Контрразведчикасулгун накъит

Гагаринил рорженалъ асар гьарурал аза­азар советиял лъималазулго гIадаб анищ букIана ХIасанханилги космонавтлъун вахъине.

 

Гьелъие гIоло жив цин рагъулав летчиклъун цIализе кколилан, Мясниковасул цIаралда Волгоградалда бугеб рагъулаб училищеялде цIализе лъугьине ракIалде ккола гьесда.

 

Уна гьениве, кьола экзаменалги, гьабула медкомиссияги. Амма ахиралда, офтальмологасде ирга щведал, «пониженное цветоощущение» абураб гIиллагун, ХIасанхан нахъчIвала гьес.

 

Гьедин, космонавтлъун вахъине букIараб анищ- ги хIорлъун, МахIачхъалаялде тIадвуссуна гьев.

 

Къисматалъ хъван букIун буго, Адыгеялда пединститутги лъугIизабун, ХIасанхан цин ЦIуриб математикаялъулгун физкультураялъул учительлъун хIалтIизе, цинги гIумруялъ КГБялда хIалтIизе.

 

Гьедин гьанже «Россиялъул разведчиказул меседилаб фондалда» хъван буго ЧIарада районалъул Гьачадаса ХIасанхан Ибрагьимовасулги цIар.
Гьеб системаялда хIалтIизе гьес байбихьана Болъихъа, хадуб Гъуниса, МахIачхъалаялдаса. ГIумрудул 34 сон барав чи витIана махщел камил гьабизе Москваялдеги.

 

«Лъабго соналъин арав чи, 25 соналъ хутIана дун Москваялда. КГБялъги партиялъул ЦКялъги гьабураб хIукмуялдалъун миллиял республикабазе кадрал хIадурулеб программа букIана. Микьго къоялъ собеседованиеги гьабун, восана дун гьениве», — ян ракIалде щвезабула гьанже ХIасанхан Ибрагьимовас.

 

Эмен — Ибрагьим

 

— Жиндирго инсуца гIараб цIалиялъе хIадурулев вукIун вуго нижер эмен Ибрагьим. Ликбезалъул кIиго класс гурони лъугIичIониги, гIараб гIелму камилаб куцалда лъалаан гьесда.
Цинги балугълъуде вахиндал, кIудияв вацасул справкаги бикъун, шагьаралде лъутун вуго гьев. КОР (Канал им. Октябрьской Револиции) бахъулеб бакIалда хIалтIун, хахол чакмабиги щун рукIун руго инсуе. Хадув Роза Люксембургил цIар лъураб совхозалда цIа свинабулев чилъунги, Гъунив чотIахъабазул милициялъул начальник- лъунги хIалтIун вуго.

 

ГIемерал лъугьа-бахъинал ккарав чи
вуго эмен. Гьесул вацас бицунаан цо нухалъ къваригIелалъ Унсоколове щварав жив витIанила милициялде, Садулаев Мухтар Ибрагьимович абурав чиясухъе. Вагь, талихI кканин гьав жиндир гIадаб цIарги фамилияги бугев чи ватиян ракIалдеги ккун, вилълъанила жаниве, вугилаха ватулев жиндирго гьитIинав вац (доб мехалда гьесул справкаги босунлъидалха гьев росулъа къватIиве ун вукIун вугев, гьелдаса нахъе Ибрагьим вугеб бакI лъалев чи гIагарлъиялда гьоркьовги вукIун гьечIо).

 

Хадув нижер эмен хIалтIана ЧIарада районалда заготовкабазул министерствоялъул вакиллъунги, районалъул нухмалъиялдаги, гьенисан витIула Болъихъе. Гьенив гьавуна дун.

 

Хадув, 1945 соналда, эмен витIана Чачанлъиялде ВКП(б)ялъул Рилъаб районалъул кIиабилев секретарьлъун.
Гьениса тIадвуссиндал, нижерго районалда тIоцевесев секретарьлъун тIамуна.
Жив ЧIараде колхозалъул председательлъун витIеян Данияловасда аскIове индал, дос инкар гьабун буго гьесие. Райкомазул секретаралги лъикIал хъулухъазда ругел цогидал гIадамалги колхозазул председателаллъун ритIулеб гIадат букIана 1950 абилел соназда – «поход 25-тысячников» абулаан гьелда.

 

Гьедин, Данияловас инкарги гьабун, къватIиве вачIунев нижер инсуда данде ккун вуго Расул ХIамзатов. Хъваш-башги гьабун, ккараб жо бицун бугоха гьесги. Гьеб мехалда Расулица абун буго, чIайин, жив гьабсагIаталда инин Данияловасухъе. Гьедин, Расулица мукIурги гьавун, витIана ахирги ГIабдурахIманица эмен колхозалъул председательлъун.

