2024 соналъ, щибго гурел гIиллабиги ургъун, къана 1957 соналдаса нахъе аза-азар унтаразул сахлъиялъе квербакъи гьабураб ва гIемерал унтаразул баркалаялъе мустахIикълъараб Игьали участкаялъулаб больница. Гьеб мехалда жамагIаталъул чанго чи ана районалъул бетIерасухъе, бегьулеб батани, гьеб къачIого теялъе квербакъи гьабеян гьаригун. ХIасил ккечIо. Гьебго къокъа ана районалъул прокурорасухъе ва кьуна гьесие гьадинаб суал: «Ниж ахIи-хIур гьабизе МахIачхъалаялъул майданалдейищ рахъинел, нухал къазейищ лъугьинел?» абун. «Гьеб мехалда нужер 3-4 гIолохъанчиги инила жанир лъезе рачун, хадур балагьун нужги хутIилилан» кьуна жаваб. РагIи кьуна гъорлъе ваккун гьеб суалалъухъ балагьизе. Гьелда ишги къокълъана. Амма, циндаго кибего пикру щун бахъунарелъул, хадур гурони кантIичIо СВОялъул гIахьалчагIазул гIага-божаразул къокъаги цебе къотIун ине кколаан ниж тахшагьаралде, гьале гьал рачейин жанир тIамизеян абун. «МагIаруласул нахъа гIакълуйилан» абун гьечIищха.
80-гIанасев игьалисев ккола СВОялъул гIахьалчи. Руго чIваралги, тIагIаралги, чанго нухалда лъукъаралги, гIемерисел — шапакъатазе мустахIикълъаралги. Гьезул цIаралдасан битIана кагъат республикаялъул бетIерасухъе больница къачIого теялъе кумек гьарун. ХIасил ккечIо.
«ЦIияб къагIида»
ГIажаиблъи гьабизе бачIуна цо-цо идарабаздасан, гьездаго гъорлъ Сахлъи цIуниялъул министерствоялдасан, тIаса рихьиялъе рачIунел жавабазда: «Нужер больницаялда гIемераб налъи букIун бугила, гьедин къанги бугила», «Нужер больница мекъи хIалтIулеб букIун бугила» ва гь. ц. Дида кинго бичIчIуларо, кинаб налъи букIунеб больницаялда хадуб? Кин гьеб мекъи хIалтIулеб?
ВахI, чанго соналъ мекъи хIалтIулебги букIун батани, налъабиги рукIун ратани, гьеб лъил гIайиб? Къаялда цебесеб тIокIаб батIияб гIадлу-тадбиргойищ букIунареб хадурккун гьел гIунгутIаби тIагIинариялда тIад иш тIадал хIалтIизе рукIине? «ТIагъур бахъун вачIаян витIарав бетIерги къотIун вачIарав» гIадинаб жо кколеб гьечIищ гьеб? Больница къаялдалъун аслияб зарал кколел чагIи щал? Унтарал гурищ? Гьезда бугеб гIайиб щиб? Гьел кколел ругоха «гIайибго гьечIел гIайибиял». Налъи батани, жидецаго дарабиги росун, рокъоса квенги бачIинабун, гьенирги регун сах гьариялъул курс гьабизегIаги бегьилаангури унтараз! Пачалихъалъ бюджет дагь гьабун батани, гьелда рекъезаризегIаги бегьилаангури хIалтIухъабазул штатал.
Гьел киса-кирего къалел ругилан абулелги рукIана. Дица бухьен гьабуна Болъихъ, ГIахьвахъ, Унсоколо, Хунзахъ районаздаса гIадамазулгун. Жидер гьанибе гьел больницабиги къан халкъалъул сахлъи цIуниялъул «цIияб къагIида» жеги щун гьечIилан абуна гьез. Щвезе хъванги батугегиян гьарана дицаги.
