Исана лъабкъого сон тIубала Афгъанистаналъул рагъул бахIарчи, Хунзахъ районалъул ТIануси росулъа Шамил ГIалиханов гьавуралдаса. Гьелде тIадеги жубалеб буго цоги пашманаб хIакъикъат — исана гьединго кIикъого сон тIубала, гIагараб ватIаналда цебе налъиги тIубалаго, Афгъаналъул мугIрузда гьес берал къанщаралдаса. Досул букIана гIицIго къого сон…
Дагьал церегIан къояз цоги нухалда ракIалде щвезавуна бахIарчи. ГIагараб росдал гьоркьохъеб школалда ва гьесул минаялъул къадада чIвана ракIалдещвеялъул хъарщал, районалъул нухмалъиялъул вакилзабиги гIахьаллъун. Шамилил тIоцеесей учитель йикIана дир эбел, мунагьал чураяй ХIалимат ГIалибегова. Гьелъги гIемер бицунаан гьитIинав Шамилил кьвариялъулги къвакIиялъулги. Гьейгун цадахъ гIемер щолаан дун Шамилихъе рокъоеги. РакIалда буго цо гьадинаб лъугьа-бахъинги:
— ТIанусисан, сухъмахънухдасан тIаса-гъоркье жиндирго гIагараб росулъе лъелго ине йикIарай эбелалда вихьула гьитIинав Шамил жидерго минаялъул къададасан гъоркьеги вортун, чанго нухалда гирун, лъикIго гъокьегIан унев. Гьезул мина буго кьурул рагIалда. АхIуд щварал росуцоязда ракIалдецин ккун букIинчIо Шамил чIаго ватилин. Амма гьел аскIоре щолаго, Шамил тIаде вахъун вуго. ГIурабго борхалъиялъул кьурулъан вортарав гьитIинав Шамилида ругъунгицин лъун батун гьечIо…

Дов цIунун вукIана мугIрул кьурабаз
Хъван буго гьесул хIакъалъулъ журналист ХIажи ГIариповас «Вечная слава мужеству» абураб тIехьалдаги. Хъвана гьесул гьайбатаб къиса гIагараб росдал мугIруз жидерго карандаги. ЦIалулеб буго гьеб къиса жакъаги бахIарчиясул ирсилаз. Такрарлъана гьесул гьунарал, 1999 соналда, гIагарал мугIрузде «ахIичIел гьалбал» рачIиндалги — ТIанусиса кIиго гIолилав мустахIикълъана «Бихьинчилъиялъул орденалъе». Такрарлъулел руго гьел жакъаги – гьитIинабго ТIануси росулъа СВОялда гIахьаллъана ва гIахьаллъулев вуго лъабкъогоялде гIагарун гIолилав. Гьезда гьоркьой йиго кIиго гIолилайги — хъахIал маккал-медсестраби. ГIелалъ гIелалъухъе кьун, бахIарлъулеб буго бахIарчилъи.
Гьаниб гъоркьехун цоги нухалда такрар гьабулеб буго Шамилихъе эбелалъ хъвараб ахирисеб кагътил къисаги.

Хъвалаго хутIараб кагъат
— Салам, дир хирияв вас Шамил. Гьалеха эбелалъ духъе хъвалеб буго цоги кагъат. Щаялиго рекIее рахIатги гьечIо. Кьижун макьуги щолеб гьечIо. Дур хабарги лъаларого, ракIбакъван йигоха, дарман. Щайха дуца дие жаваб кьолареб. ЦохIо рохелги бугоха дие. КватIичIого армиялъул болжалги лъугIун, мун рокъове тIадвуссина. Дир рекIел канлъи Шамил! Бокьун бугеб куцха, каранде мунги къан, дур ботIрода кверал рахъизе. ЦIакъго урхъун йиго гIорцIизегIан дур бадие ялагьизе, кидаялиго, дур лъимерлъуда гIадин, дур кверги ккун, росдал къватIахъан тира-сверизе. Вай, ботIролъе рачIунел цо-цо пикрабазги хIинкъизаюлей йиго. Кколеб буго гьаб кагъат ахирисеб нухалда бугин духъе хъвалебилан абун. Унго-унгоги, хутIилародай дун, мун вачIинегIан. Нагагь дун цееса ун ятани, рокъове иналде, цин дихъе щваха, бабал дарман. Хваразул зонода цере эхетани, гьезда рихьулин абулелъулха. Бугониги, хьул буго Аллагьас мун дида вихьизе хъван батиялде…
Гьадинал пикрабазда, цин гIодун, цин юцIцIун, цинги гьимун, цинги цIидасанги гIодун армиялда хъулухъ гьабулев вугев васасухъе кагъат хъвалей йикIана ПатIимат, васасул жаназа росу рагIалде щолеб бугилан лъазабизе рос ГIабдулкъадир хIалтIуде хадув вачIиндал.
ЦохIого цо ункъгIалалъул бетIергьанчиясда лъалеб букIун буго Шамил Афгъанистаналда вукIин. КIвечIо гьесда эбел-инсуда гьеб хабар бицине. Гьесда лъалеб букIиндал жинда жаниб ракI лъурай эбелалъ къисматалъул кигIанги захIматаб гьир баччизе ккезе букIин.
ГIабдулкъадирида берчIвайдал, ПатIимат хIинкъун лъугьана. Щибулей йигейилан гьес гьикъидалги, нилъерго Шамилиде кагъат хъвалей йигилан, гьимулаго, жаваб кьуна гьелъ.
Дурги салам хъвана дица досухъейилан ПатIиматица абулелъул, ГIабдулкъадирица жаваб гьабуна:
— ПатIимат, нилъеца васасухъе тIокIалъ кагътал хъвазе гьечIо, гьев живго вачIине вуго, яхъая дандчIвай гьабизе, — йилан абун.
Вай дир Шамилиланги ахIулаго, гьей къватIие екерана, васасда дандчIвай гьабизе — цIакъ бокьун букIана гьелъие Шамил каранде къазе. Росдал советалъул азбаралъуре ракIарарал гIадамал рихьидалги, гьенив вас ватичIеб мехалдаги, хIинкъарай гIадин лъугьана гьей. Гьеб параялъ гьениб аскIоб чIана цо машина.
Йилълъаха, ПатIимат, вас вихьизеянги абун, ГIабдулкъадирица ПатIимат машинаялъуе яхинаюна ва хадув живгоги вахана.
ПатIиматида цебе букIана васасул жаназа жаниб лъураб ящик…
Афгъанистаналъул рагъул бахIарчи, «БагIараб цIва» орденалъул кавалер Шамил ГIалихановасул хабаде гьанжеги щола цIалдохъаби, гьесул Бихьинчилъиялъул дарсазухъ гIенеккизе…
Шамай Хъазанбиева
