ЦIиял налъаби гьаруге

Москваялда тIобитIана РФялъул Пачалихъияб советалъул данделъи

 

Данделъи нухда бачарав улкаялъул президент Владимир Путиница бицана регионазде инвестициял рачIинариялъе нухал ратиялъул хIакъалъулъ. Данделъиялда гIахьаллъана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги.

Улкаялъул нухмалъулес абуна инвестициял цIикIкIин бараб бугин регионазул нухмалъиялда. «Гьединлъидал аслияб кIвар буссинабизе ккола махщел камилал хIалтIухъаби, инженерал, махщелчагIи хIадуриялде. Гьеб ишалда гIахьал гьаризе ккола ишалъулал гIадамалги безнес-цолъиялги. Гьел масъалаби дандразе ккола федералиялги, регионалиялги, муниципалиялги ида­ра­биги данде ракIарун. КIочон тезе бегьуларо, гьанжезаманалъул ну­халги, бухьенги, логистикаги бугони, бизнесалъул цебетIеялъе пайда букIунеблъиги.
Инвестициязе берцин бихьулеблъун регион лъугьуна, гьелъул бетIерасде божилъи бугони. Божилъи букIуна, регионалъул нухмалъулес кьураб рагIи кколеб бугони, жинда тIадаб иш ракIбацIцIадго тIубалеб бугони, цIикIкIун кредитал росулел гьечIони. Гьединлъидал цоги нухалда абулеб буго: инвестициязул программабазда гIахьаллъулел регионаз дагьлъизабизе ккола жидерго бюджеталъул дефицит, коммерческияб налъи. Нужее кьураб гIарац хIалтIизабе регионалъул финансазул хIал лъикIлъизабиялъе, цIиял налъаби гьаруге», — ян бицана Владимир Путиница.

ЛъикIал хIасилал
ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев дандчIвана
ЦIунтIа ва ЧIарада районазул бутIрулгун

Республикаялъул нухмалъулес гьикъана ЦIунтIа районалда, гIанси тIун хадуб, кинаб хIал бугебан. Муниципалитеталъул бетIер Пахрудин МухIамадиновас бицана, техникаги хIалтIизабун, нух бацIцIад гьабунин ва гьенисан машинабиги хьвадулел ругин.

Гьаб соналъул 10 моцIалъ гьабураб хIалтIул бицунаго, районалъул бетIерас абуна: «25 чиясе хIалтIи кьуна, сияхIалде босана капиталиял бакIал раялъул 130 объектги 81 ракьул бутIаги, гIумруялде бахъинабулеб буго лъабго инвестициялъулаб проект, тIобитIана щугоялдаса цIикIкIун спорталъул къец», — ан.
ЧIарада районалъул бетIер МухIу­дин МухIамадовас кьуна гьадинаб баян: «Исана ичIго моцIалъ муниципалитеталъул гIаммлъизабураб бюджеталъе бачIана 19 миллионгун 327 азарго гъуруш (планалда букIана 16 млнгун 515 азарго). ХIакъикъаталда хIалтIулел рукIарал гIадамазул хъвай-хъвагIай гьабиялъул планги 100 проценталъ тIубан буго. Районалда буго 1810 чIегIерхIайванги 27 азаргогIанасеб бетIер гIи-боцIулги, 87 чиясе хIалтIиги балагьана», — ян.

Кумекалъе гIедерал
Москваялда тIобитIана «Цогояб Россия» партиялъул XVII съезд

Съездалда гIахьаллъана 2500 чи. Гьезда гьоркьоса 455-яв ккола улкаялъул 85 регионалъул отделениязул вакилзаби. ГIахьаллъана гьенир министерствабазулгун ведомствабазул вакилзабиги, Пачалихъияб Думаялъул депутаталги, регионазул нухмалъулелги.

«Цогояб Россиялъул» Дагъистаналъул регионалияб отделениялъул вакилзабазул бетIерлъуда вукIана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильев. 23 декабралда гьев гIахьаллъана ХVII-абилеб съездалъул данделъиялда. Гьениб гьабуна партиялъул нухмалъулел идарабазул хиса-баси, ай цIигьабуна партиялъул Генералиябги ТIадегIанаб советалги Президиумги. Партиялъул ТIадегIанаб советалда гъорлъе вищана ДРялъул нухмалъулевги.
Данделъиялда бицана 2018 соналда Россиялда тIоритIизе ругел улкаялъул президентасул рищиязулги гьелде гьабизе кколеб хIадурлъиялъулги хIакъалъулъ. Партиялъул съездалда бицаралъулги гьенир гIуцIарал данделъабазда гьарурал хIукмабазулги хIакъалъулъ гьадинаб пикру загьир гьабуна Владимир Васильевас: «Арал соназде партиялда церелъун рукIарал масъалаби тIуранин рикIкIана съездалда. ГIадамазе кьун рукIарал рагIабиги ритIухъ гьаруна. Партия хIалтIулеб буго, гIадамазе хIисабги кьолеб буго – гьанжесеб съездги ккола гьелъие мисаллъун. ХIукму гьабуна партиялъул проектал дагь гьаризе. Щибаб проекталъ кьола пуланаб хIасилги, квербакъула цIиял хIалтIухъаби куцазеги. Нилъер республикаялъе гьелъул кIудияб кIвар буго. Партиялъул членас гIадамазе бицараб рагIи тIубазабураб мехалда гьесда бичIчIула, жиндир ишги живгоги халкъалъе пайдаявлъун лъугьин. ЖамгIияталъе пайдаявлъун вукIин бичIчIи ккола власть цIигьабиялъул гIаламатлъун. Бицараб рагIуе жавабги кьолеб, гьабураб ишалъул хIисабги гьабулеб, хIалтIулъ цогидал гIадамалги гIахьал гьарулеб власть кидаго камиллъулеб букIуна».
Владимир Васильевас абуна, Дагъистаналъул гIезегIан гьудулзаби ратанин жинда. «БукIана республикаялъе пайдаяб чанго дандчIвай. ГIемер чи ватана республикаялъе кумек гьабизе гъира бугев, Дагъистан бокьулев. Гьез абулеб букIана, гьанжеги жал кумекалъе хIадур ругин ва цо-цояз бицана жидецаго гьабсагIаталдаги гьабулеб кумекалъул хIакъалъулъ», — ан бицана гьес.

ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул пресс-хъулухъ