъанав магIарул поэт,

РикIкIаде воржине хIинкъун вукIана,

ХIал лъалареб барти лъалхъилин хIинкъун,

 ХIалихьатав гьудул велъилин абун.

ХI. ГЪАЗИМИРЗАЕВ

Араб анкьалда МахIачхъалаялда Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда тIобитIана машгьурав шагIир ХIажи Гъазимирзаев гьавуралдаса 95 сон тIубаялъе сайгъат гьабураб тадбир.

Иргадулаб нухалдаги данделъана магIарулал миллияб адабияталъул гъасде. Гьаб нухалда – жиндир гIемерисел кучIдул сариназде сверарав ХIажил шигIрияб дунялалде. Гьекъон къеч хьваларел гьесул шигIрабазул иццул гьацIул тIагIамалъул лъим цоги нухалда гьекъезе.

Дандеруссин байбихьана «Рилълъа, ясал, магIарде» абураб махсародул кочIодасан. Цинги киназго цадахъ ахIана «МугIрул вехьасул кечIги».

— Бокьулеб мугIрул халкъ, нужер божелгун

Дун кочIол ралъдалъе гъорлъе лъугьина.

Гъанкъулев вугони, данде квер бегье,

РагIалда вихьани, гъорлъегIан рехе.

Амма шагIирас шигIрияб ахикь чIараб тIоцебесеб гъотIол пихъ цIакъго тIагIамлъана халкъалъе. Гьеб гъветIалъ кьалбал риччана магIарулазул пикрабазулъе. Жакъаги гьалделеб буго ХIажил шигIрияб улка. Гьенире гьоболлъи бана магIарул машгьурал кочIохъабаз, гьез ирсалъе кьуна магIарул жакъасел кочIохъабазухъеги ХIажил кочIоде бугеб хIасратаб рокьи.

КIалъазе рахъарал Шамил МухIидиновас, МухIамад МухIамадовас, ГIайшат ГIалиевалъ, ГIайшат Малачиевалъ, Париза Гереевалъ, Баху МухIидиновалъ, Закария-хIажи Хамаговас бицана жидеего ХIажил асараз гьабулеб асаралъул хIакъалъулъ. ЦIалана гьесул кучIдул.

Тадбиралде рачIаразги кIудияб гIахьаллъи гьабуна. Щивасе бокьун букIана шагIирасул кучIдул цIализе ва жидерго гьесул шигIрабазде бугеб рокьи загьир гьабизе.

КучIдул цIалана газеталъул хIалтIухъаби Ашахан Юсуповас, МухIамад Манаповас, шагIирзаби ТIагьират Жаватхановалъ, Рукъият Асадулаевалъ, ГIарада гьоркьохъеб школалъул цIалдохъабаз ва гьелгун цадахъ байрамалде ячIун йикIарай гьеб школалъул учитель Асият ХIусеновалъ ва цогидалги гьалбадерица.

Дандеруссиналъе хасаб берцинлъи кьун букIана Гъазимирзаевасул рагIабазда кучIдул ахIарал Чаран СултIанбеговасул, ХIажи АхIмадовасул, Даку ХIажиевасул, АхIсарат ХIайбулаевалъул, Умакусум МухIамадовазул церерахъиназ.

Гьединго дандеруссиналда гIахьаллъизе ячIун йикIана Хунзахъ районалъул лъай кьеялъул управ- лениялъул начальник ПатIимат ХIамзатоваги.

Данделъиялъул байбихьуда ХIажи Гъазимирзаевасул гIумруялъул ва творчествоялъул хIакъалъулъ къокъаб баян кьуна библиотекаялъул гIагараб ракь лъазабиялъул отделалъул нухмалъулей ПатIимат МуртазагIалиевалъ.

Гьебго отделалъул хIалтIухъан ПатIимат ХIажиевалъ гIуцIун букIана шагIирасул тIахьазул ва гьесул асарал рахъарал журналал-газетазул выставкаги.

ЛъугIана ХIажи Гъазимирзаевасул шигIрабазе сайгъат гьабураб гьитIинабго байрам. Амма абадиялъ лъугIизе гьечIо киназего вокьулев шагIирасул кочIол чвахи.

— Поэтал мехтула рокьул мехтелалъ,

 Улкаялде бугеб гучаб гIищкъуялъ,

ТIолабго дунялги гьаб махлукъатги

 Каранде бачине бугеб хIасраталъ…

Авар поэзиялъул зодихъ цIумлъун буго жакъаги ХIажи ГIазимирзаевасул шигIру.