Новость на родном

Рахьдал мацIалъул гIумру хъизамалда тIегьала

РорчIами, лъимал! Гьадин байбихьула дица щибаб къо… Гьалеха жакъаги ине йиго школалде, лъималазе авар мацIалъул дарсал кьезе. АнцI-анцI бер балагьун буго дихъ. ЦIакъ бокьун буго рахьдал мацIалъул хIикматаб ва балъголъаби гIемераб дунялалде гьелгун цадахъ сапар бухьине. Шагьаралъул хIеренаб ва недегьаб кваркьидакь гIун рачIунел ругел гьезухъа бажа­риладай магIарухъе унел сухъма­хъаз­дасан доре мугIрузухъе гьобол­лъухъ щвезе, гьенир борхалъуда...

Новость на родном

Ругьунаб ва пайдаяб нигIмат

РФялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ щивав чияс лъагIалие кваназе хIажатаблъун ва пайдаяблъун рикIкIунеб буго гьанал 73 килограмм. ХIакъикъаталдаги Россиялда кваналеб буго 83 килограмм (гьелда гьоркьоб аслияблъун ккола абизегIанасеб пайда гьечIеб гIанкIуязул ва болъоназул гьан). Бищун цIикIкIараб къадар чIегIербоцIул гьанал кванала Аргентинаялда (46 кило), болъоназул гьан — Хорватиялда (57,4 кило), гIи-цIцIаназул — Монголиялда (68,5 кило). Дагъистаналда кваналеб...

Новость на родном

КъотIун гьечIо жегиги кьурабалъ дандерижи…

Чачаналгун аварал жинда хадур рилълъарав Имам Шамил накълулъаралдаса исана тIубала 155 сон. БакъигIалъул хабалалъ аварагасул инсул вацгIал ГIабасида аскIоб ахирисеб руссен батарав Кавказалъул лъабабилев имамас гьаб дунялалъулгун къо-лъикI гьабуралдаса гьебгощинаб мех ана. Чанги лъим чвахана ГIанди ва Авар гIоразухъан Каспий ралъдалъе. ГIемерал лъугьа-бахъинал ккана гьебгощинаб заманалда жанир. ГIемерал тIадчагIи хисана, чIвана, ана, лъугIана. Гьезул гIемерисезул...

Новость на родном

Зикрула Ильясов: «Халкъазул цолъи — гIумруялъул роцен»

Дагъистаналъул халкъияб собраниялъул сессиялда ДРялъул бетIер Сергей Меликовас Россиялъул халкъазул цолъиялъул лъагIел байбихьиялъул хIакъалъулъ гьабураб хитIабалда тIаса пикру загьир гьабуна «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовас. Гьес ракIалдещвезабуна батIи-батIиял соназда Дагъистаналъул халкъал цадахъ рекъон захIмалъабазба данде къеркьеялъул, хIажалъи ккараб бакIалда улкаялъулго халкъазул цолъиялъул ва гъункиялъул хIакъалъулъ. «Россиялъул президент В. Путинил указалда рекъон, 2026 сон...

Новость на родном

«ЧIагояб классикаялъ» ахIулел руго

Салам, хIурматиял магIарулал, «ХIакъикъат» газеталъул гьудулзаби, авар мацIалъул учительзаби, рахьдал мацI бокьулел лъимал ва чIахIиял! Цоги нухалда баркула нужеда тIаде щвараб цIияб сонги. Баркат-рахIмат гIемераб батаги. ГIемерлъаги нилъеда гьоркьор магIарул мацIги, тарихги, адабиятги бокьулел магIарулал. Гьайгьай, нужер кумекалдалъун газеталъул гIадатлъун лъугьун буго санайил «ЧIагояб классика» фестиваль-конкурс тIобитIи. Исанасеб фестиваль сайгъат гьабизе буго магIарул прозаялъе, ай...

Новость на родном

Гриппалъул «гьужум»

РФялъул Роспотребнадзоралъул баяназда рекъон, регионазда тIибитIун буго грипп унти. Тохтурзабазги абулеб буго февраль моцIалда гьеб жеги хIалуцине бегьулиланги. ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялдаса щварал баяназда рекъон, жакъа Дагъистаналда гриппалда данде прививка гьабун буго 510 азарго чиясе. Планалда буго халкъалъул 45 проценталъе, ай миллионгун 370 азарго чиясе прививка гьабизе. Гьенибго бицухъе, 2025 соналъул декабралда Дагъистаналда гриппалъ унти...

Новость на родном

ГIабдухIалим МАЧАЕВ: «Кири бугеб ишалде вуссине щвей буго дир талихI»

Гьал къоязда ниж щвана «ГIазим» абураб гурхIел-рахIмуялъулаб фондалъул генералияв директор, гьелъул учредителазул цояв ГIабдухIалим Мачаевасухъе. Фондалъул хIалтIул хIакъалъулъ бицун гьабуна гьесулгун гара-чIвари. Гьес чанго соналъ нухмалъи гьабуна Гъуниб районалъе, хIалтIулев вукIана Дагъистаналъул ЖамгIияб палатаялъул нухмалъулевлъун, вукIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун. — ГIабдухIалим, мун гIемерал соназ хIалтIана нухмалъиялъулал хъулухъазда. Кин ккарав гурхIел-рахIмуялъулаб ишалде, кин ва лъида...

Новость на родном

Рагъул гъугъай къотIиялде хьулалда

Гьал къоязда нижехъе гьоболлъухъ вачIана хасаб рагъулаб операциялъул (СВО) гIахьалчи Мурад Багьилов. Гьев ккола Гъуниб районалъул Къорода росдал школалъул директорги. РФялъул президент Владимир Путиница мобилизация лъазабураб мехалда, гьеб ахIуе жаваб кьуразул тIоцересезул кьерда вукIана Мурадги. — ГьабсагIаталда нуж кинаб бакIалда ругел, Мурад? — СВОялде аралдаса, ай 2022 соналъул 24 сентябралдаса нахъе дун вукIана Запорожье областалда....

Новость на родном

ГIабдурашид – CШАялъул лигаялда

Олимпиялъул хIаязул кIицIул чемпион, ГIабдурашид Садулаевас контракт хъван буго ReaI American freestyIe (RAF) абураб спортивияб гIуцIигун. RAF ккола СШАялъул цIакъ ссиялда бугеб эркенаб гугария­лъул гIуцIи. Цере рукIарал спорт рехун тарал ва гьабсагIатги церерахъунел гугарухъабазги жубараб речIчIухъанлъиялъул спортсменазги гIахьаллъи гьабула гьелъул къецазда. Гьесул дебюталъулаб тIоцебесеб цевевахъин букIине буго исана маялда. Мамиашвили пашманлъана, Фетисов разилъана Олимпиялъул хIаязул...

Новость на родном

ХӀакимчи, жамгӀияв хӀаракатчи, хъвадарухъан

Цо нухалда магӀарухъа тахшагьаралде ячӀарай курсцояй Заираца дида абуна, жидер росулъе вачӀун вукӀарав Зикрула абулев министрас жиндихъе ахӀун йигин, цадахъ йилълъаян. «Багъатар ХӀажиевасул хӀакъалъулъ баянал ругила жиндихъан абуна гьес. Дарсида цӀакъ хӀажат буго дие гьеб материал», – ин тӀаса йичӀичӀо гьей. Тахшагьаралъул администрациялъул минаялда бугила гьесул кабинетги. Унго-унгояв магӀарулав вугила, щвезе кколиланги бицун, ана аслияб...