Наркотиказде данде къеркьолеб ДРялъул Миллияб комитеталъул (НАК) баяназда рекъон, бищун гIемер наркотикал тIиритIараллъун рикIкIуна МахIачхъала, Гъизляр, Дербент шагьаралги Дербент ва Тарумовка районалги. Щай цIикIкIунел ругел наркотикал хIалтIизарулел гIадамал ва щиб гьабизе кколеб гьел тIиритIизарунгутIиялъе? ДРялъул Наркотиказда хадуб халкквеялъул управлениялъул МахIачхъалаялда бугеб отделалъул нухмалъулев, полициялъул подполковник ГIумархIаям ГIумаровасе гьел ва цогидал суалал кьуна «Дир хирияб ватIан» абураб къокъаялъул гIахьалчагIаз.
— Республикаялда гIемерлъулел руго наркоманал. Гьелъие аслияб гIилла щиб кколеб?
— Аслияб къагIидаялда наркотикал ричулел руго социалиял гьиназдаса пайдаги босун. Гьединлъидал гIолилазе бигьалъулеб буго гьел росизе, ругеб бакI балагьизе. Гьеб буго наркотиказде данде къеркьолеб идараялъе бищунго захIматаб масъала. Гьеб тIубазабиялъул мурадалда нижер идара хIалтIулеб буго республикаялъул гIолилазул жамгIиял гIуцIабазулгун ва муфтияталъулгун щулияб бухьенги гьабун. ГIемерал тадбирал тIоритIула вузаздагун школазда. Амма кинго хадур гъоларо хехго тIибитIулеб бугеб гьеб заралияб пишаялдаса гIолилал ратIа гьаризе. ХIажат буго тIолабго халкъалъул хIаракат гьелде данде къеркьеялде буссинабизе.
— Кин дихъа, мисалалъе, бажарулеб гьелде данде къеркьезе?
— Наркотиказул зарал бичIчIулев щивав чиясе рес буго гьелъул хIакъалъулъ макъалабиги цIалун, нужго ругел бакIазда гIолилазулгун гара-чIвариял гьаризе. Нужеда лъалеб буго наркотикал ричулеб бакI, гьеб гьабулев чи — кIалъай нижехъе.
— Аптекаялда бокьараб дару бичула, рецептги тIалаб гьабуларо. Гьенир ричулищ наркотикал, ругищ гьединал баянал?
— МахIачхъалаялда буго инсанасул черхалъе цIикIкIараб асар гьабулел, ай наркотикияллъун яги наркотик гъорлъ бугеллъун рикIкIунел дараби ричулеб пачалихъияб кIиго аптека. Гьенисан къватIибе унеб щибаб даруялъул сияхI-хIисаб гьабула. Рецепт гьечIого, кьезеги кьоларо. ХутIарал аптекабазда гьел ричуларо — гьезул ихтиярги гьечIо гьел ричизе. Нижеца кутакалда халкквей чIезабун буго гьелда хадуб. Гьелъул мурадалда гIемерал рейдалги гIуцIана. Гьединлъидал ракIчIун абизе кIола: аптекабазул 90 проценталда наркотикал ричуларо. ГIемерал тадбирал нижеца гьарулеблъи хIехьечIого, чанги аптека къана шагьаразда.
Амма рецепт гьечIого цогидал дараби кьеялъул масъала буго. Гьедин ричула макьу бачIинабулел, унти къатIинабулел, чорхол хIалуцин дагьлъизабулел ва цогидал дараби. ХIакъикъаталда, рецепталда рекъон гурони, бегьуларо гьелги ричизе. Цадахъго гIемерал таблеткаби гьекъани (масала, Нурофеналъул цо тайпа, Атаракс), гьезги лъугьинабизе бегьулелъул наркотикал гьекъараб гIадаб хIал. Гьелда хадубги халкквей гьабула нижеца. Масала, кIигогIан соналъ цебе Буйнакскиялда ккуна, хIажат гьечIониги, черхалъе цIикIкIараб асар гьабулел дараби росизе рецептал кьурал тохтурзаби, пачалихъияб аптекаялъул хIалтIухъаби.
— Кинаб хасият букIунеб наркотик хIалтIизабурав чиясул?
— Руго синтетикиялги каннабисалъулалги наркотикал. Кинаб наркотик хIалтIизабун бугеб — гьелда бараб букIуна чиясул хьвада-чIвадиги, хасиятги, сипаталъул хаслъиги. «Синтетикияв» наркоманасул ясберал чIахIалъула, берал рукIуна къватIире кIанцIизе хIадурал гIадал; гьев жигаралда вукIуна, цо ишалъе-мурадалъе гIоло хIаракат гьабулев гIадин. «Каннабисияв» — макьихун, цо бакIалда чIун хутIарав гIадин вукIуна.
— ГIолилазе кутакалда рокьула энергетикал гьекъезе. Гьезул зарал букIунищ? Бегьуларищ гьел гьукъиялъе тадбирал гьаризе?
— «Горилла» ва гьелда релълъарал цогидал энергетикал гIемерисеб мехалда гьекъола спортсменаз – хIалуцараб тренировкаялдаса хадуб черх рукIалиде ккезабизеян абун. Гьезда гъорлъ рукIуна кофеиналъул кIудияб доза ва цогидал жал. Гьебго заманалда, нилъеда лъала, гIолилазул черхалъе гьез кIудияб зарал гьабулеблъи. Амма гьел ричугеян абизе нижер ихтияр букIунаро: гьезулъ чорхое зарал гьабулел жал ругилан абураб лабораториялъ тасдикъ гьабураб кагъат гьечIелъул. Административияб кодексалда буго низам хвезабиялъул хIакъалъулъ хасаб статья. Гьелда рекъон гьукъун буго 18 сон бачIел гIолилазе энергетикалги вейпалги (электронниял сигаретал) ричизе. Гьединаб хиса-баси кодексалда гьабуна исана. Гьел ричулев чиясе административияб тамихIги гьабула.
