
Авар театралъул тарихалда хасаб бакI ккола Хунзахъ районалдаса актераз. Гьеб тарихалъе байбихьи лъурав ГIабдурахIман Магаев кколаан Дагъистаналъул халкъияв артист. Цинги… — Россиялъул халкъиял артистал — Сидрат Мажидова, МахIмуд ГIабдулхаликъов, Зайнаб Набиева. Россиялъул мустахIикъал артистал Басир Инусилов ва ХIусен Казиев, Дагъистаналъул мустахIикъал артистал МухIамад Батиров, гьесул вас ГIалисултан Батиров, гьесулги вас Салим Батиров ва Разият Дибирова…
Гьал къоязда цоги рохалил хабар – Авар театралъул актер, Хунзахъ районалъул Гъоркьколоса ГIабдулхаликъ ГIабдулхаликъов мустахIикълъана «Дагъистаналъул халкъияв артист» абураб тIадегIанаб цIаралъе.
Гьасие хъат чIвана гIагараб халкъалъ
Щив кколев ГIабдулхаликъ ГIабдулхаликъов. Халкъалъ къабул гьавурав актер. Гьеб кколарищха актерасе бищунго аслияблъунги – жиндир пагьму-гьунаралъе гIадамаз чIвалеб хъат. Гьеле гьеб ккола бищунго тIадегIанаб шапакъатги. Вокьулев артистасе халкъалъ чIвалеб хъаталъулъ букIунебщинаб хинлъиги рокьиги. Гьеб насиблъана ГIабдулхаликъие.
Инсан ракьалде витIулелъул, ТIадегIанас гьесие кьолеб батула хасаб тIадкъай. Гьеб тIадкъай тIубазе ресалги кьола гьесие ТIадегIанас. Гьеб ресалдаса пайда босана ГIабдулхаликъица – гьев лъугьана халкъалъе вокьулев артистлъун. Дун гьитIинаб мехалда, ракIалда буго, магIарухъе Авар театр бачIун бугилан рагIидал, гьикъулаан Муса ГIабасовги МахIмуд ГIабдулхаликъовги ругелищилан. Хадубги цIехолаан ХIусен Казиев гьечIевищилан. Гьанже МахIачхъалаялде спектаклязде рачIунеб мехалда, чанги рагIана абулеб ГIабдулхаликъ ватилародайилан. Гьесухъ ралагьизе рачIун ругилан. Гьеле гьеб хIужаялъ бицуна актерасул пагьмуялъул даражаялъул.
Нахъа тарал лъалкIазул сухъмахъаздасан
Гьавуна ГIабдулхаликъ Хунзахъ районалъул Гъоркьколо росулъ 1961 соналъул декабралда. Исанасеб сон гьесие буго бачIин гIемераблъун — тIадегIанаб цIаралъе мустахIикълъана, гIумруялъулги — 65 сон. ГIабдулхаликъ сценаялде вахаралдасаги тIубан буго 47 сон. Юбилеялъулал къоязде ахIила ГIабдулхаликъ редакциялде гьоболлъухъги, гьабила гьесулгун гIатIидаб гара-чIвариги. Гьаб гьитIинабго макъала биччанте букIине гьеб тадбиралъе цеберагIилъун.
ГIарани росдал гьоркьохъеб школа лъугIарав гIолилав хIалтIизе лъугьана Авар театралде сцена къачIалев чилъун. Авар театралде гьесул ракIцIаялъе гIиллалъунги вукIун ватизе бегьула инсул вац МахIмуд ГIабдулхаликъов. ГIабдулхаликъил пагьму-гьунарги бичIчIун, лъикIаблъун бихьула театралъул нухмалъиялда гьев актерлъиялъул пагьмуялъе цIализе витIизе.
Ва 1974-1984 соназда гьев цIалана Типлисалда бугеб Ш. Руставелил цIаралда бугеб театралияб институталда.
1979 соналдаса нахъе хIалтIулев вуго Авар театралда. 2012 соналда гьесие кьуна «Дагъистаналъул мустахIикъав артист»абураб цIар. 2015 соналда гьев мустахIикълъана ДРялъул Культураялъул министерствоялъул ХIурматалъул грамотаялъеги.
РакIалде щвезарилин артистасул театралияб гIумруялъул цо-цо лахIзатал. Чан батIияв ГIабдулхаликъгун нилъ дандчIварал 47 соналда жанир:
— «МугIрузул ГIали» (З. ГIалиханов) — ГIиса, «РекIее бокьани» (Г. Рустамов) — Ибрагьим, «Дурцал» (М. Сулиманов) — Зазилав, «Аманат» (ГI. Хачалов) — Сулейман, «МагIарулай» (Р. ХIамзатов) — ГIусман, «Москваялдаса бахIарав» (Г. Гагиев) – Набигула, «МахIмуд» (М. ГIабасил — Ислам, «Чакмаби ретIараб кету» (Ш. Перро) — судияв, къирал. «Цо ясалъул ункъо бахIарав» (Т. Миннулин) – Шакур, «ХIажимурад» (Л. Толстой) — ХIамзалав ва гь.ц.
«ХIакъикъат» газеталъул коллективалъул рахъалдасан баркула ГIабдулхаликъ ГIабдулхаликъовасда пагьмуялъул хIокIаздасан гьелъул тIогьазде гьунаралъ тIамураб иргадулаб гали.
ШАМАЙ ХЪАЗАНБИЕВА