ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев Артём Здуновас хиса-басиял гьаруна цо-цо идарабазда. ЦIиял хъулухъазде тIамуна: Светлана ГIабдулкъадирова — экономикаялъул ва территориалияб цебетIеялъул рахъалъ министрасул тIоцеесей заместительлъун; Издаг ГIалиханова, хIукуматалъул нухмалъулесул гIакълучIужулъун; ГIабдула МухIамадов, статс-секретарь – туризмалъул ва халкъиял махщелазул рахъалъ министрасул заместительлъун; Муслим КъурамухIамадов ва Сергей Караченцев – юстициялъул министрасул заместителаллъун.
