ГIоле-гIолезул гIелбащадаллъун…

Анлъабилеб февралалда МахIачхъалаялда, Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тIобитIана Муса МухIамадовасул «ЧIегIераб гамачI» абураб тIехь цIигьабун къватIибе биччаялда хурхараб тадбир. Миллияб адабияталда ккараб киналго рохараб гьеб лъугьа-бахъин цоцазда баркизе данделъун рукIана магIарул хъвадару­хъаби, шагIирзаби, журналистал, хъвадарухъанасул гIагарлъи ва гьесул тIахьал рокьулел цIалдолел.

Муса МухIамадов вукIун ватула бищунго талихIал хъвадарухъабазул цояв. Щайин абуни, гьесул тIахьал цIалулаан, цоцазде ирга щоларого, цояз цоязухъе кьун. Бищунго хъвадарухъанасул къадру тIокIаб советияб заманалдагицин къанагIатал рукIана Мусал тIахьал. Дунги гIуна гьесул тIахьалгун цадахъ. Гьесул тIахьазул героял дида кколаан дирго гIагарал чагIийилан, гIелбащадалилан абун.

Гьедин букIана «ЧIегIераб гамачI» цIигьабун къватIибе биччаялъе «гIайибияв», «ХIакъикъат» газеталъул мухбир Ашахан Юсуповасеги. Гьевги гIуна Мусал героялгун цадахъ, гьелгун вохун, гьелгун пашманлъун. Ва гьес магIарул цIалдолезе гьабуна кIудияб сайгъат – «ЧIегIераб гамачIалда» бихьана кIиабилеб гIумру, гьелъ цIазе байбихьана кIиабилеб хIухьел. ГьабсагIаталдаги магIарулаз М. МухIамадовасул цIар бищун цебе рехсола, рокьулел хъвадарухъабазул цIарал цIехедал. ТIехь къватIибе бачIун букIин лъайдал, гьеб цIехон Ашаханихъе кIалъаразул къадарги цIакъго цIикIкIараб букIана ва жеги кIалъалелги руго. Бищунго рохизе ккараб жоги гьечIищха – тIехь цIехолезда гьоркьор гIолилалги руго. Гьединаллъун хутIана магIарулазе Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса МухIамадовасул тIахьазул героял — гIоле-гIолезул гIелбащадаллъун.

Библиотекаялъул жанахIалда гIуцIараб Муса МухIамадовасул тIахьазул выставкаялъ цоги нухалда бицана цIалдолезе хъвадарухъанасул творчество кинаб тIадегIанлъиялда жегиги букIине бугебали.

Тадбир нухда бачана филологиял гIелмабазул доктор, профессор МухIамад МухIамадовас. Гьес гIатIидго бицана хъвадарухъанасул пагьму-гьунаралъул хIакъалъулъ, баркала кьуна гьеб тIехь бахъизе пик­ру ракIалде ккарав Ашаханиеги:

— ТIоцебе тIехь биччаялъул пикру Ашаханица дие загьир гьабидал, дун цIакъ вохана ва дица гьесда абуна кIвараб кумек гьабизе бугин, дуего бокьун бугеб хIалалда гьабейилан. Ва, кида редакциялде щваниги, Ашахан ватулаан Мусал тIехьалде тIадеги къулун. Гьес нилъее сайгъат гьабуна багьа къиматаб тIехьин, — абуна МухIамадица жиндирго кIалъаялда.

Хадубги МухIамадица цIалана Мусаца гIумруялъул гьудул Фазуе сайгъат гьабураб кечIги. КIалъазе вахъарав «ХIакъикъат» газеталъул редактор Темирхан ХIасановасги бицана магIарул адабият гIолеб гIелалъе ирсалъе хутIиялъе редакциялъ гIумруялде рахъинаризе ругел проектазул хIакъалъулъ:

— Нижер щулияб бухьен буго магIарул шагIирзабазулгун. Щола гьел нижехъе, гьарула гьезулгун гара-чIвариял, кьола гьезул асарал газеталъул гьурмазда. Руго гIемерал пикрабиги нужер кумекалдалъун гьаризе ракIалда ругел ишалги, — илан абуна гьес.

