ИГилалъул хьулал хIорлъулел руго

Жакъасеб къоялъул къваридаб сарин

 

2014 соналдаса байбихьун, жакъа къоялде щвезегIан гIезегIанго чи чIвана Сириялда
нилъер республикаялдаса, гIемерал руго хабар лъачIого тIагIаралги

Ахирал соназда нилъер республикаялда цебечIараб балагьаб суаллъун лъугьана Сириялда унеб бугеб рагъулъ террористазул рахъалда нилъер гIадамаз гIахьаллъи гьаби.
Гьеб рагъул кор боркьизабуразда гьоркьор руго батIи-батIиял къуваталги политикиялгун рагъулал гIуцIабиги. Гьезул цояблъун ккола ИГил (Исламияб пачалихъ). Гьелъул мурадги буго, инсанияталъулго гIумру гьабиялъул къагIидаги хисизабун, тIолгодунялалъулаб халипат гIуцIи.
ИГилалъул бетIер Абу-Бакр ал-Багъдадица живго лъазавуна халиплъун ва жиндаго цIарги тана Ибрагьим-халипилан. Гьедин гьес хIаракат бахъулеб буго жив аварагасул даражаялъул чи вугин бихьизабизе. Абу-Бакр гьавуна 1971 соналда Багъдадалда аскIоб бугеб Самарра абулеб гьитIинабго шагьаралда. Гьевги гьесул эменги ккола салафитал. 1989 соналда Саддам ХIусеница, дунявияб рахъги тун, диналдехун лъикIаб бербалагьи гьабизе байбихьараб мехалда, гьев цIализе лъугьана Багъдадалда рагьараб Саддамил цIар лъураб исламиял гIелмабазул университеталде.
2004 соналда Абу-Бакрица рехун тана жиндирго кIияйго чIужуги 4 лъимерги ва ячана немцай Диана Крюгер. Амма гьейги, росасул кьогIлъи хIехьезе кIвечIого, ИГилалъул кверщел бугеб ракьалдаса 2016 соналда тIурана, ва гьей чIвазейилан хадур ритIарал чIвадарухъабазухъе щвечIо.
Лъалеб букIахъе, ИГил баккана ГIиракъалда жаниб гьитIинабго къокъа хIисабалда ва гьеб пачалихъ бахун къватIибехун гьелъул кверщелги тIибитIичIо. Амма хадубккун, гьениса Америкаялъул аскарал нахъе аралдаса, ИГилалъулазе рес щвана ГIиракъалда тIад тIубанго кверщел гьабизе ва гьеб пачалихъалъул доб заманалъул хIукуматалъул бетIер, шигIияв Нури ал-Маликил сиясаталде данде суннияз гьабулеб хIаракаталдаса пайдаги босун, гьезие кумек гьабулебиланги ккезабун, жидерабго чIезабизе. Гьелде тIадеги, аскIоб бугеб Сириялда ккараб ахIвал-хIалги хIисабалде босун, гьел рачIана гьенире. Жакъа ИГилалъул нухмалъулез бахчулеб гьечIо жидер мурад дунялалдаго тIад кверщел гьаби букIин.
Гьединлъидал гьединаб улка гIуцIизе гIоло, Абу-Бакрица цо байрахъал­да гъоркь ракIарулел руго батIи-батIиял яргъид гIуцIарал къокъаби. Амма, вахIшиял къагIидабиги хIалтIизарулаго, гьединаб пачалихъ гIуцIизе гIа­да­мал разилъиги щакаб жо буго. Гьелдаго цадахъ, кIудияб зарал ккана бусур­бабазул тарихалъеги маданияталъеги гьез некIсияб Пальмиралда «Бэла» гIа­дал диниял рукъзал, сиял ва ГIиракъалъул ХIатIру ва Нимруд гIадал ша­гьарал риххизариялъ, насраниял килисабиги диниял рукъзалги кьвагьизариялъ.
Бихьулеб буго, кигIан хIаракат бахъаниги, жиндаго цебелъураб, дунялго кверде босилин абураб масъа­ла ИГилалда тIубазабизе кIолеб гьечIолъи. Хасго ахираб заманалда ИГилалъулал махIрумлъана щолеб букIараб нарталдасаги рагъуе кьолеб букIараб гIарцудасаги. Гьелдаго цадахъ лъедерлъулел руго гьезул кьералги — гьанже цIакъ захIмалъулеб буго ИГилалде гIолилал рачинеги, гьел рагъулъе цIазеги.
ГIажаиблъи гьабизе бачIуна ИГи­­­лалъул рахъалда рагъизе ба­тIи-батIиял улкабаздаса гIада­мал рачIиналда, Тунисалдаса, Са­­­­гIудиялдаса, Франциялдаса, Гер­ма­ни­ялдаса, Англиялдаса, Россиялда­са ва цоги улкабаздаса социалиял гьи­­наздасан ва журналаздасан рес­публикаялдаса, «бичIчIикьеялъул» хIал­тIул хIасилалда, гIолилал васалги ясалги гьеб рагъде иналда. Гьезда гьор­кьор руго нилъер республикаялда­са гIолилалги.
2014 соналдаса байбихьун, жакъа къоялде щвезегIан гIезегIанго чи чIвана Сириялда нилъер респуб­ли­каялдаса, гIемерал руго хабар лъачIого тIагIаралги. АнцI-анцI хъи­замалде бачIана балагьаб хабар, чанги эбел-инсул бадиса бакъвалеб гьечIо магIу. Гьезул цо-цоязул къисматалъул хIакъалъулъ хъван букIана магIарул газеталдаги. Гьедин бугониги, жакъаги камулел гьечIо гьеб «алжаналде» ине бокьарал дагъистаниял. Гьел Сириялде рагъде нухарегIулел кинго гIедегIулел гьечIо «алжаналъул рахьдал лъаразухъе» сапар жидецаго бухьине.
ИГилалъул хIасил кколеб гьечIолъи бихьизабулеб буго Сириялда рекъел гьабулеб Централъул хIалтIухъабиги, кьвагьулел миназдаса гIадамал чIолел бакIал эркен гьарулел солдаталги цIунулеб букIараб Буйнакскалъул бригадаялъул рагъулаб полициялъул батальон нахъе бачIунеб букIиналъги. Дагъистан Респуб­ликаялъул бетIерасул ишал тIуралев В. Васильевас тIалаб гьабулеб буго гьеб батальоналъул рагъухъабазе Болъихъ районалда лъикIал шартIал чIезаризе.
Республикаялъул нухмалъулес бихьизабуна жакъа Сириялда ахIвал-хIал лъикIаб рахъалдехун хисизабиялъулъ Россиялъул кIудияб бутIа букIин. Гьелдаго цадахъ гьес кIвар кьолеб буго Сириялдаса рачIарал Дагъистаналдаса руччабазе хIалтIи балагьиялдеги гьениса рачIарал лъималазул тIалаб гьабиялдеги.

З. Илясов