Новость на родном

Дур мисал хутIила тIанусдерие…

ГIатIиракьалда — Афгъаналъул бахIарчиясул цIаралда турнир Лъабабилеб маялда нижеца сапар бухьана Бабаюрт районалда бугеб Хунзахъ районалъул тIанусдерил хъутаналде. Афгъанистаналда хъулухъ гьабулаго къадаралде щварав, «БагIараб ЦIва» орденалъул кавалер, ГIалиханов Шамилил цIаралда волейболалъул турнир тIобитIана гьениб. Шамилил хIакъалъулъ нижеца газеталда цебеги чанго нухалда хъван букIана. Къого сон барав гIолохъанчи ккана гьев Афгъаналъул цIа боркьараб рагъул корониве. Ва...

Новость на родном

ТалихIаб шигIруялъ ахIун рукIана

30 апрелалда Гъуниб районалъул централияб библиотекаялде данделъун рукIана магIарул шагIир, публицист, учитель, насихIатчи КIуядаса МухIамад ХIасановасул творчествоялъул бицунеб гъасде. Авар адабияталъул унго-унгояб байрамалде сверараб гьеб тадбиралда гIахьаллъана «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъаби, Гъуниб районалъул школазул учительзаби, шагIирзаби ва адабият бокьулел шагIирасул росуцоял, районцоял, къаламцоял, пишацоял, хъизан-лъимал, гIага-божарал. Дандеруссиналда рикIкIана, цIа­­лана М. ХIасановасул асарал. Бай­рамалъул хIурматиял гьалбаде­рида гьоркьор...

Новость на родном

Кванарасе — гьан, гьабурасе — квас

ТIадаб куцалда, ракIбацIцIадго гьабун хадуб тIубанго бигьаябин абизе бегьулеб, захIмат бихьичIого рахIат щолеб хIалтIи бати щакаб иш буго. Сундулъго буго захIмалъиги бигьалъиги, моралиябгун материалияб гIодобецIай-тIадецIай, гIатIидалги къваридалги рахъал. Амма бищунго захIматаб батичIониги, гьединазул цояблъун рикIкIине бегьула вехьасул хIалтIи. Щай? Гьеб буго сезоназде бикьичIого, цоялда хадубго цояб ун тIубараб лъагIелалъ тIубазе кколеб, сордо-къо батIабахъулареб, гIодоркъоял-байрамкъоял гьечIеб,...

Новость на родном

Умумузул нух цIигьабуна

Киса-кибего гIадин, Казбек районалдаги рарал цIадаз чанго бакIалдаса нухал хвезаруна. «Дагъавтодоралъул» комиссиялъ, райадминистрациялъул ва проекта­лъулаб гӀу­цӀия­лъул хIалтIухъабазгун цадахъ, зарал кка­рал бакIазухъ хал-шал гьабуна ва, гье­лъу­л хӀасилазда рекъон, районалъул нухал цIи­гьаризе хIукму ккана.   Дилим-Гъостала-ИчкIа-Миякьо росабалъе унеб нух ччукIун бачIун, Хубар росулъе рачӀунеб нухдасан, кIудияб свериги гьабун, хьвадизе кколел рукIана. Гъостала росдал бегавул Гъиримсултанил вас Абакарил...

Новость на родном

ГьитIинаб росдал гIадамазул гIатIидал ракIал

Марталъул ахирисел ва апрелалъул тIоцересел къояз рарал гучал цIадаз гIемерал росабазе зарал ккана. ГIумруялъ данде гьабураб магIишат хвана, минабазул къадал риххана. ГIатIиракьалда ругезе гуребги, къварилъи ккана магIарухъ ругел росабазеги. Масала, Унсоколо районалъул ГьаракIуниб росдае. Амма республикаялда бугеб ахIвал-хIалги бихьун, гьерекI руцIцIун чIана, чанго къоялъ токги лъимги букIинчIониги, гьезул рахъалдасан гIарзал рукIинчIо. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун,...

