Бокьулеб хIалтIул рахIатаб лахIзат

 


Ахирал соназда гIемер бицараб, нилъеда киназдаго лъикI лъалеб ва дандчIвалеб суаллъун ккола республикаялда цIакъго гIемерлъун рукIин тIадегIанаб цIалул учреждениял, цIикIкIунеб букIин, щиб санагIат гьабунги, дипломал кодоре щвезе бокьаразул къадар. Амма гьезул цIалуда ва дипломазда рекъараб, гьезие гIураб ва гьелде гIагарараб хIалтIи нилъер гьаниб гьечIо, щакаб буго гIагараб заманалда букIинги.

Гьебго заманалда нилъее гIолел гьечIо хIалтIул профессиязул (гьездехун цIайи, дагь-дагьккун цIикIкIунеб бугониги) хIалтIухъаби. ГьабсагIаталда Дагъистаналда буго 30-гIанасеб вуз, гьезул филиалал ва 87 колледж. ХIалтIул махщалилал къватIире риччалел колледжазда гьоркьоб хасаб бакI ккола МахIачхъалаялда бугеб бакIал раялъул ва дизайналъул колледжалъ.

Жакъа ниж щвана гьенире ва гьелъул хIакъалъулъ къокъабго баян кьуна, 45 соналъ директорасул заместителасул хъулухъги тIубан, гьабсагIаталда преподавательлъун вугев, ЧIарада районалъул ГIурухъ-СотIа росулъа МухIамадбег ГIизраиловас. Гьев ккола хIалбихьи бугев педагог-насихIатчи, ДРялъул мустахIикъав учитель, РФялъул СПОялъул ХIурматияв хIалтIухъан, ТIадегIанаб категориялъул мугIалим.

— Колледжалъ гъоркьиса тIубана 50 сон. Байбихьуда гьеб букIана профессионалияб училище, доб мехалъ, советияб заманалда гьанив цIалулаан 600-650 студент. Хадуб гьаб гIемерго гIатIилъана, кIодолъана, 2013 соналда профессионалияб лъай кьеялда гьарурал реформабазул хIасилалда гьелъул гьабуна колледж. Гьелъул цIалул, хIалтIул аслияб рахълъун ккола ралел бакIазул магIишат хасаб гьоркьохъеб цIалиялъул хIалтIухъаби- устарзабаздалъун хьезаби. Нижеца къватIире риччала сварщикал, отделочникал, плотникал, электрикал, машинаби къачIалел механикал ва гь.ц. Ясал ругьун гьарула ретIел букъизе, квен ва кванил нигIматал хIадуризе. Къокъго абуни, гъира бугезе буго бокьараб махщел щвезе рес, гьелъие камураб щибго гьечIо, кибего рагьун буго каву. ГьабсагIаталда гьанив цIалулев вуго 1500-1600 студент, гьезие лъай-тарбия кьола 70-гIан преподавателас, руго махщелгун хIалбихьи бугел мастерал. Нижеца къабул гьарула 9 ва 11 класс лъугIарал цIалдохъаби, 9 класс лъугIун рачIаразе щола 10-11 классазул гьоркьохъеб лъай, киназего щола лъикIаб лъай ва махщел. Лъабил къимат гьечIого цIаларазе буго стипендия, буго лъабил къимат бугониги кьолеб социалияб стипендия, дирекциялъ яхI бахъула хIажалъиялде ккаразе ресалда рекъон материалияб кумек гьабизе. ХIажатазе буго общежитие. Нижер лъикIал бухьенал руго Аграрияб ва Техникияб университетазулгун, гьаб лъикI лъугIаразе гIезегIан бигьалъаби руго гьенире лъугьинеги. Гьанибго рехсела цоги хIужа — гьаб колледж лъугIарал гIезегIан гIолохъаби руго СВОялдаги, гьезда гьоркьор руго рагъулъ бахIарчилъи бихьизабуралги.

— Дагьлъулеб бугищ цIализе бокьаразул къадар, цIали лъугIун хадуб хIалтIи щоларого хутIулищ гьел?

— Цере аслияб куцалда рачIунаан росабалъа гIолилал, цIакъ дагь гурони рукIунароан шагьараздаса. Гьанже гьеб рахъалъ буго гIага-шагараб ращалъи. ГIемерисел руго гьоркьохъеб ресалъул, гIадатиял хъизамаздаса. Абила бугеб хIалалда — гьаб лъугIарал, гьаниб махщел щварал гIолилал хIалтIи гьечIого хутIуларо, гьезул буго лъикIаб тIалаб — гIемерисел уна ралел бакIазде (гьенибго букIуна гьезул практикаги).

Хадур ниж щвана рукIинесел сварщикал ругьун гьарулеб цехалде ва гьенир дандчIвана тIоцебесеб курсалъул студент, Болъихъ районалъул АнсалтIа росулъа ХIосенов Абукъасимгун.

— Абукъасим, сварщикасул махщел тIаса бищиялъе гIилла щиб букIараб?

— Дир цIалул хIасилазда рекъон, вахъуна кIиабилеб ялъуни лъаб­абилеб разрядалъул сварщик. Бищун тIадегIанал рукIуна 5-6 разрядал, амма гьел щола хадусеб хIалтIул хIалбихьиялда рекъон. Гьаниб букIуна цIалиги практикаги — тIоцебесеб курсалда лъугIула 10-11 классазул программа (9 класс лъугIун цIализе рачIараз), кIиабилеб курсалда букIуна практика. Нижер классалда вуго 30 студент, гьабсагIаталда гьел руго дарсазда. Дагьал цере нижер гьанир рукIана колледжалъул студентал — сварщиказда гьоркьор къецал, гьениб дица ккуна тIоцебесеб бакI. Гьанже гьанирго 16 февралалда тIоритIизе руго гьединалго къецал. Республикаялъулго колледжазда гьоркьор тIоритIулел гьел къецазда нижер колледжалдаса гIахьаллъизе вуго дун.

— ТIоцебесеб бакI щвеялде хьул бугищ?

— Буго. Гьенир бергьаразе рихьизарун руго шапакъатал, тIоцебесеб бакI ккурав уна Калугаялде, гьединалго тIолгороссиялъулал къецазде.

— ЦIализе, хIалтIизе кинал шартIал чIезарун ругел?

— Сундулго къварилъи гьечIо. Кьола стипендия (600 гъурущ), буго общежитие (гIумру гьабулев Шамхал-Терменалда вукIиналъ дун гьенив чIоларо), учузаб багьаялда кваназе ине столоваяги буго. Камураб, гIолареб жо гьечIо.

— ГIемерисел дур кьерилаз тIаса бищула дагьаб бигьаяб, компьютералда нахъа чIун тIубалеб хIалтIи. Дуеги гьебго бокьилароанищ? ЦIали лъугIун хадув кив хIалтIизе ракIалда бугеб?

— Дидаги лъала компьютер, амма дица къабул гьабуларо, дие данде кколаро гьелда нахъа вукIун гьабулеб хIалтIи. ЦIали лъугIун хадув хIалтIила машинаби къачIалев сварщиклъун. Дирго рукъалда аскIоб гьелъие гьитIинабго бакIги рагьун, рахIаталда, дие гIагараб, бокьулеб хIалтIиги гьабун вукIиналдаса лъикIаб иш дие гьечIо.

ГIАБАШ ГIАБАШИЛОВ