Новость на родном

Гьеб къо гIагар гьабизе хIасраталда руго ниж

Довги. Дойги. КIудияб рокьул кIиго тIегь. Цояб гьечIони, цогидалъеги гIумру бечIалел. КIиго хIасрат. Жиде-жидер анищазул куркьбалги хьвагIулаго, гьел щвана моцIрохъеги. ШагьримоцIалъ гьезул гIищкъуялъе кьун рукIана берци-берцинал кьерал. Гьел релълъун рукIана анкькьераб нуралда. Кьерал даималлъун хутIана досулги долъулги гIищкъул сагаялда. РещтIунаан гьел бакъул чIораздаги. Бакъул щибаб чIоралъ кьолаан хинлъи рорхатал мугIрузул ЛъаратIа районалъул Гьобохъ росулъа мугIрул...

Новость на родном

Цо хьагинир хинкIал гIадин

Россиялъул халкъазул цолъиялъул къоялда ДРялъул бетIер Сергей Меликовас шапакъаталги кьун кIодо гьаруна республикаялъул гIумруялда кIвар бугеб лъалкI тарал дагъистаниял. Гьезда гьоркьор рукIана ЦIунтIа районалъул Сагьада росулъа МухIамад ГIабдурахIмановги Луизат ГIалихIажиеваги. Гьеб ккола гIемер лъимал хьихьулеб хъизам. РФялъул президент Владимир Путинил указалда рекъон, гьезие кьуна «Родительская слава» абураб орденги ХIурматалъул грамотаги. 20 соналъ – школалда Нижеца...

Новость на родном

Сергей Меликовасул халкъалъулгун «чlагояб эфир» байбихьана.

Исанасеб «чlагояб эфиралда» тlоцебесеб суал кьуна ЖКХялъул гlунгутlабазда хурхараб. Мисалалъе, тlокlаб чlечlого Махlачхъалаялда ток ссунеб букlиналъул. «Меликов ялъуни цогидав нухмалъулев вачlунилан канлъи цlикlкlунаро гlадамазул рукъзабахъ. Гьеб буго цо-кlиго соналъцин гуреб, анцl-анцl соназ халатбахъараб, жегиги тlубан рагIалде бахъинабизе кlвечlеб масъала. Гlемерал соназ бухlараб токалъухъ гlадамазухъа бакlарараб гlарац хlалтlизабулеб батичlо гьел гlунгутlаби тIагIинаризелъун. Гьеб масъала роцlцlинабизе хlажат...

Новость на родном

Дару гьабулелъул цIодорго рукIа

ГьабсагIаталда дунялалдаго унеб буго микробазде данде къеркьолел дараби битIун хIалтIизариялъул анкь. Гьединлъидал, РФялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул буюрухъалда рекъон, 17-24 ноябрь лъазабун буго Микробазде дандечIей гьабиялъул анкьлъун. Гьелда бан гIуцIизе кколел тадбиразулги, бактериязулги, гьезде данде гьарулел дарабазулги хIакъалъулъ нижее бицана Республикаялъул урологияб централъул тохтур-уролог ХIусен Къадиевас. — ХIусен, бактериязул антибиотиказде дандечIезе бажариян сунда абулеб? — Нилъер...

Новость на родном

«ГIалибег, лъабго минут…»

Дагъистаналда машгьурал речIчIухъаби кидаго рукIана ва жакъаги руго. Лъида рагIичIеб КIикIуниса ГIусманил, Сали Сулейманил, Суракъат Асиятиловасул ва цогидазулги цIарал. Гьезул кьерда хIурматияб бакI ккола эркенаб гугариялъул рахъалъ чанго нухалъ Дагъистаналъул, миллияб гугариялъул рахъалъ Россиялъул, гIолилазда гьоркьоб тIобитIараб эркенаб гугариялъул рахъалъ Совет Союзалъул (1960 сон), ГIали ГIалиевасул призалъе гIоло тIобитIараб чемпионаталъул (1967 сон), «Динамо», «Урожай» ва...

Новость на родном

Къадруялъ борхараб кочIол тахида

Дагъистаналъул халкъияв артист МухIамад ГIабасовас – 60 сон Авар миллаталъул кочIолаб гъасда къадруялъ борхараб тах дурги буго. Намусалъ угьараб, яхIалъ бекIкIараб, хIурмат тIадегIанаб, тIокIлъи босараб. МухIамад ГIабасов, халкъияв артист, хутIила дур кечIги халкъалъе даим. МагIарул кечIалъул къимат цIунарав, къиматалда вуго ма­гIарулазе. Бицана дур кечIалъ магIарул тарих, магIалгIан къвакIарал ма­гIа­рулазул. ГIагарал мугIрузе ахIана дуца. АхIи бана...

Новость на родном

МагIарул академия

Дагьалъ цебегIан Хунзахъ районалда тIобитIана ХIариколо росдал школалъ 100 сон тIубаялъулаб юбилей. 2024 соналъго тIобитIизе кколеб букIараб гьеб байрам нахъбахъизе ккун букIана сверухълъи, нухал къачIаялъул хIалтIаби росулъ унел рукIиналда бан. ПалхIасил, байрамкъоялъ баркиялъулаб кIалъай гьабулаго, районалъул лъай кьеялъул нухмалъулей ПатIимат ХIамзатовалъ бицана цIалулъгун жамгIияб гIумруялъулъ школалъ ва коллективалъ гьабулеб жигараб гIахьаллъиялъул, цIалана районалъул нухмалъулев НурмухIамад...

Новость на родном

Кьер-кьерал тIугьдузул квацIи гIадаб Дагъистан

«Россия – дир тарих» абураб музей-паркалда араб анкьалда бихьизабуна «МацIазул мегIер» абураб документалияб фильм. Гьеб бахъана режиссер Родион ИсмагIиловас ва гьабсагIаталда рикIкIуна Дагъистаналъул мацIазулги маданияб бечелъиялъулги хIакъалъулъ бицунеб бищунго кIудияб проектлъун. Фильмалъухъ балагьизе рачIун рукIана ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов, министерствабазулгун ведомствабазул нухмалъулел, маданияталъул вакилзаби ва цогидал дагъистаниял. «МацIазул мегIер» — гьеб буго кIиго соналъул...

Новость на родном

Каранда кIалъана кIудияб бухIи

Пикраби росулъе руссунел руго, Вуссунев вуго дун сапаралдаса. Салам, КьилимегIер, Салам, Гьонода, Гьанже дун талихIав вуго ракьалда… Мунагьал чураяв АхIмадил МухIамадил гьал мухъал рачIуна рекIелъе щибаб нухалда гIагараб Гьоноде вуссуневщинахъе. Росдал кIалтIу бахунаго ва дирго лъимерлъи жаниб араб ЛъимбецIихъ авалалде гIагарлъулаго. МухIамад кидаго вукIана росдал шагIирлъун. Гьеб гьес жиндицагоги гIемер загьир гьабуна кучIдузулъ. Хасго ахириял...

Новость на родном

ЦIар хисиялдаса бер бахъиго лъикI

Гьидерил кьоде щварав лъа­ратIисес, гьенив дандчIварав Лъахъ росулъа Шитмарида цIехон буго дуда цIар щибилан абун. Досги жаваб кьун буго Шитмар бугин. Шитмар абураб цIар чиясда букIине рес гьечIилан пикруги гьабун, гьоболас нахъеги цIехон буго: «Дуда цIар щиб кколеб?» — абун. Гьидалъес кIиабизеги добго жаваб кьедал, жив махсараде кколев вугин ракIалде ккарав лъаратIисес абун буго: «Шитмар...