Харжал цIикIкIинариялде кIвар кьолеб буго

Гьелъие гIоло республикаялъул бюджеталда бихьизабун буго 7 млрд гъуруш

 

ГIадатлъун батухъе, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул анлъабилеб ахIиялъул сессия байбихьана депутатазул фракциязул вакилзабазул кIалъаяздалъун. Коммунистазул фракциялъул рахъалдасан кIалъана депутат АхIмаднаби МухIамадов. Гьес тIадчIей гьабуна экономика цебетIезабиялъулъ ругел цо-цо гIунгутIабазда ва гьел лъугIизари мурадалда гьаризе кколел тадбиразда.
«РитIухъаб Россия» фракциялъул рахъалдасан кIалъарав Мурад Пайзулае­вас кIвар буссинабуна Дагъистаналда предпринимателазе хIалтIул шартIал чIезариялъул суалазде. Хасго, хIалтIи гьабизе банказдаса къарзалъе гIарац босиялъулъ дандчIвалел квалквалазде.
«Цогояб Россия» фракциялъул депутат ГIамирхан ГIамирхановасул кIалъаялъул аслияб магIна букIана нилъер республикаялда экология цIуниялдехун хашаб бербалагьи бугин абураб. Гьеб иш лъикI гьечIолъиялда бан, гьес депутатал ахIана тIабигIат цIуниялде цIикIкIун кIвар кьезе.
ГIадатлъун лъугьун буго республикаялъул Аслияб законалда хиса-басиял гьари. Сессиялда халкъиял депутатаз къабул гьабуна Дагъистан Республикаялъул Конституциялда хиса-басиял гьариялъул хIакъалъулъ кIиго законги. Гьезул цояб буго республикаялъул прокурор хIалтIуде тIамиялъул суал Халкъияб Собраниялда дандбазе ккеялъул хIакъалъулъ. Гьелде дандечIолев чи ккечIо.
Депутатазулъ чIаголъи бижизабуна «2018 соналъул ва 2019, 2020 соназул республикаялъул бюджеталъул хIакъалъулъ» закон гьоркьоб лъедал. Гьелда тIасан кIалъана Халкъияб Собраниялъул Бюджеталъул, гIарцул ва налогазул комитеталъул председатель Сейфула Исакъов. Гьебго суал борхана жиндирго кIалъаялъулъ хIукуматалъул председателасул заместителасул, экономикаялъул министрасул ишал тIуралев Раюдин Юсуповасги финансазул министрасул ишал тIуралев Юнус СагIадуевасги.
2018 соналъе ва 2019, 2020 соназе республикаялъул бюджеталъул бицунаго, кIвар буссинабуна тIасияб соналъ республикаялда, аслияб куцалда, халкъалъе пайдаялъе гьаризе ругел чIахIиял хIалтIабазде. Гьезда гьоркьоб буго Азербайжаналдаса Дагъистаналде 2012 соналъго гочинаризе хIукму гьабурал Храх-уба росдал гIадамазе кьезе бихьизабураб 250 млн гъурушги. Гьеб кьезе буго жиб-жиб хъизамалъе. ГIажаибаб жо буго, доб соналъго гьал мухъазул авторас, гьеб жамагIаталъулгун дандги бан, гьезул щибаб хъизамалъе кколеб гIарацги кьун, гьеб масъала тIубазабизе рачIаян абураб пикруги щаялиго нахъчIван, суалги тIубачIого, гьанже, 6 соналдасан гьебго пикруялде тIадруссин.
ТIасияб соналде республикаялъул бюджет буго 100 млрд 540 млн гъуруш. Гьеб ккола араб соналъулалде дандеккун 5 млрд 390 млн гъурушалъ цIикIкIун. Бюджеталда бихьизабун буго республикаялъул жанисеб гIарцул бачIунеб къадар 1 млрд 292 млн гъурушалъ цIикIкIинабизе.
Бюджеталда тIасан цо-цо баянал кьун кIалъана республикаялъул хIукуматалъул председателасул ишал тIуралев ГIабдусамад ХIамидовги. Гьес баян кьуна цо-цо депутатаз рорхарал суалазе ва бихьизабуна, Дагъистанальул бетIерасул хъулухъал тIуралев В. Васильевасул хIаракаталдалъун, «Цогояб Россиялъул» кумекалдальун федералияб бюджеталдаса республикаялъе тIадеги 460 млн гъуруш бихьизабунилан. «Бюджет халкъальул рукIа-рахъиналъул даража борхизабиялде буссинабураб буго», — ян абуна гьес.
ЛъикIаб рахъ буго гьеб бюджеталда 7 млрд гъуруш республикаялда харжал цIикIкIинари мурадалда бихьизабун букIинги. Гьелъул хIасилалда, республикаялда тIасияб соналда моцIрол гьоркьохьеб харж бахинабизе бихьизабун буго 23 400 гъуршиде. Гьедин бугониги, Россиялда жакъа бугеб къадаралде дандеккун гьеб ккола гIицIго 55 процент.
Сессиялда депутатаз къабул гьабуна СахлъицIунияльул Территориалияб фондалъул бюджетги. Гьеб бюджеталь тIасияб соналъ харж гьабизе бугеб гIарцул къадар бахуна 28 млрд 698 млн гъуршиде. Гьеб ккола араб соналде дандеккун цо млрд гъурушалъ цIикIкIун.
З. Илясов