 

Дица гьеб киналъулго хъван буго «Контрразведчикасул хъвай-хъвагIаязда».

 FD8EF4F6 D0DF 4DF7 B4C4 98A4584BB0B3

Беручил тухум

 

Гьеб тIехь гуребги, нижерго тухумалъул хIакъалъулъ тIехь хъвазеги ракIалде ккана дида.
Инсул вац Мухтарица бицун лъала дида нижер тухумалъул гIемерисеб тарих.

 

Гьес абулаан кьолбол кIудиясда цIар букIун бугин Беруч – Берцинав чиха. Гьединго Надиршагьида данде рагъизе арал къаралазул бодул цевехъан МухIамаднурги вукIун вуго нижер кьолбол чи.
ПалхIасил, дагь-дагьккун дида бичIчIана гIицIго дихъаго гьеб тIехь хъван бажаризе гьечIолъи.

 

Гьеб мехалда вацгIал Мухтарил МухIамадида (Дербенталъул чогърол заводалъул генералияв директор – авт.) дандги бан, нижеца къотIи-къай гьабуна тарихалъулгун археологиялъул рахъалъ РАНалъул ДФИЦалда цебе рагьараб институталъулгун. Гьедин тарихчагIи ШагIбан ХIапизовасги МухIамад ШейхмухIамадовасги лъабго соналъ тIад хIалтIун хъвана Къарахъ обществоялъул хIакъалъулъ гьеб тIехь.

 

Пачалихъалда жаниб пачалихъ гIадаб бакl букIун буго гьеб Къаралазул бо – жидерго аскаралги, гIорхъабиги, администрацияги, мактабалги, цогидабги ругеб.

 

Дов Беручил зонол бекараб кесекги батана ШагIбанида. Гьенисан цIалараб хъвай-хъваялда рекъон, Беруч хун вуго 1471 соналда. Гьелде тIадеги жеги гIажамалъ хъвараб кагъатги батана Беручидасагун МухIамаднуридаса байбихьун хъизан-кулпат рехсараб. Гьеб кагъат, рамкаялда жанибги лъун, Мухтарил МухIамадил рокъоб къеда бан буго.

 

Гьевгун цадахъ цойги тIехь буго нижеца хIадурулеб (кIиго том). НекIогоялдаса нахъе чIарадисезул гIемер рукIана гIелму бугел, церетIурал чагIи.
Масала, Гъарабагъалъул ханлъун йикIана хундерил ханасул яс. Гьочоса МуртазагIали абун цIаларав чиясухъе гьелъ битIараб кагъат батана – духъе витIулев вугев гьав чиясда Къуръан малъеян хъвалеб буго гьелда.
Бокьун буго гьел гIалимзабиги, рагъулгун захIматалъул бахIарзалги, спортсменалги, цогидалги — киналго цо тIехьалде руссинаризе.

 

Математик хисун — чекистлъи

 

— ХIасанхан, халкъияб магIишат гIуцIулев вукIарав инсул вас, мун, КГБялде кин ккарав чи?

 

— ЦохIо химиялъе гурони ункъилги ккечIого, цIакъ лъикI школаги лъугIизабун, чекистлъун вахъине ракIалде ккана дида. Доб мехалда гIемер рукIана чекистазул хIакъалъулъ хъварал тIахьал, рахъарал киноял. Пропагандаялъул хIалтIиги букIана лъикI гIуцIун. Гьелдаго цадахъ школалда цIалулеб мехалда дунгоги вукIана пионеразул отрядалъул командир, дружинаялъул нухмалъулев, учкомалъул секретарь, армиялдаги вукIана комсомолалъул организациялъул секретарасул заместительлъун. Армиялда ругел гIолохъаби куцаралъухъ 1966 соналдаго ВЛКСМалъул грамотаги щун букIана дие. Институталда цIалулеб мехалда комсомолалъул комитеталъул членлъунги вахъун вукIана.

 

ПалхIасил, советияб заманалда лъикIаб гIадат букIана бажари бугел лъималазе, гIолохъабазе хадурккунги церехун ине квербакъулеб. Гьединго унев вукIана дунги. Гьединлъидал ункъабилеб курсалда цIалулев дихъе районалъул тIоцевесев секретарас чи витIун вачIун вукIана, заочноги цIалун, райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун хIалтIизе вилълъинарищан гьикъизе. Амма партиялъул хIалтIи гьабизе ракIалда букIинчIо дида, щайгурелъул гьедин гьабурабани, тIуванго гьенивго хутIулаан дун. Армиялда вукIагоги абулаан дида партиялде лъугьайин.

