ЦIилкьадерил хъутаналда чвахунцIад бан хадуб…

Иххица хвезабуна анцIгоялдасаги цIикIкIун мина-рукъ, школа, гIадамазул рагIи-хер

7 апрелалда «ХIакъикъаталъул» хIалтIухъабаз сапар бухьана чвахунцIадалъ зарал гьабурал росабазул цояблъун кколеб, Хасавюрт районалда бугеб ЦIияб ЦIиликье. Апрелалъул тIоцересел къояз республикаялде рарал гьалагал цIадаз гIадамазе ккараб къварилъиялъул киса-кибего рагIана. ГIемерав чиясул мина-рукъ лъелъе ккун гъанкъана. ГIумруялъ данде гьабун букIараб магIишат минатахъ щущазабуна.

Гьеб рахъалъ бищунго цIикIкIун кьаби щвезабуна Хасавюрт районалъул Къадиротар, ГIадилотар ва ЦIияб ЦIиликь росабазда. ЦIияб ЦIиликь ккола Гумбет районалъул ЦIиликь росдал жамагIаталъул гIодоблъиялда бугеб росу.

Ихдалил бакъуца берцин гьабун букIана лъарагIлъи. Гьанжеялдего хергIурччинлъун ругел харибакIазда щущан букIана гIачиязул рехьед, тIела-тIелал гьарун кваналел рукIана гIиял рехъаби. Рогьалил щубида тIад кенчIолел бакъул чIораз гIажаибго берцин гьабун букIана сверухълъи.

КIиго анкь гьоркьоб иналде тIатIалаго бараб чвахунцIадалдаса хадуб бакъуе гьимулеб регьелаб ракьалдаса берги гIорцIуларого, кIиго сагIаталдасан ниж щвана Къадиротар росдада цере. Росулъе рачIунеб бакIалда, заманаялъулаб пунктги рагьун, вугоан чанго чи. Самоварги лъун, хъазминиб белъунеб букIана пловги. Гьезда гьоркьор рукIана тIад багIараб хъанчил гIаламат бахъарал гурдал ретIарав чангоявги. Грозныялда бугеб «Красный Кресталъул» вакилзаби ругин жалилан бицана гьез, къварилъи ккаразе кумекалъе рачIарал.

Кумек гьабуна Дагъистаналъго

ЦIилкьадерил хъутаналде щвана къадекак ахIулеб заманалда. Мажгиталда цебе бугоан гIадамазул читIир. Нижеда дандчIвай гьабуна Гумбет райадминистрациялъул вакил ва райсобраниялъул депутат ДавудхIажиев ГIалиханица.

Какал ралалде цебе кваназеги рачана мажгиталда аскIобго бараб рокъоре. Гьениб лъай-хъвай ккана Гумбет райадминистрациялъул нухмалъулесул заместитель МухтарахIмад АхIмадовасулгун. Гьесул нухмалъиялда гъоркь чанго чиги вугоан гьениве вачIун, ккараб заралалъухъ балагьизе ва росдал жамагIаталъе гьабулеб кумекалъе квербакъизе. Нижедаго цадахъ гIадин, гьенире щун ругоан Аргъвани росдал жамагIаталъул вакилзабиги. Росдал бегавул ХIосен ГIусмановасул нухмалъиялда гъоркь, саламатаб къокъа букIана ЦIияб ЦIиликье щун.

Росуцояз, районцояз ва гьединго тIубараб республикаялъго жидехъе кумекалъулаб квер бегьичIев чи хутIичIин бицана ДавудхIажиев ГIалиханица

5 апрелалда гьенире щун рукIана республикаялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовги, Халкъияб Собраниялъул вице-спикер СайгидахIмад АхIмадовги.

— Къварилъи ккарал гIадамазе хIукуматалъул рахъалдаса кверчIвай букIине бугин абуна гьез зарал ккаразулгун букIараб дандчIваялда, — ян бицана ГIалиханица. ГьабсагIаталда ЦIияб ЦIиликь хIалтIулеб буго хасаб комиссия. Щибаб минаялде щун, ккараб заралалъухъ балагьун, борца-къотIун, киналъего къимат кьун хIасил гьабизе буго гьез. Гьелда рекъон, щивасе ккараб заралалъул къадаралъухъ балагьун кьезе буго рецIалил гIарацги.

Амма, цогидал хъутабазда ругел гIемерисел росабазулго гIадин, ЦIияб ЦIиликь росдалги гьечIо росу букIин чIезабулеб хасаб статус. Гьединлъидал гIемерисел гIадамазул минабазул «зеленкаби» гьечIолъиги буго квеш ккараб жо. Амма, гье­лъухъ балагьичIого, хIукуматалъул рахъалдаса гIарцулаб кумек щвезе бугин кинавго чиясеян абуна премьер ГI. ГIабдулмуслимовас ва росабазул статус кьеялъул суалалда тIадги хIалтIизе ругин абун тIаде жубана гьес, — илан бицана ГI. ДавудхIажиевас.

— ТIуранго риххизарурал минаби ругищ?

