ДРялъул бетIер Сергей Меликов дандчIвана Дагъистаналъул журналисталгун, блогералгун ва жамагIатазул вакилзабигун. Гьес жавабал кьуна республикаялда ккарал балагьал лъугьа-бахъиназда сверухъ рижарал суалазе.
«Нилъеца гьабизе кколеб хIалтIи цIакъ гIемер буго. ЧвахунцIадаз ракьал ччукIизарулел руго батIи-батIиял районазда. Гьелде тIадеги, ккана гIаздал гIансиял тIеялъул лъугьа-бахъиналги», – ян бицана С. Меликовас, данделъи рагьулаго.
Республикаялъул нухмалъиялда цебечIараб аслияб масъалалъун гьес рехсана къварилъи ккарал гIадамазе кумек гьаби. «Цереккун гьадигIан гIемер цIадал рачIо ва кIудияб заралги гьез гьабичIо, гьединлъидал ругьунаб къагIидаялъ хIалтIи гIуцIун бажаруларо», — ян абуна гьес.
ТIоцебесеб иргаялда С. Меликовас бицана гIарцул кумек гьабулеб къагIидаялъул хIакъалъулъ. Къварилъиялде ккаразе, рухI рикIкIун, щивасе кьезе буго 15675 гъурущ. Рукъалъул къайиялъул пуланаб бутIаялдаса махIрумлъаразе – 78 735 гъурущ, тIубанго къайи гьечIого хутIаразе – 156 750 гъурущ. Сахлъиялъе кIудияб ва гьоркьохъеб даражаялъул зарал ккаразе бихьизабун буго 627 азарго гъурущ, дагьа-макъабго зарал ккаразе – 313 500 гъурущ. Балагьалъукьеги ккун, хварав чиясе цо миллионгун 567 азарго гъурущ. Гьеб къадаралда кумек гьабулеб буго Россиялда чIезарурал нормативазул кьучIалда. РецIалил гIарац кьола «Госуслуги» порталалдаса хитIаб гьабун хадуб. Гьелъухъ халгьабизе ва баянал мухIкан гьаризе чIезабун буго 11 къо. Ккараб заралалъул хIисаб гьабула муниципалитетазда гIуцIараб хасаб комиссиялъ ва гьебго комиссиялъ хIадурула кумек щвезе кколел гIадамазул сияхIги.
С. Меликовас хасаб кIвар буссинабуна нилъерго гIадамаз цоцазеги Россиялъул регионаз нилъееги гьабулеб кумекалде. Масала, Оренбург областалъул губернаторас хехаб къагIидаялда Дагъистаналде витIана МЧСалъул 10 хIалтIухъанги гуманитарияб кумекги. КIиго соналъ цебе рехсараб областалъул Орск шагьаралде лъим кIанцIараб мехалда тIоцере гьенире щвана Дагъистаналъул волонтерал.

ТIабигIияб балагьалъул заманалда С. Меликовасде гъегъ балелги дагьал рукIинчIо. Гьеб ДРялъул бетIерас рикIкIунеб буго «учузаб хайплъун»: лъугьа-бахъунеб жоялъул мухIканлъи лъачIого, бугеб хIалалъул захIмалъи хIисабалде босичIого, жидеего цIар-рецц гьабизе бокьилъун. «Рес гьечIо жакъа къоялда кьучIаб критика букIине. Щивас жиндихъа бажарухъе хIалтIи гьабулеб буго — спасателазги, волонтеразги, блогеразгун мадугьалзабазги. Нилъер цо-цо гIадамал ругьунлъун руго, щиб кканиги, бищунго лъикI хIакъикъат лъалеллъунги хIан, цогидазе гIакълаби кьезе рахъине», – ян абуна ДРялъул бетIерас.
Гьесул берзукь руго мугIрузул районалги. ГIаздал асираллъун ккарал росабалъ гьечIо ток, телефоналъул бухьен, хвезарун руго нухал. Гьелъул хIакъалъулъ бицана цересел къоязда Сергей Меликовас тIобитIараб оперативияб штабалъул данделъиялдаги. Гьенир мухIканго рехсана щибаб муниципалитеталда ругел масъалаби. «МахIачхъалаялда, ГIадилотаралда, Мамедхъалаялда ккараб балагьалъул хIакъалъулъ бицунаго, кIочене бегьуларо ЦIунтIа, ДахIадаев, Агул, Догъузпара, Кули, Лак, Буйнакск ва ЦIумада районаздагун БежтIа участокалда бугеб ахIвал-хIалги. ГIанси тIун бачIиналъул ва ракь ччукIиялъул хIинкъи буго гьениб. ГIансиги тIун, гIадамазе къварилъи ккана. МЧСалъул хIалтIухъабаз гьенибе нух бахъилелде бакIалъул гIадамаз къватIире рахъана гIонсокье ккарал. ТIабигIияб балагь кида гIунтIулебали мухIкан гьабизе рес букIунаро. Гьебги хIисабалде босизе ккола нилъеца», — ян бицана С. Меликовас.