 

Хадуб дица Адыгеялда лъугIизабуна педагогикияб институт. Доб мехалда Совет Союзалъул программа букIана гьединаб – улкаялъул гIадамал данде гьариялъул магIнаялда гIуцIараб. Масала, дагъистаниязе кьураб квота букIана Москваялда, Ленинградалда,
Ростовалда, Армавиралда, Майкопалда ва цогидал шагьаразда ругел вузазде лъугьине.
Гьедин математикаялъул факультет лъугIизабунаха дица Майкопалда. ХIисабалъе лъикIав вукIана кидаго. 

 

Хадубккун КГБялда хIалтIулаго щиб квербакъиха дуе математикаялъ гьабураб?

 

— Математикаги къватIиса улкабазул мацIалги лъалел чагIи росулаан гьенире бищун цере. Математика лъалев чиясул гIакълу-лъайги букIуна сундулго анализ гьабизе лъалеб. Амма учительлъун хIалтIизе бокьиларилан, кIиабилеб курсалдасанго армиялде ана дун. Лъабго сон бана гьениб. Рагъул соназда гьарурал лъималги дагьал рукIун, улкаялда гIезегIан чи камунги вукIун, цере армиялде студенталги рачунаан. Ясалгицин ахIулаан гьенире – командирзабазул хъулухъал тIадкъачIониги, богогьабилъун, хъвай-хъвагIай гьабулел чагIилъун толаан гьел. Доб мехалда армияги букIана кIудияб — щуго миллион чи вугеб.

 

Хадув росулъ къокъабго заманаялъ математикаялъул учительлъунги хIалтIун, анаха дун КГБялде хIалтIизе.

 

Гьеб заманалда бищунго сунда данде нуж къеркьезе кколел рукIарал?

 

— БатIаго Совет хIукуматалда данде рахъ- унел чагIи доб мехалда (1970-абилел соназул байбихьуда) рукIинчIо, амма ракьуда хурхун гIезегIан тунка-гIусиялги дагIба-рагIиги ккечIого хутIуларо.

 

Гьедин цо нухалда хабар бачIана дун Болъихъ хIалтIулелъул ГIахьвахъ районалъул ТIарада Инхелоги ЦIолодаги – кIиябго росу данде унеб бугилан. Гьекъолеб лъеда хурхун кIудияб дагIба ккун бугоан гьезул. ЦIолодисезул магIардаса бачIун Инхелобе унеб лъим жидеего бачине рогIразе рахъал рахъулел ратана инхелосел.
Гьелъие гIоло жидер мегIер щайин нужеца бухъа-хъвазе кколеб, тIадежоялъе жидехъа изнуги босичIогоян, гьезда данде рахъун цIолодиселги ратана.

 

Гьелдаго цадахъ районалъул нухмалъиялдаса разилъи гьечIолъиги букIана гьезул (жал рехун тун ругила – бащдал гIадамал Чачаналъ хутIун ругила жидер).

 

 

ТалихIалъ, хасаб комиссияги гIуцIун, кIиябго росу рекъезабизе бажарана.

 

Гьединго доб заманалда рукIунаан гIакълу гьечIолъиялъищ яги жидерго гIамалалъул гIан-чIлъиялъищали кIалдире рачIарал цере ккарал цIаралги лъун, батIи-батIиял горсвераби гIуцIулел гIолохъабиги. Цо-цо чагIаз гьел националисталлъунгицин рикIкIунаан. Амма букIинчIо гьезулъ миллатчилъиялда хурхараб щибниги хIужа. ДГУялдаги пединституталдаги тIатинабун букIана гьединаб кIиго къокъа.

 

ПалхIасил, гIиси-бикъинал жал гурони, пачалихъалде данде рахъун гьабин абун, цебе рехизе бегьулеб хIужа букIинчIо доб мехалда.

 

— КГБгун ФСБялда дандеккун, НКВДялъул рахъалъ беццилеб пикру гьечIо гIадамазулъ, гьелъул хIалтIухъабаз жиндир заманалда халкъалда квешго кьаби щвезабиялъгIаги ба- тила.

 

— Буго гьединаб пикру, щайгурелъул гIезегIан гIорхъолъа рорчIарал жал, масала, репрессиялги рукIиндалха 1937-1938 соназда. Амма бицунебгIан кIудияб къадаралда рукIинчIо гьел. Репрессиязде цо миллионалдаса цIикIкIун чи кканин бицен букIана. ХIакъикъаталда 600 азарго чи ккана.

 

Гьелъин Хрущевас цо миллионгун 200 азарго чиясдалъун дагьлъизабун букIараб армияги. Гьезда гьоркьор бащдалдасаниги цIикIкIун чекистал рукIана.

