Баракатаб батаги

Щибаб сон байбихьулаго, нилъеца пикру гьабула лъикIал ишазул, нахъа тараб нухлул, тIурарал ва тIурачIел масъалабазул,
анищазул хIакъалъулъ

 

Бигьаяб букIинчIо редакциялъул коллективалъеги 2017 сон – анкьида жаниб алхинчIого къватIибе биччазе кколеб газета, гьелъие ралагьизе кколел материалал, цIалдолезул кагътазулгун хIалтIи, сапарал, дандчIваял.
Редакциялъ хIаракат бахъана улкаялда ва республикаялда кколел лъугьа-бахъиназул, хиса-басиязул, экономикаялда, промышленносталда, росдал магIишаталда, культурияб, лъайкьеялъулгун сахлъи цIуниялда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ цIалдолезе бицине.
Газеталъул кидагосел темабилъун рукIана ва рукIине руго нилъер миллаталъул тарих, маданият ва адабият, магIарухъ росаби цIуни, гьел чIунтизе тезе бегьунгутIи гIадал суалал.
Газеталъ гьоркьоса къотIичIого хъвала, хъвазеги буго рахьдал мацI цIунизе ккеялъул, росабазул ва шагьаразул школазда гьелде кIвар кьолеб гьечIолъиялъул хIакъалъулъ. МацI – гьеб ккола миллаталъул рухI, миллаталъул гьумер. Гьеб цIуничIони, тIагIуна халкъ, гIасруялъулаб тарих бугеб нилъер маданият, хаслъи.
МацI цIунизе ккеялда бан, гIалимзабиги, интеллигенциялъул вакилзабиги, рахьдал мацIалъул учительзабиги гIахьаллъараб чанго данделъи тIобитIана 2017 соналда «ХIакъикъат» газеталда, гьелъул хIакъалъулъ бицана республикаялъул цогидал газетазги телевидениялъги.
Рахьдал мацIалда макъалаби, кучIдул хъваялъул рахъалъ газеталъ школлъималазда гьоркьор гIуцIана конкурсал, бергьарал кIодо гьаруна сайгъатаздалъун.
КигIан бокьичIониги, абизе ккола нилъер миллияб газета хъвалезулги гьеб цIалулезулги къадар гIодобе кколеб бугинги. ЦIалдолезе бокьулеблъун букIине, цIалдолев рази гьавизе гIоло, гъуждул гурун хIалтIулеб буго ва хадубккунги хIалтIизе нияталда буго «ХIакъикъат» газеталъул коллектив.
Божула, миллатги, миллаталъул тарихги, мацIги, рухIияб ирсги хириял магIарулаз бухьен къотIизе теларин гIагараб газеталъулгун.
ТIаде щвараб цIияб сонги баркулаго, баркала кьезе бокьун буго нижер божарал гьудулзабазе, росабазул мухбирзабазе, газеталъул кумекчагIазе: ГIахьвахъ районалдаса Денга Махиевасе, Мусабег МухIамадовасе, ХIажимухIамад Кучуевасе, НухIбег Халидовасе, Супян ЦIабакьинскиясе, Каримат ГъалбацIовалъе, Бадрудин СултIановасе; ЦIумада районалдаса Хадижат Залимхановалъе, МухIамад Абакаровасе, ХIалимат АхIмадовалъе, Заира ГIалиевалъе, ИсмагIил ГъазимухIамадовасе, ХIабиб Давудовасе; Болъихъ районалдаса Сиражудин Шамсудиновасе, Рамазан ГIалиевасе, ХIажи Сайпуевасе; БежтIа участкаялдаса ШугIайп Ражабовасе, ХIасан Сулеймановасе; ЦIунтIа районалдаса ГIиса ва Къурбан ГIабдулаевазе, Наби ГIисаевасе; Шамил районалдаса Сайпула ГьитIинамухIамадовасе, ГIабдулвахIид ХIажиевасе, Зайирбег МухIамаднабиевасе, МухIамад Гъазалиевасе, Хунзахъ раойналдаса ПатIимат МухIамадгIалиевалъе; Лаваша районалдаса СагIид ГIазизовасе, МухIамад Мусаевасе, НигIматулагь ГIабдурахIмановасе; ЛъаратIа районалдаса Сайпудин Шейховасе; Гъуниб районалдаса Зайнудин Зайналовасе, МухIамад ХIасановасе; Унсоколо районалдаса МухIамад ГъазимухIамадовасе; Казбек районалдаса ГIалиасхIаб ГIумарасхIабовасе, Мухтар Чупалаевасе, Париза Гереевалъе, СалихI СалихIовасе; Гумбет районалдаса Камил ХIадисовасе, Магьди ГIабдурахIмановасе; ЧIарада районалдаса ГIалиасхIаб Давудмирзаевасе; Гъизилюрталдаса ГIабдулвахIид Лабазановасе, ПатIимат КъурбангIалиевалъе, ТIалхIат Ахъбердиевасе, ГIалибег Салаватовасе, Хабчу ХIусеновасе; Гъизляралдаса АхIмад ХIа­сановасе; Буйнакскиялдаса Равзанат СагIидовалъе, Хасавюрталдаса МухIамадрасул ШейхмухIамадовасе, Нажмудин Залимхановасе; МахIачхъалаялдаса ГIиса ХIасановасе, МухIамад ГIалиевасе, МухIамад НурмухIамадовасе, ХIайбула Вакиловасе, ХIажимурад Доногъое, Хатимат Мирзаевалъе, Хадижат Жамалудиновалъе, Чакар Мажидовалъе.
ТалихIаб, баракатаб ва икъбалаб батаги нилъее киназего тIаде щвараб ЦIияб сон.
РЕДАКЦИЯ