Энергетикал гьекъарав 5-6 гIолохъанчи больницаялде ккана. Лабораторияб анализ гьабизе чанго моцI бала, гьединлъидал мухIканго абизе кIоларо, гьекъарал жалазул хIасил гьеб кколищали. Амма тIоцересел анализаз щаклъизе тIамулел руго гьелъие гIиллалъун наркотикал рукIиналде. Гьанже гьеб масъалаялде цIикIкIун кIвар кьолеб буго депутатазги. Хьул буго энергетикалги вейпалги гьукъиялъул законалда жеги хиса-басиял гьариялде.
— Дагъистаниязда гьоркьоб тIибитIун буго низам цIунулел идарабаз наркобизнесалъе квербакъулеб бугин абураб пикру. Гьеб битIараб бугищ?
— Гьединал харбал руго. Амма гьеб пикру ритIухъ гьабизе кIоларо. Гьеб рахъалъ ракIбацIцIадго хIалтIула Кавказалъулго низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби. Нилъ руго Дагъистаналда гIумру гьабулел. КигIан бахчизе хIаракат гьабуниги, гьединаб хабар нухмалъиялъухъе щвечIого хутIуларо – гьеб буго нилъер менталитеталъул хаслъи. Наркобизнесалъулгун бухьен гьабиялъул букIунеб хIасилги киназдаго лъала. Гьединлъидал низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби гьеб ишалда гьоркьоре къаларо. Гьеб пишаялде лъугьарав чи ахир-къадги тIатуна ва гьесие кьварараб тамихIги гьабула. Гьелъул хIужабиги цIакъго дагь руго республикаялда. Дун 20 соналъ хIалтIулев вуго наркополициялда. Наркобизнесалъе къайимлъи гьабулев полициялъул хIалтIухъан дида вихьичIо.
— Полициялъул хIалтIухъанас, хъулухъалдаса пайдаги босун, наркотикал тIиритIизаризе кумек гьабиялъул хIужаби ругищ?
— ГIарцухъ намус-яхI бичулев хIалтIухъан камураб идара цониги батиларо. Гьединал тIатинарула ва тамихIалде цIала.
— Щиб гьабизе кколеб наркотиказул балагь тIагIинабизе?
— Киналго цадахъ рекъон хIалтIизе ккола. Хъизамалда, школалда, вузалда бичIчIикьеялъул хIалтIи гIуцIизе ккола. Наркотикал щай тIиритIулел ругел? Гьел росизе къваригIарал чагIи гIемерлъун ругелъул. Щибаб моцIалда нижеца туснахъ гьарула наркодилерал. Гьезул бакIалда рачIуна цIиял. Рокъобги, мажгиталдаги, лъай кьеялъул идарабаздаги – кибго тарбия кьолеб бугони, гьел росизе къваригIарал гIадамалги дагьлъила, наркотикалги республикаялда къанагIалъила.
— Кинаб тамихI гьабулеб наркотик бичарав чиясе?
— Наркотикал ричиялъухъ яги тIиритIизариялъухъ административияб тамихI букIунаро — гIицIго уголовнияб. Наркотик хIалтIизабиялъухъ ва цIуниялъухъ (масала, марихуанаялъул анлъго граммалъухъ) букIине бегьула административияб тамихI: гIакIа бахъи яги хIалтIизе тIами. Гьелдаса цIикIкIараб бугони, гьабула уголовнияб тамихI. Гьеб бараб буго бичараб наркотикалъул къадаралда. Масала, героиналъул гьитIинаб доза бичаралъухъ кьезе бегьула 10 соналъул туснахъ, 50-100 граммалъухъ — 20-25 сон. ГIумруялъго жанив тIамизеги бегьула.
— Кисан рачIунел наркотикал Дагъистаналде?
— Наркотикал хьвадулел нухазда хадуб кидагосеб халкквей букIуна. Аслияб къагIидаялда Россиялъул централиял регионаздаса нилъехъе раччула синтетикиял наркотикал. КъватIисел улкабаздаса къанагIат гурони рачIунаро – лъагIалида жаниб цо хIужа букIине бегьула гьединаб.
Гьел раччула жалго бетIергьанаб машинаялда, поездалда: гьениб балъгояб бакI гьабула наркотикал рахчизе. Нилъер гIадамалги уна Москваялде, Москва областалде, Ростовалде ва гьениса наркотиказул кIудияб партиягун тIадруссуна.
— Дагъистаналдаго наркотикал хIадуриялъул хIужаби ругищ?
— Централияб Россиялда хIадурула мефедрон ва цогидал наркотикал. Нилъер гьанибги букIана мини-лаборатория гIуцIиялъул 2-3 хIужа. Амма гьелъул гIуцIарухъаби ккуна ва гьабсагIаталда жанир тIамунги руго. Ккуна дагьалъ цеве МахIачхъалаялдаса гIолилавги. Мефедрон хIадуриялъул мурадалда гьанжего-гьанже байбихьараб лаборатория бугоан гьесул.
8-10 соналъ цебе Дагъистаналда тIибитIун букIана спайс. Гьеб хIалтIизабиялъухъ уголовнияб тамихIги чIезабун букIинчIо. Ахирал соназда наркотиказул бокьараб тайпаялъухъ уголовнияб тамихI чIезабун буго.
ХIадурана Кавсарат Сулеймановалъ.