Новость на родном

АнцIго чу хвасар гьабизе кIвечIо…

Гъанкъана нус-нус чIегIерхIайван, лемаг-хух ва рекьулел хурзалгун-ахал Республика жеги бигьун гьечIо тIабигIияб балагьалъул хIа­си­лаздаса. ЧвахунцIадаздаса хадуб гIодоблъиялда лъелъе ккун гъан­къарал минабазул ва гIадамазул магIишаталъе ккараб кIудияб заралалъул хъвана ва жеги хъвалебги буго. Амма гьава-бакъалъул шартIал кьварухъего чIун руго. ГIазугун жубараб цIад бан, их бигъана исана магIарухъги. 13 апрелалда согIаб гIазул бураналда гьоркьобе ккана Болъихъгун Гумбет...

Новость на родном

МагIарухъги буго хIалуцараб хIал

ЧIарада районалъул бетIер ХIусен ГIарабиевги гьесул заместитель Салман ХIажиевги гIахьал­лъана республикаялъул хIукуматалъ тIобитIараб оперативияб штабалъул видео-дандеруссиналда. Гьеб нухда бачана ДРялъул вице-премьер Рамазан Жапаровас. Данделъиялда гIахьаллъана ДРя­лъул Гражданияб оборонаялъул, тIасан борчIараб ахIвал-хIалалъул ва тIабигIиял балагьазул хIа­силал тIагIинариялъул рахъалъ министр Нариман КазиахIмадов, РФялъул МЧСалъул Дагъистаналда бугеб БетIераб управлениялъул нухмалъулев Муслим Девришбеков ва балагьалъукье ккарал районазул бутIрул. ХIалуцараб...

Новость на родном

Эбелалъ дир кинидахъ кучIдул ахIаралани

Улбуз рехун тарал лъималги. Лъималаз рехун тарал улбулги. Киналъулдай цIайи бакIаб бугеб!? Гьай-гьай, улбуз рехун тарал лъималазул къисматалъул. Яги цо-цо улбузул  гIумруялъул дарсазул хIасилалда мекъи ккарал лъималазул къисматалъулищ? ГIолохъанлъиялда жинцаго жиндиего хIадурараб херлъиялъул язихъаб гъасда цее хутIана дир гьаб хабаралъул героиняги. Амма гьеб язихълъиялъе кунчIараб цIалъун гьелъие ятана гьудулалъул яс, жиндие эбелалъ гIумруялъул ритIухъал дарсал...

Новость на родном

Улбузул дарсал

Рагъида диваналда егун йигей Хамизил берал кавудахъ лъун рукIана, гьебги рагьун, жаниве цониги чиго вачIинародайилан. — Вай, хирияв Аллагь, сундухъха дуца дие гьаб тамихI гьабулеб бугеб? ГIолохъанго росги хун хутIарай дица гIезаюна яс. Гьей дие йикIана гIумрулъунги рухIлъунги. Амма жакъа гьелъулгицин заман гIолеб гьечIо унтарай, херлъарай дихъе ячIине. Чан нухалъ гьараниги, жиндего аскIоеги ячинчIо. КигIан...

Новость на родном

Эбелалъул кочIол хIикматаб хIасрат

Эбелалъул кечI. Цин гьелъ кьучI лъола кинидахъ. Гьеб кечIалъ нилъее бицуна лъимералъул гьимиялъулги, рохелалъулги, гIодиялъулги. Гьеб кочIохъ гIенеккидал, лъала нилъеда кинида бущараб хIикматалъул щибаб галулги, гьелъ тIоцебе абураб рагIул — бабайилан гьелъ абидал, анкьзобалаздеги боржуна кечI. Лъимералда цадахъ кIудиябги гIола гьеб, эбелалъул кечI. Эбелалъул  кочIол магIнаги хисула. Гьелъулъ цIикIкIуна хIасратги, къварилъи-пашманлъиги, рохел-гIатIилъиги, угьи-зигараги. Гьединаб буго...