Москваялда тIобитIана РФялъул Пачалихъияб советалъул данделъи Данделъи нухда бачарав улкаялъул президент Владимир Путиница бицана регионазде инвестициял рачIинариялъе нухал ратиялъул хIакъалъулъ. Данделъиялда гIахьаллъана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги. Улкаялъул нухмалъулес абуна инвестициял цIикIкIин бараб бугин регионазул нухмалъиялда. «Гьединлъидал аслияб кIвар буссинабизе ккола махщел камилал хIалтIухъаби, инженерал, махщелчагIи хIадуриялде. Гьеб ишалда гIахьал гьаризе ккола ишалъулал...