 

Цинги Андропов тIалъиялде ккедал, дагь- дагьккун байбихьана чекистазул даражаялдеги къадаралдеги кIвар кьезе. 1980-абилел соназда КГБ лъугьана къуватаб, чIара-хьараб гIуцIилъун.

 

Штирлицгун Берия

 

Штирлицил заманалда баккараб цо анекдот буго советиял шпионал тIатунаанила чайдул стаканалда жаниб гъудалъ чакар багъарулаго гьез гьаракь бахъинабулеб букIиналдалъун. Немцазул разведчиказ абуни, культура цIикIкIараб букIиналъ, рагIун-рагIулареб куцалда багъарулаанила стаканалъуб гьеб чакар.

 

— Гьадингосел гIахьучIал руго гьел. Совет Союзалъул гIадаб разведка лъилниги букIинчIо я техникаялъул, яги агентураялъул рахъалъ. СССРалдехун симпатия букIиналъ, чIорогоцин хIалтIулаан къватIиса улкабазул цо-цо гIадамал.
Кутакалда Совет Союзалъул разведчиклъун дандчIвазе бокьун бугиланги абун, фашисталгун рагъулеб заманалда КГБялъул цо хIалтIухъанасухъе вачIун вугоан гIолохъанав ингилисав, физик-атомщик. ЦIехон буго щиб махщалие мун цIаларавилан. КъватIиса улкабазул мацIал лъазарулеб факультет лъугIанин жаваб кьун буго КГБялъул вакилас. Гьедин батани, жинца дуе бицинехъин бугеб тема дагьа-макъабниги лъазе букIине, гьаниб аскIоб бугеб цо тукадаса босун брошюрагун, атомалъул физикаялъул хIакъалъулъ цIалеян гьарун буго гьесда ингилисас.

 

Гьедин гьабунги буго КГБялъул вакилас. Цинги анкьидасан ингилисавгун дандчIвайдал, гьес досда бицун буго немцал атомалъул бомба гьабулел ругилан.

 

Гьединаб баяналъухъ, баркала хIисабалда, гьесие гIарац кьезе лъугьун вуго КГБялъул хIалтIухъан. «ЧIа, чIа, чIа!» — ян абун буго ингилисас, нужер улка жеги рагъда букIаго, батанщинал камиял кколел ругебги гIечIого, дуца жеги дие гIарацгийищ кьезе кколебан.
Гьеб балагь чIезабизе бажарулеб улка дунялалда тIад СССР гурони гьечIилан тIадеги жубан буго ингилисав-физикас.
Унголъунги доб заманалда нилъер улкаялъ билълъанхъизабулеб букIараб политикаялъулъ кутакалда кIудияб хIаракат Лаврентий Берияцаги бахъана.

 

— ???

 

— Гьесул хIакъалъулъ рицунел жал кьучI гьечIел харбал руго. Гьесда цадахъ хIалтIулел рукIарал чагIи рихьана дида. Добе-анибе цIачIого, чиясда бадибе рагIиги абулев, лъидаго вачIев, цебетIураб пикруялъул чи вукIун вуго гьев. ЦIакъ берцинал сураталги рахъулел рукIун руго. Йокьун ячарай лъадиги йикIун йиго, гьединлъидал руччабазулгун гьесул рукIарал бухьеналги гьерсал руго.

 

Резидентасе гъураб къор

 

— Мун Дагъистаналде генераласул хъулухъалде вачIун вукIана (УФСБялъул директорасул за- меститель – авт.). Амма дуе гьеб цIар кьун гьечIоха.

 

— ЧIванкъотIун кьезе кколин абураб жо букIинчIо гьениб, бокьани кьун, бокьани кьечIого тун гурони.

 

Амма хIалтIул хIасилазухъ балагьун, лъикIаб биография букIана дир. Гьадал оперативиял хIаял гурелги, масала, дица ккуна къватIиса улкабазул хасал хъулухъазул резидентги. Бакъбаккул Европаялъул цо улкаялъул цевехъан чIвазе винторез босулев ватана гьев. Тулаялда тIобитIана гьеб операция. Нижеда байбихьуда гIадатияв бизнесменин ккун вукIарав гьев чи хIакъикъаталда хасал хъулухъазул генерал ватана.

 

ЦохIо гьев чи кквезелъун Тулаялда маххул нухлул вокзалалдаса нахъе ритIун рукIана уборщицаялде гIунтIун киналго хIалтIухъабиги пассажиралги.
Абухъего, «дица тIобитIана хасаб операцияйин» абулеб рагIула цо-цо чагIаз. Цо чияс гьабулеб жо букIунаро гьеб. Гьелда тIад хIалтIула тIубарал институтал, тIадегIанаб даражаялъул профессионалазул къокъаби.