ХIикмалъабазул дунялалде сапар

 

   Москваялда бугеб рахьдал мацIазул федералияб институталъ санайил лъазарула рахьдал мацIал церетIезариялъул мурадалда батIи-батIиял конкурсал. ТIобитIана гьединаб конкурс исанаги. ТIолгороссиялъул гьеб конкурсалъул «Рахьдал мацIалъул кумекалдалъун – хIикмалъабазул дунялалде» абураб номинациялда гIахьаллъарай дие регионалияб этапалда щвана тIоцебесеб бакI. ХIалтIи битIун букIана федералияб этапалде. Гье- ний дун яхъана лауреатлъун. Дидаго цадахъ Москваялде шапакъатал кьезе ахIун рукIана цоги батIияб номинациялда регионалияб этапалда бергьарал МахIачхъалаялъул №42 школалъул дарги мацIалъул учитель Зубайда ХIусейнова, авар мацIалъул учитель Алжанат МухIамадова ва Хасавюрт районалъул ЦIияб Костек росулъа Пирдавус ГIалиева.

   Гьезул букIана цадахъаб проект. Ва Дагъистаналдаса учительзабазе щвана тIоцебесеб бакI. Гьединго нижер цадахъаб церерахъиналъе тIадегIанаб къимат кьуна конкурс гIуцIараз. ГIолохъанал учительзабаздаги абилаан дица гьединал тадбиразда гIахьаллъейилан. Гьездаса гIемераб пайда букIуна хIалтIулъ. Баркула ишцоязда тIадегIанаб бергьанлъи ва гьарула хIалтIулъ бергьенлъаби.

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА