ХIалуцун ана заман

Ункъабилеб декабралда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев дандчIвана улкаялъул президент Владимир Путингун

 

Гьезда гьоркьоб ккана гьадинаб га­ра-чIвари.
В. Путин: Владимир ГIабдугIалиевич, мун кIиго моцIалъ хIалтIулев вуго республикаялда. Кинаб пикру ккараб дур гьелъул хIакъалъулъ?
В. Васильев: Заман хехго ана, хIалуцун.
В. Путин: Кинаб хIал бугеб хIалтIулъе лъугьиналъул рахъалъ? Республикаялда иш кин бугеб?
В. Васильев: ХIалтIи унеб буго. ЗахIмалъабиги камуларо, руго пайдаял ресалги нахърателги.
В. Путин: Узухъда, Дагъистаналъул ресал гIемер руго.
В. Васильев: ГьабсагIаталда унел руго районазул нухмалъу­лезулгун дандчIваял. Гьез ра­кIал­дещвезабулеб буго захIматаб заман, гьезда кIочон гьечIо, мун республикаялде вачIун вукIараблъи. Гьез дуе лъикIабщинаб гьарулебги буго.
В. Путин: Баркала, дицаги гьезие гьебго гьарула.
В. Васильев: ИчIго моцIида жаниб экономикаялъул цо-цо рахъазда лъикIаб хIал ккана. Квеш гьечIо промышленнияб производствоялъулги, росдал магIишаталъулги, бакIал раялъулги рахъал. Дагьалъго цIикIкIана гьоркьохъеб моцIрол харжалги, гражданазул хIакъикъияб хайирги.
В. Путин: ЧанцIул?
В. Васильев: ХIакъикъияб хайир 3,3 проценталъ, гьоркьохъеб харж – 5,1 проценталъ. Гьебги ичIго моцIида жаниб.
В. Путин: Россиялда гьоркьохъе­б хIи­са­балда лъабго проценталъ цIи­кIкIана.
В. Васильев: Баркала буго кумекалъухъ федералияб централъе. Промышленнияб производство 29 проценталъ цIикIкIанин абун нижеца бицунеб мехалда, гIемерисел дагъистаниял гьелда щаклъула. Буго гьелъие гIиллаги. Щайгурелъул, гьединаб хIасил ккана гIицIго кIиго кIудияб предприятиялъул хIалтIул хIисабалда. Гьезухъе кьун букIана оборонаялъулаб заказ. Гьелдалъун заводазул потенциал цIикIкIана 1,7-1,8 нухалъ.
ХIалтIигьечIолъи дагьлъана 6,9 проценталъ.
В. Путин: ХIалтIи гьечIев чан чи вукIарав?
В. Васильев: МухIканаб тарих рехсезе кIоларо – мун мекъи ккезавизе бокьун гьечIо, мухIкан гьабизе ккола. Гьединазул къадар дагьлъана анкьгониги проценталъ.
МоцIрол харжазда бан. Указа­лъул тIалабазде рекъонккола, гIа­ммаб лъайкьеялъулги, школал­да цебесеб лъайкьеялъулги идарабазул педа­го­гиял хIалтIухъабазулги, преподава­те­лазулги, производственния­б лъай­­­кьеялъул мастеразулги, тохтур­за­ба­­зулги, медицинаялъул гьоркьохъел хIалтIухъабазулги моцIрол харжал. СахлъицIуниялъул рахъалъ босани, туберкулезалъ унтун хвеялъул хIужаби дагьлъана 11,5 проценталъ, лъимал хвеялъулги, ДТПялде ккун хвеялъулги – 4,4 проценталъ. Бидурихьазул унтабазул рахъалъги цо проценталъ гурони дагьлъичIо хвелал. Гьеб рахъалъ хасаб данделъи тIобитIана (гьелдаги бицана гIицIго Дагъистаналъул масъалабазул хIакъалъулъ – гьелъухъ хасаб баркала буго Ольга Голодецие), къотIабиги гьаруна.
Гьанже бицина бищунго рахIат­хвезабулелъул: цIикIкIана рак унтиялдалъун холел гIадамазул къадар. Хвана 151 чи, 8,3 проценталъ гIемерлъана гьеб. Нижер территориалияб фондалда рес батичIо, хIажатаб оборудование босизе, масала, флюорографиялъул аппаратал. Нижехъ руго 2006 соналъул, басралъарал. Гьелде тIадеги, онкологиялъул унтаби ругел гIадамазе дараби гIолел гьечIо. Нижеца къотIи гьабуна: СахлъицIуниялъул министерствоялъул къокъа бачIине буго Дагъистаналде ва бакIалдаго хIукму гьабила.
Абила, дур бихьизабиялда рекъон, министерствабазул вакилзаби бакIазде рачIиналъул хIасил лъикIаб кколеб буго. Дагьалъ цее нижехъе щвана лъайкьеялъул министр Ольга Васильева. Гьелдаса цеве щвана Соколов: кьучIаб, пайдаяб хабар ккана. Гьединал дандчIваяз ниж гIагар гьарула федералияб даражаялде, федералияб стандарталде. Гьелъул кIудияб кIвар буго. Гьединлъидал гьарула хадубккунги нижее гьеб рахъалъ квербакъеян.
Школалда цебесеб лъайкьеялъул рахъалъ харжал цIикIкIана 85 проценталъ, 2013 соналдаса нахъе букIана 53 процент. Гьеб заманалда бана 108 цIияб лъималазул ах, гьабуна 14 азарго бакI. Масъала буго, тIубазе ккела, гьелъие хIалтIизаризе руго республикаялъул сурсаталги. Лъималазул ахикье иргаялда буго жеги 20 азаргоялдаса цIикIкIун лъимер.
В. Путин: Лъималазул ахикье?
В. Васильев: У, лъималазул ахикье. ГIемерисел масъалаби тIуразе рес кьолел инвестициязул рахъалъ. ГьабсагIаталда Северияб Кавказалъул федералияб округалда ниж руго тIоцебесеб бакIалда. Амма инвестициязе лъикIаб бакIалъул рейтингалда – ахирисел бакIазда. Гьеб рахъалъ гIемер хIалтIизе ккола.
РФялъул хIукуматалъ марталда гьабуна «Каспийск» абураб цебетIеялъул территория (ТОР) гIуцIиялъул бицараб хIукму. Жакъа нижер парламенталъ тIоцебесеб цIалиялда къабул гьабуна лъикIал ресал гIуцIизе ккеялъул хIакъалъулъ хIукму, хьул буго, гьелъги регионалде инвестициял рачIиналъе квербакъилин.
В. Путин: Щиб гьабизе ракIалда бугеб гьеб ТОРалда?
В. Васильев: «Каспийскалда» – руго гIемерал масъалаби. Хьулги буго гIагараб заманалда гьел гIумруялде рахъинарун бажарилин.
Регионалда лъикI хIалтIулеб буго аграрияб комплекс. Ниж ургъизе ккола промышленнияб бутIаялда тIадги, гIицIго оборонаялъулалда гурелги. Обо­ронаялъул заказ нижеда бараб букIунарелъулха.
Бокьун буго баркала кьезе Генералияв Прокурорасе, цIияв прокурорасул кандидатураялъул халгьабуралъухъ. Гьеб хIукмуялъухъ балагьун чIун руго гIадамалги бизнесги. Россиялдаго гIадинаб закон букIине бокьун буго киназего.
Жакъаялде, субъектазул надзо­ра­лъул рахъалъ гIуцIарал рейтин­газда рекъон, 2016 соналъул хIа­силазухъбалагьун, Россиялда ниж руго 85-абилеб бакIалда. Гьелъие ахир лъезе заман щун буго.