ТIадруссана, ракIбацIцIадго хъулухъги гьабун

МахIачхъалаялъул аэропорталда дандчIвай гьабуна Сириялда букIараб рагъулаб полициялъул батальоналда

 

11 декабралда Сириялъул Хмеймим авиабазаялде щвана Россиялъул президент Владимир Путин. Гьенив вукIаго, РФялъул оборонаялъул министрасдаги генералияб штабалъул начальникасдаги гьес лъазабуна Сириялда бугеб Россиялъул аскариязул къокъа рокъобе тIадбуссинабизе байбихьеян.
Аслияб хъулухъ тIубалеб бакIал-де – Дагъистаналде тIадбуссараб рагъулаб полициялъул батальоналда дандчIвазе МахIачхъалаялъул аэропорталде вачIун вукIана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги, Россиялъул Оборонаялъул министерствоялъул рагъулаб полициялъул бетIераб управлениялъул начальник Владимир Ивановскийги, ДРялъул муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевги, цогидал хIакимзабиги.
«1999 соналда халкъазда гьоркьосеб терроризмалъ хIалби­хьа­на Дагъистаналъулги. ГIемер­ми­ллатазулаб халкъ данде ба­хъана гьелде. Гьаниве вачIун вукIарав Владимир Путиница баркала кьуна ополченцазеги солдатазеги доб заманалда террористазда дан­дечIаралъухъ.
Ана сонал. Нилъер буго батIияб армия. Амма нилъер президент вуго армиялъул бетIерав командующий. Сириялда ккарал хиса-басияздасанги нужеда бихьула, Россиялъул халкъазда гьоркьосеб политика ритIухъаб букIин. Гьелъул рахъкколеб буго, гьеб цебетIолебги буго», — ян бицана Владимир Васильевас.
Владимир Ивановскияс бица­на 2017 соналъул июналдаса де­каб­ралде щвезегIан батальоналъ Сириялда гьарурал ишазул хIа­къа­лъулъ. «Батальоналъ Сириялда тIуразаруна хасал тIадкъаял. Жи­дерго гIумруялъе хIинкъи бу­кIина­лъухъги балагьичIого, ракI­ба­цIцIадго хъулухъ тIубана ба­тальо­­налъ. Аслияб жо буго, ками кке­зе течIого, киналго ватIаналде тIадруссин», — ан абуна гьес.
Сириялда хъулухъ гьабурал аскариязе кьуна Россиялъул Оборонаялъул министерствоялъулги Дагъистаналъул пачалихъиялги шапакъатал.