МухIаррамалъул авал — лъагIел байбихьулеб къо Мугь балеб къоялъул хиралъиги тIокIлъиги

 

 

Республикаялда къо гьоркьоб бахъун кколел лъикIалгун квешал лъугьа-бахъиназда гьоркьоб нилъее киназего гIахьалаб, амма бусурбабилъун рукIаниги, чанги чияс кIварги гьабичIого тараб цо баркатаб къоги букIана анкьил байбихьуда. Дица бицунеб буго ГIашурадул къоялъул. МухIаррам моцIалъул анцIабилеб къолъун кколеб гьелда жаниб гIемерал лъикIлъабиги баракатги буго Аллагьас кьун.

 

«Бусурбабилъун рукIаниги, гIемерав чияс кIвар гьабичIого тарал» абун гьал дир мухъал цIалидал, цо-цо чагIазда мекъи бихьизеги рес буго, гIадамазде гIайиб-гъвел гьабизе гьасул ихтияр щибилан, квеш бихьун лъугьинеги бегьила. Амма дица абулеб жоялда жаниб гIураб ритIухълъи буго. Бусурбабиян кIалалъ абуниги, нужецаго хIисаб гьабеха, чан чиясда лъалеб батулеб ГIашурадул къоян гьелда щай абулебалиги, гьелъул тарихги, щай гьеб къоялъ мугь балебалиги?

ГIашурадул къоялъ тIоцебе мугь бикьизе гье­лъие байбихьи лъурав чи ккола НухI авараг (гI.с). ТIупанги тIун, дунял лъеда гъоркь гIанкъилалде, жиндаго божулел гIадамалги, Аллагьас бижараб, рухI бугеб жоялъул цо бихьинабги цо цIуябги цадахъ бачун, гамитIе гьев вахинги, ахирги цо магIарда гьеб лъалхъиялъулги къиса киназдаго рагIун батила.

РагIичIес цIализе бегьула ЧIикIаса СагIид-афандиясул «Къисасул анбияъ» абураб тIехь. Кутакалда пасихIго, гьоркьор рикIкIен гIемерал гIараб рагIаби хIалтIизаруниги, цIализе гъира баледухъ, шигIруялдалъун хъвараб асар буго.

Жиндир баракат киназего щваяв къутIбу, СагIид-афандияс гьеб шигIруялъул ахиралда абулеб буго ГIашурадул къоялъ Аллагьасе гIололъун кIал ккурав чиясе – азарго хIежгун гIумра гьабурав чиясе гIадаб кириги хъвалин, азарго лагъ тархъан гьавурав чи гIадинги вукIунин, гьединго азарго шагьидасул кириги гьесие кьолин абун. ГьедигIанги хирияб рагIула ГIашурадул къоялъ кIал кквезе. Хиралъиги лъикIлъиги гуреб жо исламалда чиясе гьечIо, гьеб бичIчIулеллъун лъугьаги нилъ, Амин.

* * *

Шагьаралда гIумру гьабун ругониги, нилъер гIемерисел магIарухъа рачIана ва киназдаго ракIалда батила гьитIинаб заманалъ ГIашурадул къоялде мугь белъунеб букIараб куц. Гьелъул букIараб тIагIам. ЦIоросаролъги, багIаргьологи, чIегIергIологи, ролъги жубан гьабураб мугь. Хасго гьоркьобе рехизе заман барал, бакъвараб гьанал хьалбалги, гъорлъе гъаран-пурчги жубан гьабураб мугьалдаса букIунеб тIагIам нужер щивасул кIалдиб батила.

Дун гьитIинаб заманалда росдал хьагалги лъун, белъунаан гьеб. Хасго «метер нижер авалалда кIудиял хьагалги ран мугь базе буго» абураб пикруялъ рекIелъе рохел рещтIинабулаан. Цо нухалъ, ракIалда буго, школалдецин инчIо дун гьеб къоялъ. Рохел букIана. ГIаммаб ишалда гьоркьов гIахьаллъизе бугеб гъираялъ дида цогидаб жо кIоченабуна. ЧIилидахъ лъурал чIахIиял хьагазул цоялда жаниб цIоросаролъ, цогидазухъ — багIаргьоло, гьоло, ялъуни ролъ. Бицунеб чIагояб хабарги, цоцазе гьабулеб махсараги — гIураб аваданлъи букIунаан.

