«МахщелчагIазул росулъ»

 

 

 

МахщелчагIазул росулъ ккарал лъугьа-бахъинал» абураб мультсериалалъул цIияб анлъго сериялъул презентация гьабуна гьал гIагарал къоязда республикаялда. Мультфильмалда бицен гьабулеб буго шагьаралда гIурав гIолиласул магIарул росулъе щведал ккарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ.

3, 3 млн гъурщидасаги цIикIкIун къадаралда щвараб президентасул гранталъул гIарцухъ гIумруялде бахъинабураб гьеб проекталъул автор ккола Руслан Салимагъаев. Гьев къадаралде щвана исана.

«МахщелчагIазул росу» абураб мультфильмалъул тIоцебесеб лъабго серия бахъун букIана 2018 соналъ, гьединго, президентасул гранталъул кумекалдалъун. Мультфильм бихьизабуна республикаялъул школазда ва гьединго лъун буго «Альтус-групп» студиялъул ютуб-каналалда. «Сураталги рахъун, мультфильм дандбалеб, озвучка гьабулеб заманалда проекталъул автор къадаралде щвана. Проект гранталъул гIарцухъ гьабулеб букIиналъги гьеб гIуцIулаго, нижер хIалтIулаб къокъа цо хъизан гIадин цолъиялъги, пикру ккана гьеб иш рагIалде бахъинабизе», — ян бицана «Альтус-групп» студиялъул нухмалъулесул заместитель Динара ХIажиевалъ.

Проекталъул художествияв нухмалъулев ХIамзат ГIисаевас бицана 2D-графикаялда гьарурал мультфильмалъул цIиял сериял 6-8 минуталъул халатбахъиналъул рукIине ругин.

«Гьаб букIине буго цIиял темабиги ругеб, батIи-батIиял махщелазда хурхараб, дол мультфильмалъул хадусеб бутIа. Киназего вокьулев персонаж ккола жиндирго дунял бугев, гIажаибав гIалимчи», — ян бицана ХI. ГIисаевас.