Бищунго гIажаиблъи гьабизе бачIунарищ къараб больницаялъул минаялъе ремонталъеян чамали миллион гIарцул биччан букIин! Гьениб «дневной стационар» абулеб идараги рагьун, росу бакьулъ бугеб амбулатория бахъизейила гьенибе. Чанго гIунгутIи букIана къалелде цебе больницаялъе нухмалъи гьабулев вукIарав тохтур МухIамадов ГIумарица гьеб бакIалда больница букIине бегьунгутIиялъе рехсараб. Гьезул аслияблъун гьес рикIкIунеб букIана мина бугеб бакI ракь ччукIиялда хIинкъи бугеб букIин. Амма дицаго бищунго аслияблъун тола унтаразул сахлъиялъе ккезе бугеб зарал. Кинаб хехаб кумек щвезе бугеб тохлъукьего унти чIваразе километралъ рикIкIад бугеб яги къокъидалъ, зодихъе балагьараб борхалъиялде 30-гIан болъоялъги рахун лъелго ине ккаразе? УнтичIелги унтиларищ? Гьел ремонталъе риччарал миллионаз бецIизе бегьилаан гъоз абулеб «налъиги», амбулаториялда гъоркь, чанго соналда жаниб цо нухалда гурони (рищиязул къоялъ) жанире лъугьунареб саламатаб залалда жанир гIуцIизе бегьилаан кигIанги лъикIал шартIалги, гьел рищиялги клубалъул аслияб залалда жанир бегьилаан тIоритIизе, батIияб гIилла больница къаялъе батичIони, унтаразухъ дагьабниги рекIел бухIиги батани! Гуро, дир хIисабалда гьеб букIине ккола, хасаб мурадалъе гIоло тIасахун кьураб амру, «хIур тамахаб бакIалда» гIумруялде бахъинабулеб цIияб хIалбихьи, можороялъ къунгIаги ратилаха ниж, гьечIелъул республикаялъул тIалъиялда цониги кумек гьарун аскIоре ине игьелдерил «даци» яги депутат.
Гурого долщинал районазда цониги больницайищ букIинчIеб нижер гIадинаб «налъиги» бугеб яги мекъи хIалтIулеб? ГIадамазул сахлъиги, унтаразе заманалда кумек щвейги гурелъулха тIадчагIазе хIажат бугеб! БихьичIезда лъаларелъулха балагьалъул кьогIлъи.
Гьеб суал чанго нухалда борхун букIана «ХIакъикъат» газеталдасанги:
«Киб бугеб мун, ритIухълъи?» (№ 29, 02.08.2024 с.), «Игьелдерил гIарзги министерствоялъул баянги», «АхIи балеб буго, рагIулеб гьечIо» (№ 2, 17.01.2025 с.) ва щибаб макъалаялъул ахиралда жал гьеб суалалде, мухIканаб цIех-рех гьабун гъорлъе раккун, жеги тIадруссинин абунги хъвалеб букIана.
Нижерго Гумбет райцентралда цо минаялъул къадада чIван бихьана гьадинал рагIаби тIад хъвараб игIлан: «Общая задача одна для всех – улучшение качества жизни населения» (Меликов С. А.) абун. Халкъалъул гIумрудул даражаялъул аслияблъун дида бихьула тIоцебесеб иргаялда сахлъи цIуни. Цебе нижер хьиндаллъиялъул бокьараб росулъа унтарал къабул гьарулеб, «межрайонная» абун больница букIана Болъихъ районалъул Кьохъ росулъ, гьединабго больница букIана Унсоколо районалъул Шамилхъала поселокалда, кутакалда разиго гIадамалги рукIана. Гьезулги статус хисун буго, гьанжейин абуни нижер унтарал ине кколел руго шагьаразде.
ГIемеразда лъалебги рагIунги батила, Игьали буго хасалил кIиго моцIалъ бакъ щолареб росу. Гьеб заманалда цIикIкIуна унта-щокълъи, хасго гIисиназда ва ригь аразда гьоркьоб. Халгьабеха, кинаб кумек щвезе бугеб унтаразе къад гурони хIалтIулареб ва рикIкIада бугеб больницаялъул?
Ахирисеб гьари
Гьанжеги ракIалда букIана Дагъистаналъул бетIерасда гьаризе, лъабазаралда хадуб рухI бугеб Игьали росдал администрациялъул ракьалда участкаялъулаб больница къачIого теялъе кумек гьабун бажарулареб батани, къад заманалъ гурони хIалтIулареб «стационар» абулеб жоялъ нижер унтаразул мурадалги тIураларин, росу бакьулъ бугеб амбулатория гIаги бугелъубго теялъе, гьениб 2-3 медхIалтIухъанасул штатги цIунизе квербакъи гьабеян.
Нижер ахирисеб хьул буго, Дагъистаналъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул нухмалъиялда цониги «ХIакъикъат» газета цIалулев чи ватизе бегьулин, киридахъниги гьес гьаб суал халгьабиялдеги босилин, нижер жамагIаталъул унтиги гьесда бичIчIилин, кумекалъе квербакъиги гьабилин абураб.
Магьди ГIабдурахIманов, РФялъул Журналистазул ва Хъвадарухъабазул союзазул член, Игьали росу
