Новость на родном

Бакъвараб гьанги цIураб бакьги

Кьиндалиде магIарулал хIадурлъулеб куц Хасалихълъиялъ къо-лъикI гьабун бахъанин абизе бегьула. Кьиндалил цIорораб квач тIибитIун буго мугIрузде. Хасел тIаде гIунтIулеб букIин бицунеб буго тIабигIаталъ… Гьединаб гIужалъ байбихьула магIарухъ хъвехъари гьабизе. Гьелъул хIакъалъулъ дагьабго бицине ракIалде ккана. РакI гIорцIун бугони, берги гIорцIула Исана хъвехъари дагьаб кватIанин абизе бегьила. Цогидаб бакIалда лъаларо, декабрь щвечIого гьеб байбихьичIо, мисалалъе, Гьонода....

Новость на родном

Тибеталда гIурал, ГIураде щварал

ЧIегIербоцIул нилъее хасиятал, нилъ ругьунал тайпаби ккола гIачи-оцал ва гIодоблъиялда — ганщал. ГIага-шагарго гьебго тайпаялда гъорлъ рехсезе бегьула нилъеда гIемер лъикI лъаларел якалги. Амма гьел руго нилъер республикаялъул мугIрузда рукIине рекъарал, хьихьизе санагIатал хIайванал. Гьелъул (Кашемиралъул, Тибеталъул, Монголиялъул оцинги абула гьелда) тарихияб ватIан ккола Тибет. ГьабсагIаталда дунялалда тIад буго яказул 17 млн бетIер. Гьезул аслияб...

Новость на родном

Къисматалъ вачараб нух къосун ккечIев

Дагьалъ цебе Россиялда кIодо гьабуна Машинаби гьарулезул къо. Гьелъул хIурматалда байрамалъул тадбир тIобитIана Южносухокумск шагьаралда бугеб «Южносухокумский электромеханический завод» («ЮСЭМЗ») абураб АОялдаги. Гьеб завод ккола Совет Союз биххун хадубги хIалтIулеб ва улкаялъул батIи-батIиял шагьаразда ругел заводазулгун бухьенги тIезе течIеб предприятие. Завод цIуниялъе квербакъана гьелъул учредительлъун бугеб «Концерн КЭМЗ» абураб ОАОялъулги «ЮСЭМЗ» абураб АОялъул генералияв директор...

Новость на родном

ВИЧ — сах гьабизе кIолареб унти

Ахираб заманалда Дагъистаналда ВИЧалъ унтаразул къадар тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб буго. Гьелъие бугеб гIилла лъазабизелъун нижеца гара-чIвари гьабуна «Республикаялъул СПИД-централъул» сах гьариялъулгун ВИЧ унти чIезабиялъул отделениялъул нухмалъулей Зумруд ГIабдулмутIалибовалъулгун. — Зумруд, ВИЧ тIибитIиялъул рахъалъ Дагъистаналда жакъа кинаб хIал бугеб? — ТIоцебе Дагъистаналда ВИЧ загьирлъараб 1989 соналдаса нахъе исана октябралде щвезегIан гьеб унти бахун буго 6504 чиясде....

Новость на родном

БежтIаса командир

ГIумруялъго росдал школалда хIалтIарал БежтIаса Шайхов СагIадулагьицаги Халатова Райгьанатицаги, лъикIаб лъайгун тарбияги кьун, гIезаруна жидер васал МухIамад, Арсен ва МахIач. Лъабавго васас лъугIизабуна тIадегIанаб цIалул идара ва хIалтIулел руго лъикIал бакIазда. МухIамадил вас СагIадула гьабсагIаталда гIахьаллъулев вуго Украинаялда тIобитIулеб хасаб рагъулаб операциялда. 2020 соналда СагIадулагьица лъугIизабуна Россиялъул БахIарчи ГIабдухаликъ Къурбановасул цIаралда бугеб БежтIа росдал гьоркьохъеб...

