ДРялъул хIукуматалда

Цадахъал проектал

 

ДРялъул хIукуматалъул председателасул ишал тIуралев ГIабдусамад ХIамидов дандчIвана Китаялъул предпринимателалгун

Китаялдаса гьалбалгун дандчIваялда гIахьаллъана ДРялъул пред­принимательствоялъулги инвестициязулги агентствоялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Башир МухIамадовги «Дагъистаналъул цебетIеялъул корпорация» ОАОялъул нухмалъулев Элбрус ХIасановги.

Дагъистаналде рачIун рукIарал ки­таялъулазда гъорлъ рукIана «WinningInvestments» инвестиция­зу­лаб къокъаялъул президент, «Hia­wathaOilServices» абураб газа­лъулгун чIегIернартил проектазул аслияв акционер Ван Вэйги, «Tran­sbulkInternational» компаниялъул президент, порталгун аэропортал раялъулги, ракьул магIданал рахъиялъулги, халкъазда гьоркьосеб дармилги ва цогидалги рахъаздалъун Китаялдаги Европаялдаги машгьурав предприниматель ва инвестор Пэй Гуан Лиги, «HiawathaOilServices» компаниялъул (чIегIернартил бизнес) вакил Ван Таоги, контейнералги, промышленниябги логистиябги оборудование хIадурулеб «CIMC» абураб пачалихъияб компаниялъул лизингалъулаб управлениялъул нухмалъулев Чен Цзянги.
ГIабдусамад ХIамидовас гьалбадерида бицана, Дагъистан хIадураб бугин, цадахъал проектал гIумруялде рахъинаризе. Инвесторазе чIезарун ругел шартIазул хIакъалъулъги бицана гьес.
«Гьаб буго нилъер тIоцебесеб данд­чIвай. Нижеда ракIалда буго, Дагъистаналде инвестициял гьаризе. Хьул буго, Дагъистаналъулгун цадахъал проектал гIумруялде рахъинаризе», — ян бицана Пэй Гуан Лица.

*** 

Такъсир ва тамихI

ГIиракъалъул туснахъалда
Багъдадалъул руччабазул туснахъалда жанир тIамуразда гьоркьор руго Дагъистаналдаса 11 чIужугIаданги 28 лъимерги. Гьединго гьенир руго нилъер улкаялъул батIи-батIиял регионаздаса руччаби ва лъимал. Гьаниб гъоркьехун кьолеб буго туснахъалда ругел Дагъистаналдаса руччабазул сияхI.
1) МахIачхъалаялдаса МуртазагIалиева Жаннет Насрудиновна, 1998 соналда гьаюрай ва гьелъул кIиго лъимер.
2) МахIачхъалаялдаса ГIумарова Зугьра Рамазановна, 1979 соналда гьаюрай ва гьелъул ункъо лъимер — цо васги лъабго ясги.
3) МурадгIалиева Анжела МурадгIалиевна, 1984 соналда гьаюрай ва гьелъул кIиго лъимер.
4) Хасавюрталдаса Хангишиева Зарият, 1981 соналда гьаюрай ва гьелъул кIиго лъимер.
5) МахIачхъалаялдаса ХIажимурадова Аида Ибрагьимовна, 1978 соналда гьаюрай ва гьелъул ункъо лъимер.
6) Дербенталдаса ГIалимова Фатима ГIабдулбариевна, 1995 соналда гьаюрай ва гьелъул кIиго лъимер.
7) Дербенталдаса Бегиева Земфира Сальмановна, 1996 соналда гьаюрай ва гьелъул ункъо лъимер.
8) Дагъистаналъул Огниялдаса СагIидова Зарема Курашевна ва гьелъул кIиго лъимер.
9) Сулейман-Стальск районалдаса Идрисова Диляра Зайнудиновна, 1993 соналда гьаюрай ва гьелъул кIиго лъимер.
10) Дербенталдаса Беримова Ферида Низамудиновна, 1995 соналда гьаюрай ва гьелъул лъабго лъимер.
Августалдаса байбихьун Ираналдаса ва Сириялдаса Россиялде тIадвуссана нусгоялде гIагарун чи. 21 октябралда Сириялдаса Грозныялде рачIана анкьго чIужугIаданги 14 лъимерги, 13 ноябралда — 41 чи. Гьезда гьоркьор рукIана 29 лъимерги 12 чIужугIаданги.
Шамай Хъазанбиева

*** 

Ираналъе – бацIцIадаб ролъ
Россельхознадзоралъул Дагъистаналда
бугеб управлениялъ халгьабуна ролъул
287537 тоннаялъул

2017 соналъул байбихьудаса нахъе халгьабулеб буго Ираналде битIулеб ролъул. Маххул нухдасан Дагъистаналде гьеб бачIуна Кабардино-Балкариялдасаги, Краснодар ва Ставрополь краяздасаги. Цин гьеб бакIарула элеваторазда, хадуб бала гумузде. Гьелдаса хадуб Россельхознадзоралъул инспектораз босула дагьа-макъабго ролъ ва гьелъул халгьабула лабораториялда. Халгьабиялъе лъикIал ресал руго «ВНИИКР» ФГБУялъул ТIолгороссиялъул хурдузул карантиналъул централъул Дагъистаналъул филиалалъул лабораториялда. Гьениб халгьабуна 162 батIияб ролъул. Гьелда гъорлъ ратичIо черхалъе заралиял жал.
Лабораториялда халгьаби тIобитIун хадуб, заралиял хIутIал хвезариялъул мурадалда, ролъуде пунхъула газал-инсектицидал. Гьедин бацIцIад гьабун хадуб ролъ битIула Ираналде. ЛъагIалил байбихьудаса нахъе Россельхознадзоралъ кьуна 162 сертификат (араб соналде дандеккун, анкьгоялъ гIемер). Халкъазда гьоркьосел фитосанитариял хъулухъазда батичIо Дагъистаналдаса ритIулел гумузда хурдул цIуниялъул низам хвезабиялъул цониги хIужа.