ТIукитIа росулъа ГIумарил МухIамад вукIана гIараб гIелму цIаларав чи. Гьев вукIана Къуръаналъул хIукъукъал ричIчIиялъулъги, хIадисазул асарал лъаялъулъги, раббаниял кашфаби рагьиялъулъги, жагьилзабазни щай гурин, унго-унгоял гIалимзабазцин жиндие тIадегIанаб къимат кьурав варагIалъул агьлуялъул цевехъан. Гьединаб борхатаб даражаялдаги кIудияб макъамалдаги вукIиналъ араб гIасруялъул 60-80-абилел соназда ГIумарил МухIамадил цIар тIибитIун букIана магIаруллъиялдаго. Гьесда цере балъго гIелму цIалулел рукIана МелъелтIаса МухIамадрасул, Инхоса Ризван, Сивухъа Чергес, ИчичIалиса Сиражудин, МестIерухъа ИбнухIажар ва гIемерал цогидалги.
ГIумарил МухIамад гьавуна 1883 соналда. Байбихьулаб лъай щвана хъизамалда. Цинги цIалула росуцоял ГIисал ГIабдулада, Чумалав-дибирасда, Мундарил Халилида цеве. ГIелмуялде бугеб рокьиялъ, лъаялде гIащикълъиялъ МухIамадица живго жиндаго чIун лъай камил гьаби гуребги, коммунистазул заманалда гIун бачIунеб гIелалъеги балъго бикьана исламияб лъайги, лъикIаб тIабигIат-гIамалги, гIелмуги.
ГIумарил МухIамадил гIумру какикьжоялда анилан абула жакъаги харабаз. Амма бигьаго букIинчIебха гьесие гIелмуялъул борхалъиялде вахине. Гьев нугIлъун ккана Кавказалъул халкъалдехун пачаясулаб Россиялъул рахъалдасан букIараб рокьукъаб бербалагьиялъулги, пача тIаса рехун хадусел соназда букIараб репрессиялъул хъачIлъиялъулги, большевиказ диналде данде гьабулеб букIараб къабихIаб къеркьеялъулги, гIемераб цогидалъулги. Кин батаниги, захIмалъабазда цебе бетIерги къуличIого, квералги рорхичIого, къварилъи-гIазабги къулчIун, къоги хIехьон бацIцIадаб шаргIияб нух течIолъиялъ тIадегIанлъана гьесул цIар.
Чанго соналъ цебе ИчичIалиса Мусаца «Ас-салам» газеталда бахъараб макъалаялда бицен гьабун букIана ТIукитIаса ГIумарил МухIамадил хIакъалъулъги. Зулму-хIалалдалъун Даргъове гочинавурав МухIамадил яшавалъул бицунаго, Мусаца ракIалде щвезабулеб буго дунялалъул магIишаталъул пикру гьабуларев, гьитIинабго рокъов какикьжоялда ватарав гьесул хашабго магIишаталъул хIакъалъулъ. ГIелму тIалаб гьабун гьесухъе щварав Мусаца ва гьесул гьалмагъзабаз рохьоса рахи-цIулги баччун бан буго гьесие мина. Гьединав, диналда тIадчIарав, ахираталъул гурого ургъел гьечIев Аллагьасул вали вукIанин ГIумарил МухIамадин ракIалде щвезабулеб буго Мусаца.
1966-1967 соназ МухIамад гочана Хасавюрт районалъул ТIукитIе. Гьениреги гIемерал чагIи рачIунаан гьесухъе гIелму лъазабизе. ГIисинал-чIахIиял батIалъи гьечIого, исламияб лъаялде цIайи бугел жиндирго гIумруялъул ахирал къоязде щвезегIан балъгого цIализаруна гьес. Гьев къадаралде щвана 1990 соналъ, вукъун вуго Хасавюрт районалъул ТIукитIа росулъ.
Гьесдаса нахъе ккун чIолароан гьеб рахъалъ руччаби-ясазе гIараб мацI малъулей ва гьел Къуръан цIализе ругьун гьарулей МухIамадил чIужу, АлданхIажиясул яс Нажаватги. Гьезул баракаталъ гIелмуялде нух бахъарал росуцоязул ва мадугьалихъ ругел росабазул гIун бачIараб гIелалъул сияхI халатаб буго.
ГIодосанго гIелмуялде гъира-щавкъ бугеб хъизамалда гIурал лъималазги тIаса бищана бацIцIадаб шаргIияб нух. Гьесул вас ГIумархIажица жиндирго лъай борхизабуна Сириялда. ХIалтIана ТIукитIа росдал мажгиталъул имамлъун, Ленинкенталда чанго соналъ тIуразаруна имамасда тIадал ишал.
ЧIухIа-къули гьечIев, «дун», «дица», «дир» абурал рагIаби жиндир кIалдиса рачIунарев, гIодове виччарав, хIалимав гьев инсанасул хIакъалъулъ шагIир Мухтар Будуновас хъвараб кочIолъ руго гьадинал мухъал:
Я ле, ГIумархIажи, гьаб хIикмалъи щиб,
ХIежалде унилан мун пахрулъичIев?
ГIелмуго цIаличIез дугIаги гьабун,
Гьал бецIал руччаби гьалгъазарулин.
Вацасда вац лъалеб заман гьаб гурин —
Гурун къай ботIрода къиматаб чалма.
Росдал гIадамазда хIажичиясул —
Чалмаги къадруги къватIиб тIатине…
ХIасил гьабун абуни, киназго мисал босизе мустахIикъаб гIамал-хасияталъул ирсилал руго ГIумарил МухIамадил.
Супьян МухIамадов, РФялъул Хъвадарухъабазул ва Журналистазул союзазул член
