БахIарзазул улбул кIочон толаро

МахIачхъалаялда, «Россия – дир тарих» абураб тарихияб паркалда данделъун рукIана СВО- ялда бахIарчиго хварал васазул улбулгун лъудби, мобилизациялъ ахIун арал гIолохъабазул гIагарлъи, пачалихъиял ва жамгIиял гIуцIабазул вакилзаби.

 

Эбелалъул къо кIодо гьабун, «АхIулеб буго эбелалъе кечI» абураб ватIаналде ва улбузде рокьи загьир гьабулел кучIдузул ва церерахъиназул тадбир букIана гьеб. БахIарчиял улбузулгун пашманлъиги гIахьал гьабизе, рухIалда барахщичIого ватIанги нилъер парахалъиги цIунарал васазе тарбия кьуралъухъ гьезие баркалаги кьезе церерахъана жамгIиялгун пачалихъиял гIуцIабазул нухмалъулел.

 

Гьаб захIматаб заманалда «Россиялъул улбул» абураб тIолгороссиялъул гIуцIиялъул МахIачхъала шагьаралда бу- геб отделениялъул нухмалъулей Сефижат МухIамадрасуловалъ лъикIаб рагIудалъунги кумек хIажалъараб мехалда батIи-батIиял гIуцIабазулгун бухьен гьа- бунги квербакъулеб буго СВО-ялда хварал аскариязул улбузе.

 

Гьеб тадбиралъул мурадги букIана СВОялъул бахIарзазул улбузда, лъудбузда ва цогидалги гIагарал руччабазда гьел жалго хутIун гьечIеблъи, гьезда сверухъ, сундулъго гьезие квербакъизеги ургъел бикьизеги хIадурал гIадамал рукIин бихьизаби. С. МухIамадрасуловалъул рагIабазда рекъон, республикаялда гIуцIун буго «Улбузул къуват» абураб жамгIиятги.

 

Тадбиралда кIалъана ДРялъул муфтиясул кумекчIужу ГIайнаъ ХIамзатова, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Елена Ельникова, Россиялъул БахIарчи НурмухIамад ХIажимухIамадовасул эбел Сапижат Мазаева, Лъималазул ихтияр цIуниялъул рахъалъ вакил Марина Ежова, ДРялъул сахлъи цIуниялъул министралъул заместитель Раиса Шахсинова ва цогидалги.