Новость на родном

Васасул ургъалица макьу чӀварай эбел

Араб гьатӀанкъоялда Россиялда кӀодо гьабуна Эбелалъул къо. Гьелъул хӀурматалда «ХӀакъикъаталъул» редакциялде ахӀун рукӀана Украинаялда тӀобитӀулеб хасаб рагъулаб операциялда (СВО) гӀахьаллъулел рагъухъабазул улбул. Рагъухъабазул хъизам ПатӀимат МухӀамадовалъул ункъ­о васги бетӀергьанчиги ккола СВОялъул гӀахьалчагIи. Гьелъ абуна, гьабсагӀаталда бищун гьитӀинав вас ХӀажимурад рокъов вугин (гьев вукӀана армиялда борч тӀубалаго, Курск областалъул гӀорхъода). «Гъор­кьиса Курск областалда рагъулал лъугьа-бахъинал ккелалде...

Новость на родном

Херлъиялъе мукIурлъичIев магIарулав

Ноябралъул байбихьуда Югалъулаб Кореялъул Ульсан шагьаралда букIана чIорбутI речIчIиялъул Дунялалъул кубок. «Корейская мишень, 145 м» абураб номинациялда гьениб меседил медалалъе мустахIикълъана Шамил районалъул ТIелекь росулъа МухIамадгIарип Мирзаев. 400 спортсменасда гьоркьоса чемпионлъун вахъарав гьевгун гьал къоязда дандчIвана «ХIакъикъаталъул» редакция. МухIамадгIарипида ракI-ракIалъ бергьенлъиги баркун, гьесулгун гьадинаб гара-чIвариги ккана. — МухIамадгIарип, кида байбихьараб дуца чIорбутI речIчIизе? — ЧIорбутI...

Новость на родном

Мурад — халкъалъул гIумру лъикIлъизаби

Щибаб санайил, лъагIел ахиралде щолеб заманалда, нижеца хIаракат бахъула районазул нухмалъулелгун дандчIвазе, гара-чIвариял гьаризе. Аслияб мурадги — лъагIалида жанир гьарурал лъикIал ишазул, гьаричIого хутIаразул бицин. Гьаб нухалда ниж дандчIвана ГIахьвахъ районалъул нухмалъулев МухIамад МуртазагIалиевгун. — МухIамад, ГIахьвахъ район ккола ракьалъул гIатIилъиялъул рахъалъ республикаялда бищун гьитIиназул цояб. Гьелда рекъон, районалда церечIарал масъалабиги гIемер ратилароха. — ДРялъул...

Новость на родном

Энергетикаялъул генерал

Жакъа цебе чIезабизецин захIмат буго ток гьечIеб гIумру. Цебейин абуни къаси мехалда росаби рукIунаан бецIлъиялъ ханлъи гьабун, бадиб жо тунканиги, щибго бихьулареб куцалда. КIудияб къваригIел ккани гурони, руччаби къватIире рахъунароан, рахъине ккани, канлъи бихьиялъе гьезухъ букIунаан я бакараб кан яги тIилада бухьараб туртида бакараб цIа. ЦIер къачIел нартил чирахъазул загIипаб канлъуца тIуран мадугьалихъ ругел росабазул...

Новость на родном

Нус-нус чиясул гIумру хвасар гьабурав

2022 соналдаса нахъе тIобитIулеб буго хасаб рагъулаб операция. Гьениб бахIарчилъи бихьизабулеб буго нилъер гIолохъабазги. Квач-хинлъи, ракъи-къеч ва цогидал багьанаби цIехечIого, ватIан цIуниялъул борч ракIбацIцIадго тIубазабулеб буго гьез. Амма рагъдаса рикIкIада ругел нилъер гIемерисезда бичIчIулебцин гьечIо, кинаб хIалуцараб хIал гьениб бугебали. Гьединлъидал нижеда ракIалде ккана, хасаб рагъулаб операциялъул цебесеб кьерда ругел нилъер ракьцоязулгун бухьенги гьабун, гьенир...