РагIи абизе ирга щвана Ашаханиде. РачIаха гIенеккилин гьес бицаралъухъги:

— Лъимерлъудаса нахъего Мусал тIахьал цIалун ругьунав дида кколаан гьесул цIаличIеб тIехьго хутIун батиларин абун. Амма хадуб батана цо гьединаб тIехь. «ЧIегIераб гамачI», гIемерав чияс бицунеб рагIун гурони, дихъего кодобе цIализе щвараб тIехь букIинчIо. Гьедин хъван букIун буго — дихъе гьеб тIехь цIализе щвана цIидасанги бахъун лъикIилан абураб ният-къасд гIумруялде бахъинабиялда цадахъго. Компьютералда бищулаго, цадахъ цIалунги лъугIана. Дун цIидасанги асир гьавуна Мусал бергьараб хатIалъги гьесул хъвадарухъанасулаб пагьму-гьунаралъги. Дица цереккун цIаларал тIахьазда релълъинчIеб, гIажаибаб сюжеталъул, хIикматаб, къватIибе кьун бажарулареб асаралъул тIехь батана хIакъикъаталдаги «ЧIегIераб гамачI» къиса. Гьеб мехалъ бичIчIана дида гIадамаз додигIан цIакъ гIащикъго гьеб тIехьалъул щай бицунеб букIарабали. Дун жакъа вохарав вуго Мусал тIахьазухъ урхъун рукIарал магIарулазухъе гьеб тIехь щвезе дица бахъараб хIаракат гIадада ккечIолъиялдаса.

Хъадарухъанасул творчествоя­лъулги гьесул жиндиргоги хIа­къалъулъ бицана гьев лъалел пероцояз – хъвадарухъанасул цо-цо тIахьазул редактор ва корректор ТубхIат Зургьаловалъ, Шамил МухIидиновас, АсхIабгIали ХIасановас, Залму МухIамадовалъ, тIехь биччаялъе квербакъарай, Дагъистаналъул тIахьазул басмаханаялъул авар мацIалда риччалел тIахьазул редакторГIайшат ГIалиевалъ.

КIалъазе рахъарал Авар теат­ралъул директор МухIамад Би­савгIалиевас, Мусал гIагарав чи Гьандихъа МухIамадгIарип Къадиевас, Шамил районалъул администрациялъул маданияталъул отделалъул нухмалъулев Гъапар ГIабдулхIамидовас, ДРялъул Хал­къияб Собраниялъул депутат ГIабдулвахIид Лабазановас, ГIасаб росулъа жамагIатчи МухIамадрасул МухIамадовас бицана Мусал творчествоялъул, цIалдолезе гьесул тIахьаз гьабулеб хIикматаб асаралъул хIакъалъулъ.

Тадбиралъул ахиралда гьенире рачIаразе Гьандихъ росдал жамагIаталъул рахъалдасан баркала загьир гьабуна «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъан, Мусал гIагарав чи МухIамадхIабиб МахIатIовас. Гьединго гIагарлъиялъул рахъалдасан гьалбадерие баркала кьуна Мусал ПатIиматил ясалъ.

ЛъугIана тIехьалъул цебелъе­й. Биччанте гьеб тадбир букIине Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса МухIамадовасул100 сонилаб юбилеялъе гьитIинабго цеберагIилъун.

Гьединго газеталъул хIалтIухъа­базул рахъалдасан баркала кьезе бокьун буго, щиб тадбир нижеца тIобитIулеб бугониги, гьенир гIа­хьаллъулел, гьаб нухалдаги данде­руссиналъе хасаб гугьаралъул бер­цинлъи кьурал Дагъистаналъу­л искусствоялъул мустахIикъав хIа­ракатчи, композитор АхIмад ГIа­мир­хановасе, Дагъистаналъу­л хал­къияв артист ГIабдула Му­хIа­­мадмирзоевасе, Дагъистана­лъул мустахIикъай артист Маши­дат ГIумарасхIабовалъе, Рос­­сия­­лъул лъай кьеялъул ХIур­ма­ти­яй хIалтIухъан, Хунзахъ райо­на­лъул ТIануси росулъа АхIса­рат ХIай­булаевалъе, пандур­ги хъван, уму­музул бакъназда кучI­дул ахIулев Му­хIамадхIабиб ГIалис­кандиевасе ва Бакълъухъа ХIажи АхIмадовасе.

ШАМАЙ ХЪАЗАНБИЕВА