«Дир миллатцоял, кье нужеего суал, нуж магIарулал ругищ?»

 
 
Бакъназул устар, кочIолаб искусствоялъул гIелмуялъул про­фессор, Россиялъул мустахIикъав артист. Пахруявин цо-цояз рикIкIунев, гьунар тIокIав вукIиналъе киналго мукIурлъарав, жинца квер бараб махщел камиллъизабулаго бащдаб гIасру арав. Къурачевас гьаруралщинал ишазулги гьесие щванщинал шапакъатазулги бицани, цIакъго халалъила. Гьесул репертуар лъалев, махщалил пикру гьабулев чиясда бихьула, бичIчIула Дагъистананалъул кочIолаб дунялалда Къурачевасул хатIалъул хаслъи, гIицIго жиндирго творчество цебетIеялъул мурадалда гурев, аваразул кочIолаб дунялалда  хIажатаб бутIа лъолев устар гьев вукIин.
 
 
 
— ТIагьир, тIоцебесеб иргаялда, баркула дагьалъ цебе дуе щвараб иргадулаб шапакъат — РФялъул ХIурматалъул Орден. Хадубго, лъикIав тохтурасе унтарасул гIадаб гIузрабазул суалги буго. Бихьизе сурукъаб, рагIизе намусаб хIалалде ккезабун буго кочIол дунял. Дуца щиб абулеб гьелда?
 
 
 
— БитIахъе, чорокаб гIоралъ хъамун унеб гIадаб хIисаб буго. Лъицаниги пикру гьабулеб гьечIо гIор чороклъун бугин, гьениса къватIире рахъине яги гьеб тIокIкIинабизе ккелин абун. РакIалде щолеб гьечIо рацIцIадал иццаздаса, мугIрул лъараздаса гIор гIолеблъи. МагIарухъ бижараб лъикIабщинаб бакъан, кечI, гIадат, къадруяб хьвада-чIвади — гьеб цIуничIезул кечIги хIабургъараб букIуна. Щивас жиндасаго байбихьани, лъикI буго квешаб тезеги лъикIаб бекьизеги. Журналистазги цIикIкIун бицине ккола гьел гIузрабазул. Гьединго цIикIкIинабе миллияб кечI-бакъаналъул, мацIалъул берцинлъи ва пасихIлъи цIунарал гьунарчагIазулгун гара-чIвари. Щибаб газеталда, телевидениялда вукIине ккола кечI-бакъаналъе битIараб къимат кьун бажарулев чи, рагIабазул магIна босизе лъалел.  
 
 
 
— Нижецани гIемер бицуна, амма кин тарбия кьелеб цебе ккараб кечI-бакъангун цеве вахъунев кочIохъанасе, «гIивги» бачун гьев къабул гьавулеб халкъалъе? ЗахIматаб суал буго…
 
 
 
— Суал захIматаб гьечIо, магIна босуларого буго, нужеца хъварабги дица бицунебги бичIчIулел дагь руго. МагIна босулез гурони цIалуларелъулха казият. МагIарул чиясул къадру бортулеб, къимат борхулеб бакI лъаларого буго гьанже. 30-40 соналъ цебе бичIчIулеб букIана, лъикIабщинаб цIунулеб букIана. Гьайгьай, гIумру цебетIун буго, гIолохъанаб мехалъ дида лъаларел рукIарал жал гьанже лъабго сон бараб лъимада лъалел руго. Гьадинаб заманалда зритель гьадигIанго нахъе ккарав, бичIчIи гьечIев щай вугеван бижулеб буго суал. Щайгурелъул жинцаго гьабулелда, рагъа-ракариялда тIад ургъуларого рукIун. Зрителал нахъккезарурал чагIи щал? Ниж, кочIохъаби! КочIохъанас милат гьабулеб гьечIо цеве вахъун щолеб гъурщил гурони. Леее, йооо, кочIохъаби, сценаялде вахъиналде цин пикру гьабизе ккола щиб ахIизе бугеб, лъие ахIизе бугеб, щиб магIнаялъул ахIизе бугебали. Пикру гьабизе ругьунлъизе чи цIализе ккола. Дица абула кочIохъабазда, унго-унгояв музыкантасул гьунар букIине кколин цин, хадуб гъурущги. 
Гьунар цIубарабгIан гъурущ цIикIкIуна. Гьанжесеб сценаялда магIна-гIиналда кечI ахIизе цеве вахъине бищун дагь щуго соналъ, лъикIаб махщел щвезе жеги гIемер соназ цIализе ккола. ЦIаларав чияс магIна гьечIел жал гьаруларо.
 
 
 
— Лъай-цIалиялда хадув лъугьарав кочIохъан гIемер ватилин кколаро…
 
 
 
— ГьечIоха. Херлъиялде гIагаригун цо-цоял рачIуна, гьаракь хун бугила, щибгIаги гьабизе бегьулеб жо букIунарищила, гьаракь лъикIлъизабизе къваригIун бугилан. 40-50 соналъ эхебе-эхеде кьабун, цебе кковухъе кечI ахIараб гьаракь анкьида жаниб хисизабизе кIолищ? КIоларо. Цо-цо чагIи руго тIабигIаталъго кечI ахIизе гьунаргун рижарал. Гьединаздасан йикIана Муи ХIасанова. Соназ къуркьизабизе кIвечIеб, гучаб гьаракь букIана Муил. Халкъалъе йокьулей кочIохъан йикIана Манаша Дибирова. КечI цIакъго хIеренго, гIедерго, недегьго ахIани, гьаракь кьолел лугбузде хIал ккола, гьаракь хехго къуна. Гьелгун цадахъал концертазда чанги гIахьаллъулаан дунги. Доб заманалда цо кверзул килщазда рикIкIине гурони кочIохъаби рукIинчIо. Гьанже нусго чиясул кверал гIеларо кочIохъаби рикIкIине.
 
 
 
— Музыкалияб искусство лъазабизе бокьарал гIолилалго рачIунищ гьанже цIализе?
 
 
 
— РачIуна, амма дагьал руго. Дида цере цIалун лъикIаб махщел щварал руго батIи-батIияб миллаталъул гIезегIанго кочIохъаби. Мисалалъе нилъералго рехсани, ХIамзалав ХIамзалов, ХIадис Сабиев, КъурамухIамад Бигачев, Абакар ГIумархIажиев. МагIнаялда кечI ахIулел, бокьаразе мисаллъун рехсезе бегьулел кочIохъабаздаса 
руго МухIамадтIамир Синдикъов, Хадижат Жамалудинова, ГIабдула МухIамадмирзоев. ГIайшат Тажудиновалъулги букIунаро магIнаяб гурони, тIадагьаб кечI. Гьей магIарухъ йикIаниги, дица халккола гьелъул творчествоялда хадуб. ТIолабго кечI-бакъан хIатIазул даражаялде ккарал гIемер руго. Гьединабги къваригIунеб батила бертабалъ, банкетазда. Амма сценаялде вахунев чиясул букIине ккола тарбия кьолеб, гIадан ургъизе тIамулеб, лъикIаб рахъалде гьесизавулеб магIнаялъул кечI-бакъан. 
 
 
 
— ТIагьир, хIасилул калам, критика гьечIо кечI хъвалезеги ахIулезеги. Вехь гьечIеб гIи гIадин, биччан тун буго адабиятгун маданият. Гьелъие мукIурлъун, руцIцIухIун чIун ругоха…
 
 
 
— АхIулеб кечIалъул анализ гьабун бажарулев, цIалун вахъарав критик гьезего гьечIо республикаялда. Критик гуро кидаго квешал рахъазул бицунев чи, битIараб къиматалъ загIипалги къуваталги рахъал тIатинарула, тIад хIалтIизе тIамула. Москваялда цIаларал музыкалиял критикал рукIана цере нилъер. Доб мехалда Дагъистаналъул композиторазул гIуцIиги букIана къуватаб. Халкъалъухъе кьолебщинаб кочIода хадуб халкквейги букIунаан. Чи гIодизе тIамулел некIсиял бакънал, кучIдул ахIулел руччаби руго жеги магIарухъ. Гьел лъида ракIалде щолел ругел? Бугебги хвезе тей буго нилъер гIайиб.
 
