Чачаналгун аварал жинда хадур рилълъарав
Имам Шамил накълулъаралдаса исана тIубала 155 сон. БакъигIалъул хабалалъ аварагасул инсул вацгIал ГIабасида аскIоб ахирисеб руссен батарав Кавказалъул лъабабилев имамас гьаб дунялалъулгун къо-лъикI гьабуралдаса гьебгощинаб мех ана. Чанги лъим чвахана ГIанди ва Авар гIоразухъан Каспий ралъдалъе. ГIемерал лъугьа-бахъинал ккана гьебгощинаб заманалда жанир. ГIемерал тIадчагIи хисана, чIвана, ана, лъугIана. Гьезул гIемерисезул лъалкI билана, къисмат кIочана. ГIасруялъ цоязе нагIана, цогидазе баркала кьуна. Амма кIочене рес гьечIо магIарулазда АхIулгохIги, Гъунибги, кIудияв имамас гъазаваталъе гъеж гурун, чодул кьолониб тIамураб къоло щуго сонги. КIочене рес гьечIо гьаб ракьалда унго-унгояб бахIарчилъиги, къохIехьейги, чаран бианиги, биунареб магIаруласул щулияб яхIги, къвакIараб хасиятги. КIочене рес гьечIо магIарулазда жидер миллияб тарих. Гьелъул щибаб хIарп, бидулъ къаламги ччун хъвараб бугелъул.
ХIакъикъаталдаги, чан гIасру аниги, бокьараб гIасруялъул хIикматлъунги, чIухIилъунги къохIехьеялъул мисаллъунги вукIина нилъее кIудияв имам Шамил. Шамилица 25 соналъ гъеж гурун гьабураб гъазаваталъулги гьесул бахIарчияб ва хIикматаб гIумруялъулги хIакъалъулъ тарихчагIаз гIемераб хъвана, бицана, тIахьал риччана, гIелмиял данделъаби тIоритIана. Гьаниб гъоркьехун дица бицине цIияб цоги жоги хутIун батиларо. Кин бугониги, пикру ккана чанго соналъ цебе имамасул инсул росулъе, АхIулгохIде ва ГIашилтIе бухьун букIараб сапарги ракIалде щвезабун, гьелъул хIакъалъулъ хъвазе.
КIиго имамасул рухIияб ватIан
МагIарухъе унаго, машинаялъул гордухъан бихьун гурони, Генуве жеги щун вукIинчIо. ГIадатияб гIумру батана имамасул ватIаналда. ГIадамазул рукIа-рахъиналъ берцин гьабураб, гIи-боцIул гьаракьги жаниса рагIулеб, рогIрахъан чвахулеб лъел сасги гIинда чIвалеб.
Дагъистаналъул тIоцевесев имам ГъазимухIамадил зияраталде щварабго, рекIее батIияб асар гьабуна. ЦIидасан пикрабазда тIад ханлъи гьабуна. 1829 соналъул сентябрь, гендерил къварилъи, нилъ Алжаналъур дандчIвала, Аллагьас хъван батаниянги абун, хъатикь хвалченгун хучдузде тIаде кIанцIарав бахIарчияв имам. Гьениса хвечIого ворчIун, хадуб 25 соналъ магIарулалги чачаналги данде гьарун, гъазаваталъе гъеж гурарав Шамил. Хадуб букIана АхIулгохI, гурхIел гьечIеб кIудияб дандечIей, хъизамалгун цадахъ гохIда шагьидлъарал муридзаби. КъотIун гьечIо жеги кьурабалъ гьезул дандерижи, Аллагь цо вугилан ахIулеб, зобалазде рагIараб гьезул зикрудал гьаракь.
Гьединал пикрабигун росдал гьетIа-кIичIарал къватIахъан гьаругьин гендерил хабалахъ бугеб ГъазимухIамад имамасул зияраталде щун ватана. Гьенив аскIовго вукъун вуго Шамилил эмен Денгасул МухIамадги. ДугIа-алхIамги гьабун, къо-лъикI гьабуна кIиго имамасул росдалгун.

