Сунда тIасан хабар гьабуниги, тIубараб къоялъ аскIор рукIаниги, чIалгIунареб каламалъул чи вуго Шамил МухIидинов. ТIахьазги оргтехникаялъги сверун ккураб гьесул рокъоб жеги таманал сагIтал разе рукIун ратила, квен цIоролеб бугилан Шамилил лъади ПатIимат жание яккичIейани. Советияб заманалда кIиялго директораллъунги рукIана гьел: Шамил МухIидинов – БакьайчIи росдал школалъул, ПатIимат – халичаби рессулеб фабрикаялъул. Цинги...