— ТIубанго гъанкъарал ва цIидасан разе кколеб хIалалда буго гIага-шагарго 13-14 мина. Гьезул мухIканаб къадар загьирлъизе буго лъим нахъе индал, комиссиялъул хIалтIи лъугIидал.

ЦIияб ЦIиликь буго кинабниги 156 цIараки. Гьезда гьоркьоса 80-гIан мина-карталъе зарал ккана. ГIемерисел минаби рукIана хIарщул кирпичалъ рарал.

— Минаби рехун тезе ккарал гIемерисел Хасавюрталда хIебтIун ругин бицана…

— Киналго гьенире гочинаруна. Лъим кIанцIараб къоялъго, хехаб куцалда, гьел нахъе рачине тадбирал гьаруна нижеца. ТIабигIияб балагь нилъеда гьукъизе кIоларелъул, тохлъукьего бачIараб къварилъиялъул хабар киса-кибего рагIун, гIемерав чияс битIун бачIана садакъа. Лъим, квен-тIех ва ретIел-хьиталде гIунтIун. ЦохIо республикаялдаса гуребги, Краснодар, Ставрополь, Ростов ва цогидалги регионаздаса, хIатта Казахстаналдасацин бачIана гуманитарияб кумек.

— Лъим, ток, газ бугелъул бищун хIажатаб жо, гьелъул рахъалъ къварилъи бугищ?

— Ток гьечIого лъабгогIаги къоялъ рукIана. Газ буго. Гьекъолеб лъел рахъалъги гьабсагIат къварилъи гьечIо. БакI-бакIаздаса битIун бачIана. Цогидаб жоялъе хIалтIизабизе артезианалъул лъимги буго кIудиял къалал цIун.

— Школалда дарсал кьей гьоркьоб къотIанищ?

— Школалъул минаги ккана лъеде гъоркье. Амма дарсал гьоркьор къотIизе течIо. Нижер гьаниб букIараб мадрасаялъул кIиго минаялда жанир цIализарулел руго лъимал. Гьединго нижехъе вачIун вукIана републикаялъул лъай кьеялъул министр. Гьесги рагIи кьуна гъоркь букIаралъул бакIалда цIияб, модулалъулаб школа базе.

Нижехъе рачIиналде батулеб ГIадилотар росдае ккана бищунго кIудияб зарал. Гьенибе лъим кIанцIун букIин лъарабго, гьениса бачIунеб ихх цогидаб рахъалде чвахизабизе тадбирал гьаруна росдал гIолохъабаз. Нижее хIалае рачIана Сивухъ росдал гIолохъабиги. Баркала буго киназего ва щивасдаса Аллагьги разилъаги.

МелъелтIаса ва цогидалги росабалъа ракьцоязул кумек

— Райадминистрациялъул рахъалдасанги бажарараб кумек гьабизе бугин бицана районалъул нухмалъулесул заместитель МухтарахIмад АхIмадовас.

— Жакъа гьаниб хIалтIулеб буго районалъул комиссия. Гьелде тIадеги, кинабго лъим нахъе ун хадуб, росабалъа волонтералги ракIарун, щибаб мина-рукъалъе кумек гьабизе, къадал эхетизе, тIохал разе чагIи рукIине руго гьанир. Киназулго минаби рукIалиде ккезаричIого гьаниса нахъе ине гьечIо. Гьединаб буго районалъул бетIер Гъалип Гъалиповасул тIадкъай.

— Администрациялъул рахъалдасан гIарцудалъун кумекги гьабизе батиларищха?

— Зарал ккарав щивав чиясе районалъул нухмалъиялъ кумек гьабизе буго. Гьелда течIого, щибаб росдацаги бакIарулеб буго гIарац. Гьединго гIарац бакIарулеб буго «Инсан» фондалъул районалда бугеб филиалалъги. Гьезда хъвачIого, щибаб росдал будун-дибирзабаз мажгиталдаги рагьун буго къварилъи ккаразе садакъаде гIарац кьезе хасаб счет. Гьадинаб балагьалда цере кинавго чи цолъун, цоцазе кумекалъе гъункулеб гIадат буго нилъехъе умумуздасанго бачIараб. Гьеб жакъа нилъецаги рехун тун гьечIо. Аллагьас хъван батани, гьалдаса хадубги хадур рачIунезги цIунила гьеб гIадат.

«Гьаб кIочараб бихьугеги… ХутIараб бигьаяб жо»

ТIубанго лъеца мина-карт хвезабуразул цояв ккола ЦIияб ЦIиликьа ГIалихъиличев ИсмагIил. Мажгиталдаса гIемер рикIкIад гьечIого, цо къватI бахун добехун буго гьесул мина. ТIад резиналъул чакмаялги ретIун лъугьана ниж, жеги хIабургъараб лъеца цIун бугеб гьесул азбаралъуре.