 
 
— Республикаялъул маданияталъул гIемерал рахъазда батIи-батIияб бутIа лъолев чи вуго мун. Композитор, дирижер, мугIалим, кочIол искусствоялъул профессор… Кив бищун свакалев, киб ракI бохулеб?
 
 
 
— РакI бохулареб ишалда квер базецин бокьуларо. Сценаялде вахунев щивав чиясул жинди-жиндир вукIуна зритель. Дие гьез кечI ахIизе хIасрат кьола, гъозда дун вичIчIула. Дир гьунаралдаса чIухIуларо, гъоздаса воххула. Дир творчество бокьулел зрителал, гьезулъ бугеб магIна, гъварилъи, гIодоре риччай. Цо мисалал рехсела нужеего. Дирго юбилеялъулаб концерталда ахIизе бакъанги хъван хIадурун букIана Фазу ГIалиевалъул рагIабазда «Эбел» абураб кечI. Дунго дидаго чIун гьеб ахIулаго чвахун унеб буго магIу. ВахI, киданиги, щиб кечI ахIаниги, дун гьедин гIодизе тIамичIо. Концерталъул къоялъ ирга щвана гьеб кечIалде, бачIана биччан гьелъул бакъан, добго асаралъул карачелги бачIун къан ккуна ракI. КIал рагьани, магIу чвахун бачIунеб хIал лъугьана. КIолеб гьечIо ахIизе. ГIодизе бегьилищ бихьинчи сценаялдеги вахун, халкъалда цеве? МагIарулав гурищ дун? ГIодизеги бегьулеб гьечIо, кечI ахIизеги кIолеб гьечIо, унеб бакъанги буго, вуцIухIун чIун сценаялда эхетун дунги вуго. СихIкъотIи буго залалда. Цо минутгIанасеб заман ана гьедин. ЯчIана цее, концерт бачуней йикIарай Фаина Графченко. Зрителазда рагIун гьелъ гьикъулеб буго щиб лъугьарабилан. Эбелги ракIалде щун кIолеб гьечIо ахIизеян кьуна жаваб. Гъоб букIана дир гъалатI, дун цеве вахъине бегьулароан тIуван хIадуричIого. Амма гьеб гъалатI дир зрителас гIунгутIи хIисабалда къабул гьабичIо. Гьезда бичIчIана дир рекIел хIал
 
 
 
— Дурго репертуаралде цIияб кечI босулелъул, лъида бугониги дандбалищ? 
 
 
 
— Мунагьал чураяв Расул ХIамзатовасда дандбалаан. Щибаб цIияб кечIалъе гIумру кьолаго цин гъосие ахIулаан. Расулида бичIчIулаан кинал рагIабазе щиб бакъан рекъолебали, 
гIакълуги кьолаан, гъалатIалги ритIизарулаан.
 
 
 
— ТIагьир, лъалеб жо буго магIарул кочIол эстрадаялъул жанр, къагIида дуца гIуцIараблъи. ГIумруялъго гитараялде цIикIкIун ракIцIай букIинги бихьана. ТIамуралъулгун гьудуллъи бугищ? 
 
 
 
— Дун лъарагIлъиялда гIурав магIарулав вуго, тIармил сверулъеги гIемер ккун вукIинчIо. МахIачхъалаялъул Буйнакскиясул къотIноб букIана «Мелодия» абун музыкалиял алатазул тукен. Дун, гьитIинав чи, аскIосан унаго гордухъан бихьулаан гитара, багьаги букIана 7 гъурущгун 20 капек. Гьеб бокьун холев вукIана дун. Босеян эбелалда гьарана. 
Кинаб гитара, щиб гитара, гьеб магIарулазул алат гурин малъиего гьабичIо эбелалъ. Хадуб, цIакъго дие бокьун букIин бихьун, босана гьеб. Гьелдаса байбихьана. Миллаталъе хасиятаб гуреб рахъалде буссараб букIана дир творчествоялъул байбихьи. Эстрадаялде машгъуллъун, гьеб берцин бихьулаан, гьеб гурони цогидаб ботIролъ букIинчIо. Цо къоялъ Аллагьас кантIизавуна, дун магIарулав вукIиналда рекIеда ватизавуна. 1980 соналда Избербашалда вукIана гIумру гьабун, музыкалияб училищеялда дарсалги кьо-
лаан. Жеги хъизанги гьабичIеб мех букIана. ХIалтIудаса хадуб рокъоб чIамучIлъунги вукIунаан. Цо сордоялъ дицаго дидасаго сурав босулел гIадал пикраби рачIана ботIролъе.
 