Гъоркьа гьалдолеб гIор, тIадехун гIумру
Сагъри-кьодухъе щваравго, цIидасан пикрабаз анцIила ичIабилеб гIасруялде вачана. АхIулгохIда рагъ байбихьилалде цебе, 1839 соналъул авалалда гьенибги ккана кутакаб рагъ. Хунзахъа Хириясул ГIалибегил бетIерлъиялда гъоркь пачаясул аскаразда дандечIей гьабуна магIарулаз. Амма, къуват бащадаб гьечIолъиялъ, гьел нахъе къазе ккана. Гьелъул хIакъалъулъ гIатIидго хъван буго хъвадарухъан, шагIир ва публицист МухIамад ХIамзаевасул тIехьалда.
КIудиял тарихиял лъугьа-бахъиназул нугIлъун кколеб Сагъри-кьодухъе щваравго, пикрабаз цо хIалалда толаро инсан. ГIемераб жоялде кантIизавула. Аралъул хIисабги гьабизе, умумузул бахIарчияб къисматалда цебе бетIерги къулизе, гьезул къиматги гьабизе куцала гьелъ нилъ. Гъоркьа гьалдолеб ГIандигIурул гучаб гьаракьалъги цо хIалалда толаро…

Амма асирлъуде унге щивго чи…
Сагъри-кьоги нахъа тун, АхIулгохIда цере лъалхъана ниж. ГохIда тIаде балагьараб борхалъиялда, гIешдерил росдада гъоркь бугеб мемориалияб комплексалде цере ракIарана киналго. Комплексалда аскIобго цун бугеб музеялъул директор, ГIашилтIаса СултIанмухIамад ГIалиевас бицунеб букIана машгьураб гохIда ккарал чIахIиял лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ. 1839 соналъул роол моцIаз, гьалулеб бакъуда гъоркь, 80 сордо-къоялъ магIарулаз гьабураб тарихияб дандечIеялъул хIакъалъулъ бицунеб букIана гьес гьалбадерие. Бицунеб букIана сабураб, берцинаб мацIалда, щибаб рагIи рекIел тIиналде бортуледухъ, махщалида. Цебеккун чанго нухалъ рагIун букIаниги, цIидасанги хIухьелккун гIенеккана дун АхIулгохIалъул тарихалъухъ. Щайгурелъул гьелъул бицен киданиги чIамучIлъизе рес гьечIелъул.
АхIулгохIил гьитIинлъи,
Гьаб халкъалъул къвакIунчIей.
Кьалда муридзабазул
Имамасе мутIигIлъи.
Дов Шамилил гIадиллъи,
ГIакълуялъул борхалъи.
Лъимер баччун лъадицин
ЧIола гуллида цее.
Цоги нухалъ кIвар кьун халгьабун бихье гьал рагIабазухъ! Хахулеб лъимерги цадахъ бачун, гохIде рахарал руччаби. Шагьидлъун рос ракьалде щапидал, гьесухъа бортараб хвалченги борхун, тушманасде тIаде гъалбацIаллъун кIанцIарал магIарул руччаби. Тушбабицин хIайранлъулеб бахIарчилъи бихьизабуна гьез гьениб. АнцIила щуазарго чиясдаса данде гьабураб, габунибе бахун яргъидалъун хьезабураб пачаясул аскаразда дандечIей гьабуна лъабазарго чияс. Гьездаги гьоркьор рагъуе куцарал, туманкIги кьвагьизе, хвалченгун рагъизе лъалел чагIи рукIанин 1200-гIанасев чиян бицана СултIанмухIамадица. АхIулгохIда рагъулаго арал моцIазул цояб букIана рамазан моцI. РухI тIагIунеб чорхое дагьабниги къартI букIине гIоло, барсараб лъабго чIарил мугьги чIамулаго, гьужумалъ арал муридзаби. ГохIде тIаде ххарун рачIунел тушбабазул читIир тIезабизе, кодоб хвалченги ккун, гьезда тIаде кIанцIарал гIолилал.