— 1984 соналда гочана дун ЦIияб ЦIиликье, ХIалтIана механизаторлъун. Дирго квералъ бараб мина букIана гьаб. Цогидазулго гIадин, саманалъул кирпичалъ гьарурал къадал рукIана дирги. Амма бищун кIудияб гъалатI биччан батана, мина балаго, гьелъул кьучI борхизабун букIинчIолъи. Гьединлъидал, жакъа дица цогидаздаги рагIизе букIине абулеб буго, гIатIиракьалда ралел минаби кIванагIан цIикIкIун кьучI борхатаб гьабун райилан.

Цебесеб къоялъ гIумраялдаса руссун рукIана дунги хъизанги гьаб кинабго ккелалде. Доб сордоялъги нижерго тухум-кьибилалъул чагIи ахIараб кIудияб мавлид букIана дир гьаниб. Сордо бан гьелги гьанирго чIун рукIана. Лъим кIанцIун бугин ахIи бахъиндал, хехаб къагIидаялъ цин гьел рахинаруна машинаялде. Хадуйго хъизанги йитIана Хасавюрталде, — ян бицана ИсмагIилица.

— БитIараб бицани, нижерго мина рукъ гъанкъиялъул ургъел кIоченабуна, сордо бан гьанир рукIарал гIагарлъиялъул ча­гIи рорчIилародаян абурал пик­ра­баз, — ан бицана гьесул хъизан ПатIи­ма­тицаги. — Гьел сах-саламатго рор­чIанин абураб хабар рагIидал, гIемер йохиялъ макьуго щвечIо доб сордоялъ.

ГIажаибго рекIее гIуна нижее, бихьараб къварилъиялда къуркьизаризе кIвечIел, ракI разиял гьурмалгун, гIадатго нижеда гара-чIварулел рос-лъади рихьидал. ЖамагIаталъулго хIажат тIубалев чи вукIанин ИсмагIилилан абуна нижеда цадахъ вукIарав райадминистрациялъул заместитель МухтарахIмадицаги. ИсмагIилги гьевги цадахъ цIалулелги рукIун руго.

Гьале гьаниб букIанин гьесул мастерскаялъул рукъилан, азбаралъуре рачIунаго тIоцебе батулеб, хIарщулги кьищни-къулалъулги цIун бугеб цо рукъги бихьизабуна гьес.

Чанго соналъ росдал депутатлъунги бегавуласул заместительлъунги хIалтIун вуго гьев.

— Гьале ракIбацIцIадаб хIалтIухъ гьесие кьун рукIарал шапакъаталги Баркалаялъул кагъаталги, — ян рихьизаруна ПатIиматица, хIарщулъе ккун рукIарал гьелги кодоре росулаго. — Гьаб цояб рокъор, нижгун цадахъ гIумру гьабун рукIана ясги гьелъул лъималги.

Цогидаб къайи-цIаялда гьоркьор ругоан нахъе босизе заман гIечIого гьенирго хутIарал расанкIабиги.

— Нижго гIадин, мина-карт биххарал хъизамал жеги руго ЦIияб ЦIиликь, — ан абуна ПатIиматица хадубги. — Доле доб мина бихьулищ, гIурччинаб махх тIад ккураб, цояб рахъалде гьетIун буго доб. Долъул бетIергьаби жеги гIумраялдаса руссинчIо.

ЦIияб ЦIиликь гIумру гьабун руго Дагъистаналъул муфтилъун вукIарав СайидмухIамад-хIажи Абубакаровасул гIагарлъиги. ХасмухIамад-хIажил кIиго яцгIалги йигин жидедаса гIемер рикIкIад гьечIогоян бицана ПатIиматица. Гьезулги минаялъул тIоцебесеб тIалаялъубе кIанцIун бугоан лъим.

— Гьаб кIочараб бихьугеги, Аллагьасул цIобалдалъун гIадан-чиясе къварилъи ккечIелъул, щукру-рецц гьабун рукIине ккела нилъ. Минаяли цIидасан базе бегьула, — ян абуна ИсмагIилица, къо-лъикI гьабизе нижер квералги росулаго. — Нужее кIудияб баркала, Аллагь разилъаги гьанире щвезегIан рачIарал нужедаса, — янги абун, нижее гьара-рахьи гьабулев тана ракI лъикIав гьев инсан.

Гьединал, иманалъул жаниса ругIун цIурал чагIазул баракаталъ цIунун хутIун ратила нилъ дагьабги кIудияб балагьалде ккечIогоян хIисаб гьабуна дица, ЦIияб ЦIили­кьа къватIире лъугьунаго. Гьединал чагIи жеги чIаго рукIиналъухъ БетIергьанасе щукру буго, гьел ругебгIан мехалда гьезул гьениб гIумруги цIилъила. Дир рагIаби тасдикъ гьаризего гIадин, цо азбаралъуб хIелекоги гIегIедана, чодул пунхъиги чахъабазул гъадиги рагIун, сверухълъи чIаголъун бачIана…

Бакъаникак ахIулев будунасул гьаркьида гъоркь къо-лъикI гьабуна нижеца гIатIиракьалда бугеб гьеб магIарул росдалгун.

Ашахан Юсупов, МахIачхъала-ЦIияб ЦIиликь