Умумузул заманалдаги мугь букIана бищун къиматаб квенлъун. Хасго ракъул заманалда чан чиясул рухI хвасар гьабураб гьелъ. Гьарзаго мугь белъине цIоросаролъги цогидабги киса доб мехалъ щолеб букIараб? Дангъура цIураб цIоросаролъги, гьелъул гъурудги гьабун ракъи хIехьана нилъер умумуца.

Ункъо бесдалал жиндего тIаде ккарай дир росулъа гIадамалъ (Зайнаб букIана гьелда цIар) гьабулеб букIун буго хъизамалъе дол ракъул соназда гъуруд.

«Къаси кьижидал, рухI къваригIунаро, дир лъимал, тIаса тIокIкIелги ххун, те къаси. Жибго гъуруд метер кванай, къад нужедаго хIалтIизе рухI букIине», — ян абулаанин гьелъ жидедаян бицуна жакъаги дир мадугьал Ашаханил МухIамадил ПатIиматица. Жакъаги чвахун бачIуна гьелъул магIу дол захIматал соналги, кIодоэбелалъ жидедаго абурал рагIабиги ракIалде щвезарулаго.

Гьанже гIадин, гьарзаго мугь базе цIоросаролъ щолароанин цебейилан бицана дир мадугьал МухIамадрасулил МухIамадил ХIасибатица.

— 1942 соналъ гьаюрай чIужу ккола дун. Рагъул заманалъул лъимер. Ракъул заманалъул кьогIлъи бихьана дидаги. КIудияб хъизамги букIана, гIорцIизегIан кваназе квен кисаха щолеб, щолароан. Дида ракIалда буго, садакъаде цIоросаролъ бикьулеб бугин росдацаян гIакIа ахIулеб рагIун, эбел гьелда хадуй ин ва дангъура цIураб цIоросаролъги босун, рокъое ячIараб куцги. Микьгоял рукIана нижер лъималазул. Гьеб дангъура цIураб цIоросаролъги цIетIа гьалулеб хьагинибе бан, гьеб белъиналъухъ балагьун, сабру хун ругел нижги — гьеб сурат хутIана рекIелъ. Гьелда гIейги гьабун тIубалаан бог.

ГIашурадул къоялдеги балаанха дун гьитIинаб мехалъги мугь, амма гьанже гIадин росдал хьагал цIун, белъине гIураб къадаралда гьеб щолароан. Рокъо-рокъоб белъинабун, хадур киналго дандеги ракIарун, росдада бикьулеб букIун батилаха гьеб. Амма ункъо-щуго мугьги цадахъ белъун, гьоркьоб бугеб беэнлъиги жубараб гьелъул букIараб тIагIам жеги бугин дир кIалдибилан ккола. Гьединаб къимат букIана цебе кунеб жоялъул. Гьанже щиб бокьаниги буго кваназе, амма гьелъул къимат гьабизе лъалеб гьечIо гIелалда. Азда ракъи бихьичIо, бихьарав чиясда гурони, ракъул захIмалъиялъул кьогIлъиги, чадил кесекалъул бугеб мегIергIан кIудияб къиматги бичIчIуларо, — ян бицана дир мадугьал ХIасибатица.

Гьедин абулеб буго гIумруги бихьарал, захIмат гIакъубаги къулчIарал чагIаз. Бихьарасда дунялги гьелъул къварилъиги гIатIилъиги лъала. Заман цо бакIалда чIун гьечIо. БукIана нилъер тарихалда рикIкIен гIемерал рагъалги, ракъул заманги, гIуруги гьанкIун, хурзал рекьарал умумулги. Анкьумумузул заманалда бачIун, щвараб буго нилъехъеги ГIашурадул къоги, гьеб къоялъ белъунеб мугьги. Баркат лъеги гьелда. Гьелъул тIагIамаб махIги, черхалъе гьелъ кьолеб татуги нилъее жеги гIемер мехалъ камугеги.

Ашахан Юсупов