Гьал къоязда ДРялъул Ветеринариялъул комитеталда тIобитIараб данделъиялда дандрана лъагIалил тIоцебесеб бащалъиялъул хIасилал. Данделъиялда гIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель Нариман ГIабдулмутIалибов, комитеталъул председатель МухIамад Шапиев, районазул ветеринариял управлениязул нухмалъулел, гьебго хъулухъалъул батIи-батIиял идарабазул хIалтIухъаби. Гьениб МухIамад Шапиевас бицана ветеринарияб хъулухъалъул бугеб кIваралъул, церечIарал масъалабазул хIакъалъулъ. Гьабураб хIалтIул хIасилалда цIунизе кIвана ящур, сибирская язва,...

