Салатавиялъул шапакъатазе мустахIикъал

24 февралалда Казбек районалда, Муса ГIазаевасул цIаралда бугеб спорталъул школалда тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Камилпаша ГIумаханов, адвокатазул коллегиялъул председатель Зайбодин ГIумаров, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор Темирхан ХIасанов, хIалхьиялда вугев полковник Сайгид-султан ХIажигIалиев, хIалхьиялда вугев полковник Аслудин Сурхаев, Хасавюрталъул техникияб колледжалъул директор Шамил МухIамадов ва цогидалги. 

Тадбиралда кIалъазе вахъарав Муса ГIазаевас абуна:

— Жакъа гьаб данделъи гьабизе ракIалде ккана, февраль моцIалъул 24 къо хасаб рагъулаб операция байбихьараб къо букIиналда бан. 23 февральги ккола ВатIан цIунулезул къо. Гьединлъидал, гьеб кIиябго къо цолъизеги гьабун, гIуцIана гьаб тадбир.

Жакъа гьанир руго афгъанал, СВОялъул гIахьалчагIи, ополченцал ва полициялъул хIалтIухъаби. Гьел руго батIи-батIиял тунка-гIусиязда ва рагъ-кьалазда гIахьаллъарал ва лъадарарал чагIи. Гьанир руго лъабцIул «Орден мужества» щварав, рагъда жиндирго рухI кьурав васасул эмен ва цогидал бахIарзал, — ан.

— СВОялъул гIахьалчагIигун данделъизе кин тIоцебе байбихьараб?

— ТIоцебесеб данделъи гьабизе байбихьана гьенив тIагIарав Дилималдаса цо гIолохъанчи сабаблъун. Дун вуго ополченец. Кин бугониги, дица дора ругезулгун бухьенги гьабун, гьесул цIех-рех гьабулаго, тIагIун вукIарав вас вачIана живго. Дица ополченцазе лъагIалида жаниб цо-цо нухалъ шапакъатал, медалал кьолаан. Гьебги лъан, цо къоялъ гьес абуна жиндиеги щайин гьеб медаль кьоларебилан абун. Хвалдаса ворчIарав, хIалица рокъове щварав чи гьебги кьун вохизавизе диеги бокьана. Цинги гьес вачун вачIана жеги лъабгояв, гьезиеги кьуна, гьезда хадур цоги рачIана, гьезиеги кьуна. АхIун бачIунаан жидее кьоларищилан абун. Щай гьезие гьел кьезе бегьулареб? Украинаялъул ракьалда цо гали лъуравги вуго бахIарчи. Гьедин байбихьана СВОялъулазулгун, афгъаналъулазулгун ва полициялъулазулгун хIалтIи гьабизе.

— Гьарулел ишазул хIакъалъулъ бицунеб сайт ялъуни социалиял гьинал ругищ дур?

— Буго. Россиялда гьукъараб Инстаграмалда бугеб гьумералде ваккула 15 азаргогIан чи. Гьенир лъола дица гьаруралщинал хIалтIаби. Киназдаго бихьула, балагьула ва 150 азаргогIанасеб къадар балагьаразулги батула гьениб. Цинги чангияз ахIун бачIуна, Краснодаралдаса гIурус миллаталъул чиясцин бачIана, бегьулищила нужехъе рачIинеян. Бегьулин абула дицаги. РачIуна батIи-батIиял районаздасаги гIолохъаби.  Нолъ ахIун бачIана Нугъай районалдаса чияс, жив вачIине бегьилародаян абун. Дуего бокьараб къоялъ вачIайин абуна гьесдаги.

— Гьедин вачIарав чи, къисмат цIехечIогойищ къабул гьавулев, цинги шапакъатги кьолеб?

— Дица гьанже байбихьун буго гьедин вачIарасухъа документ тIалаб гьабизе. Бокьарав чи вачIине рес бугелъулха медаль къваригIун. Нилъер гIемерал руго ричун росун «Герой Дагестана» медалалгун. Рагъ щибжояли лъадарел, каранда гьелги кенчIезарун, хьвадулел рукIуна. Чангиял рачIуна гIунсбузда. Дида гъол лъаларелъул, къвал бараб мехалда квер батуларо, бох батула протез лъураб. Гьединазе дица кьола «Салатавиялъул бахIарчи» медаль. Дора къадар щваразул гIагарлъиялъухъе кьола гьебго медаль. Нижер букIуна кин ва лъие гьеб кьолебали бихьизабураб къагIида. «Салатавиялъул бахIарчи» медаль щвезе захIматаб жо буго, хасго рагъул гIахьалчагIазе. ГIадатиял гIадамазе кьеб кьезе нижеца хIукму гьабула, гьесул хIалтIухъ балагьун. Гьеб кьелищ-кьеларищали дандбалеб хасаб къокъа буго 15 чиясдаса гIуцIараб. Гьез изну кьуни гурони, гьеб кьоларо. Жакъа гьаниве вачIине кколаан ГIамир ГIазаев, ГIумаханов Камилпашал каранда «Герой Народного ополчения Дагестана» абураб медаль базе, гьединго лъабцIул бахIарчи МухIамад ХIасановасул эмен Хасайида вас мустахIикълъараб «СВОялъул БахIарчи» медаль базе.