ТIабигIияб балагьалдалъун гIи-боцIуе ккараб заралалъулги хIисаб гьабулеб буго ДРялъул Росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министерствоялъги Ветеринариялъул комитеталъги. ГьабсагIаталда сияхI мухIкан гьабулеб буго ва зарал бецIизе хIадурлъулел руго. Гьелде тIадеги, хвараб боцIудасан унтаби тIиритIунгутIиялъе тадбиралги гIуцIун руго.
Бицен ккана гIемерав чиясул ракI гIагализарураб «Гогьдаризаруге гьелан» Меликовас абиялъул хIакъалъулъги. «Меценат ГIумар Кремлев вуго дир лъикIав гьудул. Мамедхъалаялдаса тIадвуссарав гьевгун аэропорталда дандчIвана дун. Гьес гIемераб хIалтIи гьабуна Дагъистаналда бокс машгьурлъизабиялъе. Гъоркьиса нилъер лъабго боксер вахъана дунялалъул чемпионлъун. Гьудуласе махсара гьабун абураб дир рагIи гIочIода чIвачIониги бегьилаан», — ин бицана С. Меликовас.
ТАССалъул мухбир Гянджеви Гаджибалаевас гьикъана жакъа гIоразда кинаб ахIвал-хIал бугебан абун. Лъел балагь ккезе рес бугеллъун регионалъул бетIерас рехсана Терек, Сулахъ ва Самур. ГIазу бииналдалъун балагь ккезе бегьула ЦIунтIа, ЦIумада ва Югалъулаб Дагъистаналда ругел гIоразгиян жаваб кьуна гьес. Бицана гьес рехсарал гIоразул рагIаллъаби щулалъизаризе гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъги. «Ахираб 3-4 соналъ щулалъизаруна Терекалъул рагIаллъаби. Жакъа гьелда хадуб халкквейги буго. Гьединал тадбираз рес кьола тIабигIияб балагьалде хIадурго рукIине. Иш захIматаб хIалалде ккола цо-кIиго къоялда жаниб лъагIалил ва кIиго лъагIалилцин нормаялъул цIад бараб мехалда. Киналго гIораздаги хIораздаги хIалтIи гьабиялъе гIезегIан гIарацги хIажалъула. Улкаялда бугеб экономикияб хIалалъухъ балагьунлъидал гьебги щолеб ва тIабигIияб балагь кканщинахъе гьеб кьезе республикаялъул ресги букIунаро. Амма чара гьечIого тадбирал гIуцIизе ккола чIахIиял шагьарал лъелъ гъанкъунгутIизе», — ян бицана С. Меликовас.
Социалиял гьиназда тIибитIизабуна лъелъ гъанкъараб бакIалде щварав РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакил Юрий Чайкада цебе тIанса тIамиялъул сурат. Гьебги ракIалде щвезабуна С. Меликовас. «Щивасул кIалдиб буго, щай гьеб тIамурабан абураб суал. РакIбацIцIадго абуни, дида лъаларо. Амма хIакъаб жо — Юрий Чайкаца хIориниб хIетIе чIечIого хутIана. Нилъехъе вачIарав гьоболасе хIурмат гьабилъун теха гьеб. Хадуб тIобитIараб данделъиялда тIанса тIамиялъул суалго баккун букIинчIо», — ян бицана гьес.
Лъелъ гъанкъарал ракьазда ругел росаби батIияб бакIалде гочинаризе ракIалда бугищан гьикъана «Дагестанская правда» газеталъул бетIерай редактор Бурлият Токъболатовалъ. «ГьабсагIаталда чIванкъотIараб жаваб кьезе кIоларо. Аммагьеб рахъалъ хIалтIи гьабулеб буго. Кидаго лъелъ тIерхьунеб бакIалда цIидасан минаби раялъул магIна гьечIо. Лъелъ гъанкъарал росабазул гIадамазги абуна, тIоцебесеб нухалда гурила гьеб балагь жидеде рещтIарабан абун. Гьелдаго цадахъ, захIматаб суал буго росу баялъе Дагъистаналда ракь бати. Гьеб масъала тIубаялда тIад хIалтIулел руго», — ян жаваб кьуна гьес.
Кавсарат Сулейманова

