Конституциялъул къо

ХIурматиял дагъистаниял!

 

Баркула нужеда пачалихъия­л байрамазул бищунго магIнаяб, кIвар бугезул цояблъун кколеб Рос­сия­лъул Федерациялъул Кон­ститу­циялъул къо!
ТIолгохалкъалъ гьаракьги кьун аслияб Закон къабул гьаби кко­ла нилъер улкаялъул тари­хал­да цебетIеялъул заман кIо­до­гьа­билъун, жибго жиндаго чIа­раб (су­вереннияб) демократияб фе­де­ративияб, правовияб пачалихъ гIу­цIиялъе щулияб кьучIлъун, гьелъ бихьизабуна анцI-анцI соназ цебеккун нилъер цебетIеялъе стратегияб нух.
РакIчIарав вуго, Конституци­ялда мугъчIвайги гьабун, гьелъул бугеб гучги, ресалги гIумруялде рахъинарулаго захIмалъаби къе­заризе нилъеда кIвезе рукIи­нал­­да, церечIарал масъалаби тIу­­разариялъе ресал ра­тизе ру­кIи­­налда, гражданазул ихтиярал, граж­данияб рекъел ва эркенлъи цIунизе, жамгIияталда разилъи букIинабизе, республика цоккураб хIалалъ цебетIеялъул нухде бачине нилъехъа бажаризе букIиналда.
Гьарула нужее щулияб сахлъи, икъбал, ВатIан цебетIеялъе гьарулел лъикIал ишазулъ бергьенлъаби!
В. Васильев,
Дагъистан Республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев