Риидал чвердей хираго чIезехъин буго

 

Анкьида жаниб республикаялда гъанкъана 14 чи, гьездаго гьоркьор гIисинал лъималги.

   МЧСалъул хIалтIухъабаз цIодорго рукIайин халкъалде хитIабал гьаруниги, гьелгощинал чагIи гъанкъана цо анкьида жанир республикаялда. МахIачхъалаялда, Дербенталда, Гъизилюрталда, Унсоколо ва Гъарабудагъкенталда ккана гьел пашманал лъугьа-бахъинал.

Риидалил гьаб араб заманалда жанибин абуни 29 чи гъанкъун вуго. Гьезда гьоркьоса 11-ял ккола лъимал.

   Газеталъул цебесеб номералда хъван букIана ралъдалъ чвердолаго гъанкъарал санаде рахинчIел кIигоязул хIакъалъулъ. Гьел рукIана вацгIалги яцгIалги. Гьаб нухалъ къадаралде щваразда гьоркьорги руго гьединалго лъимал.

Лъималазул хвел гIемерлъулеб буго республикаялда. Газеталъул чанго номералда хъван букIана жалго жидецаго лъимал чIваялъул хIужаби гIемерлъулел ругиланги. ЕГЭ сабаблъун жидерго гIумруялде квер борхана гьез.

    Гьанже лъелъ гъанкъун холел руго гIолилал. Цоялдаса цояб кьогIаб гурони рагIулеб гьечIо хабар. Цо анкьида жаниб 14 гIумру гIажалалде щванин абураб тарих гьитIинаб жо гуро. Киназего бокьула рии тIаде щведал ралъдахъе рорчIизе, цIорораб лъелъ чвердезе.

   Республикаялъул гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ министерствоялъ (МЧС) цоги нухалда хитIаб гьабулеб буго халкъалде. Агъаз гьечIого, тIаса квер босун нужерго лъимал ралъдал рагIалда ва хIорида аскIор тогеян абун. РекIкIаб, квер рес бакI гьечIеб бакI буго ралъадги кьуруги. ГурхIуларо гьеб гIадамил лъимералда. Гьари буго киназдего, нужерго лъималазда хадуб халккве, чвердезе аралъур цIодорго рукIа. Воре, нужгоги нужерго лъималги цIуне.