Ва бана цIад, ва риххизаруна рукъзал

Дагъистан нахъеги асир гьабуна лъеца

Анкь гьоркьоб иналде цIидасанги республикаялде бараб цIадалъ цIи-цIиял заралал гьаруна гIадамазе.

Дербент районалда лълъелъ тIерхьун буго 500-ялдасаги цIикIкIун мина-рукъ. ГIадамал гьениса нахъе гочинаруна. ЦIадаца гIураб зарал гьабуна Хайдакъ районалъеги. Кирки абураб росулъа цо гIадан лълъелъ гъанкъун ятана. Дербент ва ДагъОгни шагьаразда киналго ясли-ахалги школалги къан руго.

Гъоркь букIараб кIочон телалде, кIиабизе бараб цIадаца нахъеги лъетIа босана МахIачхъалаги. Лъеца рацана шагьаралъул Редукторазул ва Сепараторазул поселокал.

Гьеб кинабго кIочон тезабуна цIияб автостанциялда аскIоб, Перова къотIноб бугеб минаялъул гIадамазе ккараб къварилъи бихьидал. Лъеца кьучIги жагъал гьабун, раcуда бараб жо гIадин цояб хьолбодеги гьетIун чIана гьениб чанго тIалаялъулаб мина. Гьенир рукIарал гIадамал нахъе гочинаруна. ГьатIан къоялъ, 5 апрелалда къварилъи ккараб бакIалде ва гIадамалгун дандчIвазе вачIун вукIана республикаялъул нухмалъулев Cергей Меликовги.

Биххун иналда хIинкъи бугеб бакIалда мина базе ихтияр кьурал хIакимзабиги ралагьун, гьел тамихIалде цIазе ругин лъазабуна бетIерас,

Нахъисеб къоялъ, 6 апрелалда, хIукуматалъул минаялъуб букIараб данделъиялда Сергей Меликовас лъазабуна гIурумухъда тIад гIемертIалаяб мина баялда хурхун цIех-рехалъул тадбирал байбихьанин абун.

«Цогидал минабиги ран руго гIурумухъ унеб бакIалда, — ян абуна данделъиялда С. Меликовас. — Халгьабиялъулал тадбирал унел руго, гIайибияв тамихIалде цIазе ккола. Амма дие гьаниб абизе бокьараб жо буго гьадинаб. Сон-церекъад цIияб хъулухъалде тIамурав чи, 10-15 соналъ цебе букIараб жоялъухъ жаваб кьезе тIамуни, гьеб битIун букIинаро. Гьединлъидал, бокьилаан чанго соналъ цебе гьеб мина базе изну кьурал гIадамазда хурхунги тIобитIизе гьеб халгьаби ва щивав чияс жавабги кьезе», — ян абуна республикаялъул нухмалъулес.

ГIорал руго хъудулел, жал хъуб гьарулел ругин

Араб анкьалда чвахунцIадалдаса хадуб МахIачхъала лъеца лъалъаялъе гIиллалъун ккола Тарнаирка абураб гIорда тIад низам гьечIого рарал бакIазул гIалагъважа.

Республикаялъул Экологиялъул ва тIабигIиял сурсатазул рахъалъ министерствоялъ гьабураб халгьабиялдаса хадуб тIатинабуна гьеб хIужа. Гьез бицухъе, Тарнаирка гIорда тIад батун буго къануналда данде­кколареб хIалалъ бараб 20 бакI. Гьезда гьоркьор руго гIадамаз гIумру гьабулел минабиги. Гьедин гIадлу гьечIого рарал бакIаз буго кинабго хвезабун ва цIад банщинахъе гьел сабаблъун лъеца гъанкъизабулеб буго тIолабго сверухълъи.

ЦIех-рехалъ бихьизабуна гьедин бакIазул хIинкъи букIин. Марталъул ахиралда бараб цIадалъ биххизабуна нусгогIанасеб рукъ, канлъи гьечIого хутIана 500 азарго чи. Гьеб кинабго ккола, къануналда тIасан галиги тIамун, Тарнаирка гIорда гIагарлъухъ рарал бакIазул «баракат».

Халгьабиялда рекъон гьабураб цIех-рехалъул материал МахIачхъалаялъул администрациялде кьун буго жавабиял идарабаз. Шагьаралъул нухмалъи хIадурлъулеб буго гьелъул иск судалде кьезе ва хадурккунги гьединал гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалал ккунгутIизе, низам гьечIого гIорда тIад рарал бакIал щущазаризе.

Тарнаирка ва Черкес-Озень гIорал рацIцIад гьаризе ругин бицана 6 апрелалда журналистазе республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовас.

— Гьел гIурумухъазда тIад минаби ран рукIинчIелани, гьабгонияб балагь ккелароан букIараб гIадамазе. Нижеца халги гьабун, гIайибияв щивали лъазабизе буго. Нижеца тIатинабизе буго лъица ва кида лъелмухъалда тIад гIемертIалаял минаби разе изну кьурабали. Гьел рарал ва гIадамазул гIумруялъе зарал ккезе квербакъарал чагIаз къануналда цебе жаваб кьезе буго, — ян абуна бетIерас.

Ашахан Юсупов