Инсанасул ихтиярал цIуниялъул совет — Болъихъ

 

 

 

 

 

 

10 августалда Болъихъ районалда тIобитIана республикаялъул БетIерасда цебе бугеб гражданияб жамгIият цебетIезабиялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул советалъул данделъи. Гьенив гIахьаллъана районалъул бетIер Руслан ХIамзатовги, гьединго Болъихъ, ЦIумада, Гумбет районазул бутIрузул заместителалги.

 

Дандеруссин рагьана Руслан ХIамзатовас.

— Нижеца кIудияб кIвар кьолеб буго чIахIиязул мисалалда гIун бачIунеб гIелалъе ватIан бокьиялъулгун интернационалияб тарбия кьеялде. Гьелъие нижеца рукIине кколел шартIалги чIезарун руго, — ян абуна гьес.

Дагъистаналда гражданияб жам­гIият цебетIеялъул хIакъалъулъ бицана республикаялъул бетIерасда цебе гIуцIараб гьеб Советалъул председатель Зикрула Ильясовас.

Бицен гьабулеб хIалтIи цебе­тIеялъе Болъихъ районалда гьабулеб бугеб хIалтIул бицана жамгIияб хIинкъигьечIолъиялъул рахъалъ райо­налъул бетIерасул заместитель ГIабдулдибир ГIабдулдибировас.

Бесдалазе минаби кьеялда сверухъ республикаялда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ баянал кьуна «Бесдалал гьечIеб Дагъистан» гIуцIиялъул нухмалъулей Раисат ГIусмановалъ.

Гьединго тадбиралда кIалъана районалъул ЖамгIияб палатаялъу­л председатель МухIамад Иманшапиев, «Балъхъал» жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев МухIамаднур МухIамадов, «Инсан» фондалъул районалда бугеб филиалалъул нухмалъулев МухIамадрасул МухIамадов, районалъул Собраниялъул председатель МухIамаднаби ГIумаров.

Хадубккунги гражданияб жам­гIия­талъул институтазул хIалтIи да­гьабги лъикIлъизаби мурадалда гьа­ризесел хIалтIабазулги бицана гьениб. Гьелде кIвар кьезе ккеялъул бицунаго, Зикрула Ильясовас абуна районалда гьеб хIалтIи тIадегIанаб даражаялда гIуцIун бугилан.

Гьединго гьес тIадчIей гьабуна интернационалияб тарбия кьеялъул лъикIал гIадатал тIадруссинаризе ккеялъул ва рахьдал мацIаздехун бугеб бербалагьи лъикIлъизабизе ккеялъул хIакъалъулъги.

Жиндир заманалда «ХIакъикъат» газета хъваялъе тасамахIлъи бихьизабурал хIалтIухъабазул чангоясе административияб тамихI гьабунила ва гьанже гьеб суал цойиде ккезабун бугилан районалъул администрациялъул бетIер Р. ХIамзатовас бициндал, данделъиялъул ахиралда Зикрулаца гьесие баркала загьир гьабуна ва Советалъул рахъалдасан хIурматалъул грамотаби кьуна районалъул жамгIияталъул хIаракатчагIи МухIамад Иманшапиевасе, ШамилхIажи ЛатIиповасе, МухIамадрасул МухIамадовасе.

Нижер мухбир