ДРялъул бетIер Сергей Меликов дандчIвана Дагъистаналъул журналисталгун, блогералгун ва жамагIатазул вакилзабигун. Гьес жавабал кьуна республикаялда ккарал балагьал лъугьа-бахъиназда сверухъ рижарал суалазе. «Нилъеца гьабизе кколеб хIалтIи цIакъ гIемер буго. ЧвахунцIадаз ракьал ччукIизарулел руго батIи-батIиял районазда. Гьелде тIадеги, ккана гIаздал гIансиял тIеялъул лъугьа-бахъиналги», – ян бицана С. Меликовас, данделъи рагьулаго. Республикаялъул нухмалъиялда цебечIараб аслияб масъалалъун гьес рехсана...