ЩукIдузда дал-далун хутIараб гъежги хIатIикье ккезабун, тIун гьебги рехун, цIидасан гъазаваталде арав Хунзахъа Хириясул ГIалибег. ЩулалъулгохI бахъизе кIоларого, ракI свакан тату хун рукIана пачаясул солдатал. 100 чиясдаса данде гьабураб магIарулазул гьитIинаб къокъа къуркьизабизе кIоларого, гIемер къо бихьана гьезда.
Асирлъуде щивниги унгеян имамас гьабураб амруги рекIелъ цIунун, борхун хвалченги ккун, ГIандигIурулъе кIанцIарай Шамилил яц. Хахулеб лъимерги къвалакь ккун, анцIго бихьинчиясда данде ягъарай Шамилил лъади Жавгьарат. АхIулгохIалъул бахIарчияб тарихалъул наслабаз жеги гIемер бицине буго…
Вилълъа мун ГIашилтIе, щва АхIулгохIде
Щибаб гохIда дуда ватила Шамил.
Сордо рогьа дуца гIешдерил росулъ,
Мун гъазаваталде жанив лъугьина.
МагIарулазул шагIир ХIажи Гъазимирзоевасул гьал рагIаби рагIичIев чи къанагIатги ватиларо. АхIулгохIда букIараб рагъулъ шагьидлъун тIубараб росуго чIван лъугIанин абизе бегьула гIешдерил. Рагъ байбихьилалде кIиго соналъ цебе, 1837 соналъ, ГIашилтIа росуго гочун буго Нух гьечIеб гохIде, гьелда абула Басрияб АхIулгохIиланги. 1839 соналъ имам рагъде хIадуризе гохIде вахъиндал, гьел киналго цадахъ гочана гьенире, аслияб АхIулгохIде. Рагъ лъугIун хадуб нахъе хутIун буго гIицIго анкьго хъизан. Гьезул гIураб наслу буго жакъа росулъ. Ниж дандчIвана гьезул цояв, Дарбишиласул тухумалъул вакилгун. Жакъа гьесул васасул васасул вас МухIамад вуго росдал имам.
Имам Шамилил эбел Бахумеседо жаний йикIараб мина бихьизабизе нижеда цадахъ рилълъана гьевги Аминов ГIусманги. Дореги нахъеги унаго, чанги интересал, тарихиял баянал кьуна гьез нижее. Бицана АхIулгохIда вагъулеб мехалъ 14 сон гурони букIинчIев ГIашилтIаса КъурбангIалил хIакъалъулъ. Хадув гьесул кIудияв гIалимчи вахъине вукIин лъалев вукIарав имамас гьев гIумруялъе хIинкъи бугеб бакIалде виччалароан. АхIулгохIалда рагъ лъугIун хадув КъурбангIали имамасда цадахъ Чачаналде ана. Чачаналъа тIадвуссун Шамилица гьев ГIашилтIе витIана гIелму цIализе. Нахъа гьесул вахъана кIудияв гIалим.
Шамилил эбел Бахумеседол мина букIараб бакIалда рукIарал чIваданалги риххизарун, гьеб цIигьабизе хIалтIаби унел ругоан гьенир.
Гьединго щвана имамасул заманалда тункIихер гьабизе хIалтIизабулеб букIараб хъахIаб ганчIихъеги. ГIешдерил годекIаниб буго гьеб гамачI, жакъа рагьараб зобалда гъоркь бугеб музей гIадин.
Гьеб киналъго кIудияб асар гьабуна. ГIажаибго рекIее гIуна ГIашилтIа росуги гьелъул гIадамалги. Ниж рокъоре къабул гьарурав СултIанмухIамадги ватана унго-унгояв магIаруласе хасиятаб, умумузулго букIараб тIабигIаталъул инсан. Ниж кванан рахъинегIанги гIодов чIечIого, батIи-батIияб тIагIам нижее баччулев вукIана гьев.
Разиго къо-лъикI гьабуна ГIашилтIа росдалгун. Амма КIудияв имамасул хIакъалъулъ бицен лъугIичIо. МагIарулал чIаго ругебгIан мехалъ, гьеб гьоркьоб къотIизеги гьечIо.
Ашахан Юсупов