Нижеца гьанибго хIукму гьабуна республикаялъул «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор Темирхан ХIасановасеги «За веру и службу России» абураб медаль кьезе. Нилъеда бихьулеб буго гьесул нухмалъиялда гъоркь хIалтIулел журналистаз гIемераб хIалтIи гьабулеб букIин.

— Дургоги каранда бихьула цо батIиябго медаль. Гьеб сундухъ дуе кьураб?

— Чачаналда вуго дир спортивияб школалда цIаларав кIиго цIалдохъан. Цояв ккола рагъулав хъулухъчи, цогидав — спортшколалъул директор. Дир юбилеялъулаб турнир тIобитIулеб мехалда битIун бачIана гьез дие гьаб меседил медаль. Дагъистаналда дир гурони гьеб гьечIо. Доз бачIараб бихьидал, нилъергояз Шамил имамасул цIаралда бугеб медальги кьуна. «Дагъистаналъул бахIарчи» абураб медальги буго дир.

— Хасаб рагъулаб операциялъул гIахьалчагIазе гуребги, волонтеразегийищ кьолеб гьеб шапакъат?

— Дилим росулъа волонтерал тIоцересел къоязго рукIана СВОялде гуманитарияб къайи босун хьвадулел, гьел  кутакалда лъикI хIалтIулел гIолохъабиги руго. Гьездаго цадахъ гьениве дир васги вукIана ун.  Гьел тIасан хьвадулеб букIараб кьоги кьвагьизабун буго гьениб, доб рахъалде щвелалде. Гьезул цIакъ хIинкъараб хIалтIи бугин абизе бегьула. Краснодаралдаса дир гьалмагъасул вас чIвана гьениве кумекалъулаб къайи босун унелъул. Шамил районалъул нухмалъулесул заместительги чIвана гьенив, гьединабго кумекгун ун вукIарав чи. Гьединлъидал волонтералги ахIула дица гьанире, кIодоги гьарула. Дирго васасе кьолелъул къабул гьабичIо гьес, гIадамаз щибин абилебинги абун. 1999 соналда букIараб рагъда дида цадахъ вукIана дир кIиявго вас. Цоясул букIана 25 сон, цогидасул — 15 сон. Машинаялде рахунел ополченцазда гъорлъ вукIана ГIазаевазул 14 чи.  Дун чIухIун гурони, дир гьумер нечезабурал васал гьечIо дир. Болъихъ рагъ-кьал бугеб заманалда гьенире арал васазул дица батIаго хIурмат гьабула. Жакъа гурони дица васасе гьеб медаль кьечIо, нечонги вукIана гьев, бугониги кьуна.

Дица кидаго абула рагъде ине кIварав чи, гьев бахIарчи вугин. Дун ополченцалгун хIалтIулаго, дица абулаан гIолохъабазда, нужеда кIолищин автомат кодобе босизе. Цо-цояз босана, цо-цояз босичIо, лъица кин абуниги, ярагъ кодобе босичIого тейги бихьинчилъи буго.

— Муса, нужеца гьадинал тадбирал кида гьарулел?

— ТIоцебе, ополченцалги ракIарун, данделъи гьабулеб букIана моцIида жаниб 6-7 нухалдаги. ЦIикIкIун гьариялъ захIмалъулел рукIана. Цинги хIукму ккана моцIида жаниб цо нухалда гьабизе. Гьанире рачIарал гIолохъаби чIорого риччачIого, байбихьана гьезие шапакъатал кьезе.

— Тамашаяб жо, Муса, мунго кин хутIарав СВОялде инчIого?

— ВатIаналде тIаде къо ккедал рахъана ополченцалги, СВОялде ана гIолохъабиги, дун гьелгун вуго кидаго. Дица абула гьезда, цо-цогIаги дунги вачейин цадахъилан. Мун гъове хьихьизейищ жидеца вачиневинги абун, релъула гьел. Гъира букIуна, цо-цо гъолгун цадахъ инеги. Дица гьедин абуниги, 76 сон барав дун кивеха гьез вачинев?

— Казбек районалдаса чан гIо­ло­хъанчи гIахьаллъарав ва гIа­хьал­лъулев вугев СВОялда?

— Дихъ мухIканаб баян гьечIо, амма цо заманалда азаралда щунусгоялдаса цIикIкIун чи вукIана. Гьелдаса хадувги гIемерав чи ана.  Казбек район кIиабилеб бакIалда бугин абулаха.

— Муса, щиб гьарилеб нилъер гIолохъабазе?

— Аллагьас рохалида, сах-сала­мат­го, жидерго хъизамазде, эбел-инсуде, лъималазде тIаде бергьенлъигун рачIине хъван батаги киналго, гьаб гIагараб заманалда жаниб.

Данделъиялда гIахьаллъарал СВОя­­лъул бахIарзаз ва тIаде рачIарал гьалбаз, жидерго ва рагъухъабазул рахъалдасан ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабуна Муса ГIазаевасе, гьесул кумекалдалъун бачIунеб гуманитарияб кумекалъухъ ва кIодо гьарун кьолел шапакъатазухъ.

Гара-чIвари гьабуна Рукъият ГIалисултановалъ