Новость на родном

Гьунухъ росулъ – субботник

    ХIукуматалъул идарабаз гьабизегIан балагьун чIечIого, росабиги чIунтизе течIого, росдал хIалтIаби жидедаго тIаде росулеб лъикIаб гIадат буго нилъер жамагIатазул. Масала, гьал къоязда ЧIарада районалъул Гьунухъ росулъ тIобитIана шагьаразда гIумру гьабулел росуцоялги гIахьаллъараб субботник. Гьез маххул сеткаялъ сверун къана росдал ах, бацIцIад гьабуна мажгиталде унеб нух, ганчIалги нахъе рехун, хIадурун буго воркаут-площадкаялъе бакI, шагьранух ккун...

Новость на родном

Цветковкаялъулазе — футбол хIалеб майдан

    8 июналда Гъизляр районалъул Цветковка росулъ рагьана 10 млн гъу- рущги харж гьабун рагIалде бахъинабураб футбол хIалеб майдан. Гьелъие квербакъи ккана «Комплексное развитие сельских территорий на период 2020-2025 годы» абураб пачалихъияб программаялъул. ХIалтIул ишалъ Гъизляр районалде щварав ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовги гIахьаллъана гьеб тадбиралъулъ. Премьерас бицана цебехун рехсараб программаялъул кьучIалда республикаялда анцI-анцI...

Новость на родном

Шидиб цIадазул хIасил

     Ахирал къоязда рарал чвахунцIадаз, талихIалъ, гIадамазе къварилъи ккечIо. Амма жагъаллъана шагьранухал, тIуна токалъул кварал. Масала, ЛъаратIа районалда анкьица цIадалги ран, нух щолеб букIинчIо Шидиб росдал администрациялда гъорлъе унел росабалъе. 8 июналда ЛъаратIа районалдаса щварал баяназда рекъон, гьанже дагь-дагьккун къачIалел руго гьел нухалги токалъул кваралги.

Новость на родном

Рищнидул полигоназе бакI гьечIо

       Республикаялъул журналисталгун дандчIвана ДРялъул тIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул министр Ибрагьим Ибрагьимов. Чара гьечIого тIуразе кколел экологиялъул масъалабазда гъорлъ гьес рехсана рищнидул суал.            Ибрагьимовасул рагIабазда рекъон, рищни-къул бакIариялда хурхун Сергей Меликовасул тIадкъаялдалъун гъоркьиса хIадурана хасаб проект. Гьениб республика бикьун буго лъабго бутIаялде – северияб, централияб, югалъулаб. Гьелъул щибалда...

Новость на родном

Маскаби тIокIалъ хIажалъиларо

  «Дагъистан» РИАялда ДРялъул сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляевагун ва ДРялъул бетIерав санитарияв тохтур Николай Павловгун дандчIвана журналистал. Гьениб бицана сахлъи цIуниялда хурхарал суалазул ва гьанжеялдаса нахъе маскаби рачIого къватIире рахъине бегьулеблъиялъул.    «Ахираб 15 анкь буго республикаялда коронавирусалъ ва пневмониялъ унтаразул къадар дагьлъулеб бугелдаса. Гьебго заманалда вакцинация гьабиялъул кIварги хун гьечIо. Кинавниги 1800000 чиясе...

Новость на родном

Шамил имамасул кагътал

Шамил имамас ЧIохъа ГIинкъав ХIажихъе хъвараб кагъат   Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац ГIинкъав ХIажиясухъе. Ассаламу гIалайкум. Цинги. Нагагь магьариялъул хIакъалда тIасан рос-лъадиялда гьоркьоб дагIба ккани, дица росасда амру гьабула, магьари лъолеб мехалда, къотIи гьабураб магьариялъул хIакъ, кигIан дагьабниги тIаса камизе течIого, лъадиялъухъе кьеян, хIатта къого туменалде бахунеб гьеб батаниги. Нагагь гьеб, дир хIукмуялда...

Новость на родном

Ракълил ва рокьул гьаркьихъе

    Дун чIараб хIор гуро, дун хIавуз гуро, ХIалкIояб гьалагаб мугIрул гIор йиго, МугIрул реганиги, щобал таниги,  Щибаб гьелъул гIамал гIодоб рехичIей.                                  Ф. ГIАЛИЕВА   Дагъистаналъул халкъияй шагIир Фазу ГIалиевалъул рекIел тIиндасан бурун бачIунеб ва жиндирго шигIрабалъ бессун хутIун бугеб ракълил ва рокьул гьаркьица цоги нухалда данде гьарун рукIана 31 маялда ГIурус театралда,...

Новость на родном

  Исана хIежалъул багьа

       «Марва-Тур» компаниялъул пресс-хъулухъалъул баяназда рекъон, 2022 соналда дагъистаниязе хIежалде ине хIажалъулеб буго 4,700 доллар (312000 гъурущ). Гьелда гьоркьобе уна МахIачхъалаялдаса Дубаялде щвезегIан самолеталда роржин, хадуб — Мадинаялде щвезегIан автобусалда ин. Гьединго гьелда гъорлъе уна: трансфер (гостиницаялде-нахъе автобусалъ раччи), Маккаялда ва Мадинаялда гIумру гьаби, Зам-зам лъим ва хIеж борхулесе хIажатаб комплект ратIлил. Дубаялдаса...

Новость на родном

Мисаллъун букIина халкъалъе дур цIар

      22 маялда Шамил районалъул ХIебда росулъ тIоритIана ДРялъул Верховный судалъул членлъун гIемерал соназ хIалтIарав Багъужа ГIонжолов ракIалде щвеялъул хIурматалда спортивиял къецал. БетIерав судья АхIмад ЧIегIеровасул рагIабазда рекъон, тадбир ана гIуцIадго ва гIахьаллъаразул гIемерисез рихьизаруна лъикIал хIасилал. Сабаб-багьанаги ккун бугелъул, бокьун буго, гьев лъикIав инсанги ракIалде щвезавун, цоги нухалда гьесул хIакъалъулъ дагьабго калам...

Новость на родном

Библиотекаялъул гъасда тIобитIараб сордо  

     27 маялда тIолабго улкаялда кIодо гьабула Библитекабазул къо. Гьелъул хIурматалда исана библиотекабазда, музеязда, тIахьазул тукабазда, культуриял центразда тIоритIана батIи-батIиял тадбирал. Исана 11 нухалъ тIобитIулеб буго «Библионочь» абураб тадбир тIолабго Россиялда. 2022 сон РФялда халкъазул рухIияб бечелъиялъул ирсалъул сонлъун лъазабун букIиналда бан, исана акция тIобитIана “Халкъиял гIадатал” абураб цIаралда гъоркь.       28...