Ахираб кIиго соналда жаниб пандемия сабаблъун ругел гIорхъичIваяз къватIисел улкабазде хIухьбахъизе ине квекIен ккеялъ, нилъер республикаялде ранго ран рачIине байбихьана хIатталдаса ун гIемерал туристал. Цо-цояз гьелдасан жидеего хIалкIвараб пайда балагьулеб буго. Цогидазейин абуни рекIее къабуллъулеб гьечIо къватIиса рачIарал гьалбал нилъер гьанир гIемерлъи. Гьеб суалалда тIасан жамгIиял гьиназдаги боркьарал бахIсал унел руго нилъер ракьцоязда...

