Кавказ! Балагье мун, дир Дагъистаналъ Огъохъатиниб лъун зодой борхараб, Дур пикруялъулги чIухIиялъулги ЧIагояб матIудахъ! Бакъ щолеб буго! Гьедин хъвана магIарулазул гьунар тIокIав шагIир ГIумархIажи Шахтамановас «ГIандадерил хIор» абураб жиндирго кочIолъ. Гьеле гьеб «чIагояб матIуялъухъе», гIандадерил хIорихъе, «ГIандадерил буртина» абураб фольклорияб фестивалалде ракIарун рукIана 30-31 июлалда гIемерал магIарулалги чачаналги. ГIандадерил ясал, салам нужеде, Нужеца...

