Советияб заманалда гIадин хIалуцарал гьечIониги, Северияб Кавказалъул республикабазда ва жалго жидедаго чIарал улкабазда гьоркьор гьудуллъиялъулал, экономикиял ва культураялъулал бухьенал къотIулел гьечIо. Дагьалги гьел церетIезариялъулъ бутIа лъолеб буго нилъеда сверухъ ругел СКФОялде кколел республикабазул ва Югалъулаб Осетиялъул нухмалъулез, гьезул гIалимзабаз ва хъвадарухъабаз.
Гьал къоязда басмаялда бахъана Югалъулаб Осетиялъул 1996–2001 соназда вукIарав тIоцевесев президент, советияв ва Югалъулаб Осетиялъул политикияв хIаракатчи, тарихиял гIелмабазул доктор, публицист ва Халкъазда гьоркьосеб ЖамгIияб палатаялъул гIахьалчи Людвиг Алексеевич Чибировасул «Алания-Осетия ва Дагъистан» абураб тIехь. Пачаясул заманалдаса, советияб гIумруялдаса байбихьун, авторас рагьулел руго Дагъистаналъул ва кIиябго Осетиялъул цоцаздехун рукIарал ва гьанжеги ругел экономикиялгун маданияталъулал бухьеназул, цоцазе гьабулеб кумекалъул хIакъалъулъ бицунел тIанчал. Рачунел руго нилъер цадахъаб гIумруялдаса мисалал.
Авторас ракIалде щвезабулеб буго 2004 соналъул сентябралда Бесланалда 334 чи, гьезда гьоркьоса 186 лъимер гIумруялдаса ратIа гьарураб вахIшияб такъсир ккараб мехалда Дагъистаналъ гьабураб кумек.
Л. Чибировас тIехьалда рехсон буго Расул ХIамзатовасул ва ЦIадаса ХIамзатил Осетия-Аланиялъул хъвадарухъабазулгун букIараб гьудуллъиялъул хIакъалъулъги.
РакIалде щвезарулел руго КIудияб ВатIанияб рагъда Совет Союзалъул БахIарзаллъун рахъарал Дагъистаналъул ва Осетиялъул васал: Орджоникидзе шагьаралда цIаларав МухIамад ХIамзатовасул, Темирхан-Шурав гьавурав Георгий Калоевасул, Хасавюрталда гьавурав Алексей Ташаевасул, рагъ лъугIун хадуб Осетиялде гочарав дагъистанияв Николай Калуцкиясул, Дагъистаналъул Верховный Советалъул депутат, асатIинав Михаил Дзилиховасул ва гIемерал цогидазулги цIарал.
Жакъа нилъ рохарал руго Югалъулаб Осетиялда Дагъистаналъул вакиллъи хIалтIулеб ва гьелъие нухмалъи МухIамад Шамиловас гьабулеб букIиналдаса.
ТIехьалъул автор дагьав цевегIан Дагъистаналдеги щун вукIана ва Северияб Кавказалъул Херазул советалъул сопредседатель хIисабалда МахIачхъалаялда тIобитIараб данделъиялда гIахьаллъиги гьабуна.
Щаклъи гьечIо, Л. Чибировасул тIехь хадубккунги Осетия-Аланиялда ва Дагъистаналда гьоркьоб гьудуллъи щулалъиялъе квербакъулеб алатлъун лъугьине букIиналда.
З. ИЛЬЯСОВ,
Северияб Кавказалъул Херазул советалъул сопредседатель