Протокол хъвана. ХIасил кинабха ккараб?

 

 

Гьаб соналъул 13 маялда Дагъистаналъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас министрзабазул къокъагун цадахъ Казбек районалде гьабураб сапаралъул хIасилалда районалъе социалиябгун экономикияб рахъалъ гьабизе кколеб кумекалъул гIатIидаб бицен гьабун букIана. БатIи-батIиял росабалъеги щун, гьениб бугеб ахIвал-хIалги бихьун, Алмахъалда гьабураб данделъиялда кIвар буссинабуна аслиял суалазде. Гьенир министерствабаз ва республикаялъул цогидал идарабазгун районалъул нухма­лъулез гьаризе кколел тадбирал чIванкъотIун рихьизаруна ва щибаб тадбиралъе жаваб кьолелги гьел гIумруялде рахъинариялъе заманги цIан, хъвана протокол.

4 августалда ГIабдулмуслим ГIаб­дулмуслимовас хIажатал министралгун, районалъул нухмалъулелгун, цо­гидал идарабазул вакилзабиги ра­кIарун гьеб протокол гIумруялде ба­хъинаби унеб бугеб куцалъул хал гьабизе ахIана хасаб данделъи.

Районалъул захIматчагIазе, тIо­­цебесеб иргаялда, тIубазе хIа­жа­таб­лъун буго Алмахъ, Буртунай, Дилим, Гуни, Гъозтала росабалъе лъим бачиналъул суал. Гьеб иш гIумруялде бахъинаби мурадалда Дагъистаналъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель М. Мажонцида тIадкъан букIана хасаб «дорожная карта» хIадуризе ва 2023 соналдаса байбихьун, гьеб лъим бачиналъе хIажалъулел гIарцулал сурсатал Россиялъул инвестициялъул программаялде гъорлъе ккезариялъе тадбирал гьаризе. Амма жакъа къоялде программаялде гъорлъе гьел росабалъе лъим бахъи ккеялъул суал тIубалеб гьечIилан бицана данде­лъиялда райо­налъ гьелъие хIажалъулеб ракь, бихьизабун гьечIолъиялда бан.

Районалъул больницаялъе рекIел унти сах гьабиялъе хIажатаб къайи букIинабиялда ва гьелъул тIох къа­чIаялда хурхун кьураб тIадкъайги тIубазабулаго, хIукуматалъул председателазул заместитель М. Казиевасул баяназда рекъон, республикаялъул бюджеталъулъ иргадулал хиса-басиял гьарулаго, гьеб азарханаялъе 60 млн гъурущ гIарцул кьезе бихьизабун буго.

Гьелдаго цадахъ ГI. ГIаб­дул­мус­­ли­мовас цере кьун рукIарал тIад­­къаязул цояб букIана Ленинаул росулъ цIибалеб школа гьаб со­налъул тIоцебесеб сентябралде лъимал жанир цIалдоледухъ лъугIизабизе. Ам­ма школалъе хIажатаб къайи босун гьечIолъиялъ гьеб масъала гIум­руялде бахъинчIого хутIиялъе хIинкъи бугилан баян кьуна районалъул бетIерасул заместитель И. Шабазовас. Гьенибго хIукуматалъул председателас буюрухъ кьуна Дилим росдал школалъе босараб къайи-цIа Ленинаулалъул школалъе кьейилан ва гьениб тIоцебесеб сентябралда цIали байбихьеян, щайгурелъул Дилим школалда ремонт гьабун бахъинелде гьезие цIияб къайи босун кьезе рес букIиналъ.

Аслиял суалазул цояблъун данделъиялда букIана Алмахъалда балеб бугеб «Туристазул ва гIадамал сах гьариялъул комплекс» бан бе­тIе­ралде бахъинабиялъул суал. Гьелда тIад хIалтIулеб Дагъистана­лъул туризмалъул ва халкъиял промыслазул министерствоя­лъул вакилзабаз бихьизабуна гьеб комплексалъе хIажатаб ракь кьеялъул суал районалда рагIалде бахъинабун гье­чIолъиялъ жидее квалквал гьабулеб бугилан. Гьеб ракьул суал судалде кьун бугила ва гьелъул хIукмуялъухъ балагьун ругилан.

Республикаялъул Транспорталъу­л ва нухлулаб магIишаталъул минис­терствоялъе тIадкъай букIана гьаб соналъул тIоцебесеб июлалде щвезегIан заманалда Хасавюрт-Кьохъ нухда ракьулъан нухде раккулел лълъимал, гьелъие зарал кколареб куцалда, цогидаб рахъалдехун рачине ва Буртунай росулъан унеб хъил тIураб шагьра къачIазе, гьединго Басрияб Миякьо росу рагIалда гIуруда тIасан бугеб цебегосеб кьо цIи гьабун къачIаялъе план ва проект хIадур гьабизе. Министр Д. Салавовас баян гьабуна гьел тIадкъаял жиндир заманалда тIуразарунилан ва хIалтIи унеб бугилан.

Данделъиялда гьединго халгьабуна районалда картошка, капуста гIезабиялъул, гIи-цIцIаназул рахъи цIи­кIкIинабиялъул ва «Инчха» гIо­доблъиялда цIибил гIезабиялъе аслулъун кколеб гьенибе Басрияб Миякьосан лъим кьабулеб насос жидерго балансалде босиялъул суалазулги.

Данделъиялъул ахиралда хIукуматалъул председатель ГI. ГIабдулмуслимовас кIвар буссинабуна тIадкъарал суалал гIумруялде рахъи­нариялъулъ районазул ва республикаялъул хIакимзабазул жавабчилъи борхизабиялде ва гьединал сапарал республикаялъул цогидал районаздеги гьаризе рукIиналде.

Зикрула Ильясов