Пачалихъалъ рехун толаро

 

 

«Дагестанская правда» газеталъул редакциялда республикаялъул журналистазулгун букIараб данделъиялда промышленносталъул ва даран-базаралъул министр Низам Халиловас бицана гьабсагIаталда экономикаялъул гьеб бутIаялда бугеб ахIвал- хIалалъул. Гьес кьурал баяназда рекъон, промышленность цебетIеялъе республикаялда руго киналго ресал. ЦIикIкIунеб буго къватIибе биччалеб продукциялъул къадар, рагьулел руго цIицIиял предприятиял, гIуцIулел руго гIадамазе хIалтIизе бакIал.

  – Щиб ва кинаб продукция нилъер гьаниб къватIибе биччазе бегьулебин гьикъани, дица абила щиб бокьаниги биччазе бегьулин абун. Чанго соналъ цебе производствоялда ругез абулаан нижеда ралагьейин жидее заказалин абун. Гьанжейин абуни заказал руго кигIан бокьаниги. ЗахIмалъи буго гьел тIуразе кIвеялъулъ ва гьелъие буго чанго гIилла. ТIоцебесеб, гIемерисел предприятиял техника- ялъул ва технологиялъул рахъалъ нахъе ккей. КIиабилеб, гIемерал предприятиязул гьечIо киналго юридикиял тIалабалги цIунун гьабураб хъвай-хъвагIай, гьел хIалтIулел руго рахчахъван. Гьединлъидал гьезие щоларо ва щвезе ресги гьечIо пачалихъалъулаб кумек. Лъабабилеб, хIалтIи гьечIезул къадар республикаялда бахуна 15 проценталде. 28 проценталде бахарабги заман букIана. Гьебго заманалда гIолел гьечIо «хIалтIул кверал», щолел гьечIо предприятиязда хIалтIизе гIадамал. Гьеб «унти» буго бокьараб махщалида сверухъ. ГIадамазе, хасго гIолохъанаб гIелалъе бокьун гьечIо фабрик-заводазда, цехазда хIалтIизе. Масала, Буйнакск шагьаралда буго цIиял технологиязда рекъон хIалтIулеб, лъикIал шартIал чIезарураб «БОФ» абураб хьитал гьарулеб фабрика. ГьабсагIаталда гьенив хIалтIулев вуго 150 чи. Амма заказал рукIиналъ хIажат вуго жеги гьедигIанасевго хIалтIухъан. Бокьаразе гьениб щола махщел, гьабураб хIалтIуда рекъон — лъикIаб мухь (45-50 азарго гъурущ). Амма гIолохъаби рачIунел гьечIо хIалтIизе. Гьеди- набго хIал буго цогидал предприятияздаги. Буго цоги масъала. ГIемеразе бокьулеб гьечIо, хIалтIулел ругониги, хIалтIуда букIине кколеб куцалъул хъвай-хъвагIай гьабизе. Гьеб гьабун хадуб камулелъулха хIакъикъиял гурел цо-цо социалиял пенсиялгун пособиял, – ан бицана министрас.

  Гьес рехсана хIакъикъаталдаги хIалтIулел предприятиязе пачалихъалъул рахъалдасан ругел бигьалъабиги. Масала, республикаял- да хIалтIулеб «Фонд развития промышленно- сти» гIуцIиялъ хIалтIи цIи гьабиялъе, цIияб къайи-алат босиялъе предприятиязе кьола къарзалъулаб гIарац, цIакъго гьитIинаб (1-3) процентгун.

  Россиялда лъазарурал санкциязда хурхун лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъ росдал магIишат цебетIеялъе кьуна лъикIал ресал. Гьебго буго промышленносталдаги. Мисалалъе, Дагъ- огни шагьаралда къватIире риччазе байбихьана «цIорол шарикал». ЦIикIкIараб тIалаб бугел ва гIемерал бакIазда хIажалъулел гьел дагьал цереги нилъеца росулаан Китаялдаса. ГIадатиябин кканиги гьеб буго цебетIураб техникагун технология хIалтIизабулеб производство, Россиялда цоги гьечIеб. Гьединабго къагIидаялъул буго дагьаб цебе КАМАЗалъул специалистазул кIудияб къокъа республикаялде бачIиналъе гIиллаги. Цебе гIемерал запчастал доз росулел рукIун ратани къватIисел пачалихъаздаса, гьанже гьелъие хIалтIизаризе кколел руго нилъерго ресалгун сурсатал.

ГI. ГIАБАШИЛОВ