Щуго проект

ГIисинабги гьоркьохъебги бизнесалъул масъалабазул хIакъалъулъ бицана

 

Республикаялъул нухмалъулес бицана рехсараб Корпорациялъулгун гьабураб бухьеналъул кIудияб кIвар бугин Дагъистаналъул бизнесалъул цебетIеялъе.
Александр Браверманица абуна Дагъистаналда ругин инвестициязул проектал гIумруялде рахъинариялъе лъикIал шартIал. Гьезда гьоркьор рехсана географиялъулалги гьава-бакъалъулалги шартIалги. «Корпорациялъ Дагъистаналъе кьу­на 3,1 млн гъуршил багьаяб ун­къо гарантия (гIисинабги гьоркьо­хъебги бизнесалъе). Гьелдалъун рес щвана анлъго млн гъуршил инвестициял республикаялде рачIинариялъе. Гьеб дагьаб буго. Нилъ жеги хIалтIизе ккола бизнесменазе баянал кьеялда тIад, ай гIатIидго бицине ккола бизнесменазе пачалихъалъ гьабулеб кумекалъул хIакъалъулъ. Аслияб масъа­ла буго, регионалъул гIадамал хIал­тIудалъун хьезари, экономики­яб цебетIей цIикIкIинаби», – ян бицана Корпорациялъул генералияв директорас.
Данделъиялда хасаб кIвар буссинабуна ГIисинабги гьоркьохъебги предпринимательствоялъул бизнес-навигаторалдеги. Александр Браверманица бицана, Корпорациялъ гьеб интернет-сурсат хIадуранин 2016 соналда ва цIияб иш рагьизе яги бугеб кIодо гьабизе къваригIарав бизнесменас гьелдаса чIобого пайда босизеги бегьулин. «ГьабсагIаталда Бизнес-навигаторалда буго нусазаргоялдаса цIикIкIун чияс гIумру гьабулеб Россиялъул 171 шагьарги, цо-цо субъектазул тахшагьаралги, 18 моношагьарги. Руго гьелда МахIачхъалаги Каспийскги. Гьениб хъвай-хъвагIай гьабун буго 6,5 азарго Дагъистаналъул предпринимателасги.
Бизнес-навигаторалъул кумекалдалъун СКФОялъул гIисиналги гьоркьохъелги компанияз гьаруна 12,75 млрд гъуршил къотIи-къаял. Дагъистаналъул бизнесменалгун гьабуна 3,1 млрд гъуршил къотIи», – ян бицана Браверманица.
Гьелдаса хадуб рихьизаруна республикаялъул компания­з хIа­дурарал проектал. Гьел про­ек­тазе хIажатаб гIарцул къадар 1,47 млрд гъуршиде бахунин абуна ДРялъул Предпринимательствоялъул ва инвестициязул агентствоя­лъул нухмалъулев Башир МухIамадовас.
«Гъизляр Урицкий мясокомбинат» ОООялда ракIалда буго, Тарумовка районалда 15 гектаралда гIи-боцIухъанлъиялъул комплекс базе. Гьелъие хIажалъула 446 млн гъуруш. Гьелъул бащалъи букIине буго инвесторасул бутIалъун.
«Нур» Агрофирма ОООялъ хIа­дурун буго ункъо гектаралда теплицабазул комплекс баялъул про­ект. Гьелъие хIажалъизе буго кIинусгогIанасеб млн гъуруш.
«Урожай» КФХялъе бокьун буго лъабго гектаралда теплицабазул комплекс базе. Гьенир гIезаризе руго овощал.
«Агросоюз» СПоКалъул проек­талда рекъон, гьан хIадурулеб агрокомплексалъе базехъин буго боцIуе рагIи-хер хIадурулеб база.
«Артман» компаниялъул букIа­на хьитал гьарулеб фабрика цIи­гьабиялда бан хIадурараб проект.
Рехсарал проектал гIумруялде рахъинарун хадуб, Башир МухIа­ма­довас абухъе, букIине буго 265 чиясе хIалтIиги, бюджеталде санайил­го бачIине буго 50 млн гъурушги.
Данделъиялъул хIасил гьабулаго, Александр Браверманица абуна проектал къабул гьариялде хьул бугилан.