Дирго суалазе жаваб кьезе тIамуна Аллагьас дунго: 
 
— Ле, мун магIарулавищ? 
-У, магIарулав вуго!
 — Дуда тIамур бачине лъалищ?
— Лъаларо. 
— Мун бакъназул гIелму малъулев мугIалим гурищ? 
— У. 
— Кинав магIарулавха мун тIамур бачине лъаларев? Дур халкъалъул гуреб гитара бачун вукIине бегьилищ? 
— Бегьиларо, руго халкъал жидерго музыкалияб алат гьечIелги! 
— Дуца кечI ахIулищ?
— АхIула. 
-Дуда магIарул мацI лъалищ?
— Лъала.  
— МагIарул мацIалъ кIалъазе лъараб гIолищ? Дуда магIарул халкъиял бакъналги кучIдулги лъалищ, гьел ахIулищ? 
— АхIуларо, лъаларо. 
— Бакъналги ургъулев, кечIги ахIулев, дурго миллаталъул маданияб ирсги лъаларев кинав махщелчиха мун?! 
 
 
КIудияб гьикъул ва ахIул ишараби ботIролъгун вахана бусаде. 
 
 
 
Нахъисеб къоялъго байбихьана тIамур балагьизе. Анкьида жаниб, нижерго районалъул устарзабазухъа тIалаб гьабуна, гьеб хъвазе ругьунлъулаго чвахун рачIана рекIелъги ботIролъги бусен лъурал нилъерго бакъналги кучIдулги. Гьединаб хIикмат буго нилъер гьаналъ бессараб миллияб хаслъиялъул. Нилъ гьелдаса тIуни, чи миллаталъеги жиндиегоги тIуван виларавлъун хутIула. Цоги кучIдузда релълъинчIеб, ахIизеги бигьаяб гуреб некIсияб бакъан буго чIохъдерил, нижеца гьелда «кIудаб бакъан» абула. Дица гьеб 
бакъан данде алат бачинчIого ахIула. Гьебцин батана ботIролъ цIунун. Кинабго, дилъ кьижанщинаб борчIизабуна тIамур бачине ругьунлъидал. ГIажаибаб, цоги алаталъ гьабулареб къуватаб асар гьабула тIамуралъул сасалъ. 
 
 
 
Цебесеб гьечIони, цIияб букIунаро. Халкъияб кечI ахIулаго, гьелъ рахIат кьола ракIалъе. Жиндир миллаталъул бакъанал, фольклор лъалев, гьеб бокьулев ва бичIчIулев чи — гьев 
талихIав вукIин бичIчIулеб буго сонал аралгIан. Гара-чIвариялъул ахиралда, тIадеги вахъун, редакцияго кверде босулеб хIалалъ, биччана ТIагьирица жиндир умумузул некIсияб «кIудаб бакъан». АхIичIого хутIарал кучIдул гIемер ругинги абун, хасгьабун тIармида ахIизе хъвараб бакъаналда, жеги кибниги ахIичIеб кечIги сайгъат гьабуна гьес нижее. Гьеб кинабго кватIичIого нужеда батила нижер телеграм-каналалда. 
 
 
Къо-лъикI гьабулаго, Къурачевас абуна: 
 
 
— Щивав миллатцоясе суал кьезе бокьун буго газеталдасан: 
 
 
«Мун магIарулав вугищ?» — абун. Ватани, дур столалда тIад щибаб анкьие цIияб «ХIакъикъат» букIине кколин абила дица гьезда. Дир миллатцоял, кье нужеего суал, нуж магIарулал ругищ?
Миллионалде гIагарун ругел магIарулазул чан вугев «ХIакъикъат» хъвалев, гьебги цIалун магIна босулев чи? Гьелдаго цадахъ билулеб буго магIарул миллаталъул чIухIи. Гьеб буго нилъер лъавукълъи, намуслъизе ккараб иш.